МагъчIваялъе рес

«Хъахlаб рокъоб» хIукму гьабуна, ХIусен хIалтIудаса ана


 Магьдиев ХIусен
Магьдиев ХIусен

«ЦIунтIа мухъ» муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулев Магьдиев ХIусен хIалтIудаса гIодов чIана ва гьеб иш ккана Дагъистаналъул президентасул ишал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазанилгун дандчIвай ккун хадуб.

Гьенибго бицухъе, ЦIунтIа мухъалъе заманаялъ нухмалъи гьабизе тIадкъан рагIула МухIамадинов Пахрудинида. Гьев ккола Магьдиев ХIусенилго росулъа, Москваялда гIумру гьабун вукIарав юрист.

«ЦIунтIа мухъ» муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасул ишал тIадкъарав Пахрудин ккола жиндир рахъалдасан лъикIаб гурони хабарги рагIичIев, махщел камилав юрист ва Москваялда жанисел ишазул идарабазда хIалтIулев вукIарав чи. Гьев кколаро цо кинаб бугониги яги лъил бугониги къукъаялде гъорлъе унев чилъун ва абизе ккола хIакимлъиялъе гIоло гьарулел чорокал хIаяздаса рикIкIад чIарав чиги кколин гьевилан», - абун хъвалеб буго Дагъистаналъул нухмалъулесул пресс-хъулухъалъул сайталда.

Магьдиев ХIусеницайин абуни кIиго болжалалъ нухмалъи гьабуна ЦIунтIа мухъалъе. Ахирисеб нухалда гьев рехсараб мухъалъул нухмалъулевлъун вищун вукIана 2009 соналъ, халкъалъул 48 процент гьаркьазулги щун.

ЦIунтIа мухъалдаса цо-цо гIадамазулгун ккараб гара-чIвариялдасан баянлъана Магьдиев ХIусен гIезегIан хIалтIиги гьабулев, гьебги лъалев чи вукIараблъи. Амма гьабичIого тарал хIалтIабиги ва гьебго заманалда гIезегIан гIунгутIабиги гьесулги рукIанила. Хасго ЦIунтIа мухъалда захIматаб хIал букIанила изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къадар гьениб цIикIкIунеб букIиналъ.

Араб анкьалда Дагъистаналъул президентасул ишал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазанилгун гара-чIвариги ккун хадуб, «ХъахIаб рокъоса» къватIиве вачIарав Магьдиев ХIусен цIакъ рахIатхун вукIанин бицана цIар рехсезе разилъичIев чияс. Амма живго Магьдиев ХIусеница бицухъе, гьениб рахIатхвезе ккараб жо букIун рагIуларо ва президентасул ишал тIуразарулес жинда абунила лъабабилебги болжалалъ мухъалъул нухмалъулев тасдикъ гьавулеб къагIидаялдаса инкар гьабизе бугин. Гьесул рагIабазда живги разилъанин бицана Магьдиев ХIусеница.

Магьдиев ХIусен: «Дицаги абуна мун вугин президент, дуца гьедин рикIкIунеб батани дун разиявги вугин дуца абураб гьабизе ва нухмалъиялъулаб хъулухъалде кандидатураги лъезе гьечIин».

Цо-цо экспертаз рикIкIунеб буго президентас хIалтIудаса рахъарал оппозициялде инеги рес бугилан. Амма гьеб гьадингояб хабар бугин бицана Магьдиев ХIусеница.

Магьдиев ХIусен: «Щай дун оппозициялде ине кколев? Гьев вуго нилъер мухъалъул чи ва кIвараб кумек гьабизе хIадургоги вуго. Дуе бокьани, дуца къабул гьабуни, цогидаб хIалтIи кьезе бугинги абуна президентас дида. Гьединго абуна, ЦIунтIа мухъалдаса министерлъабаздагун тIадегIанал идарабазда чиги гьечIила, дуеги цевехун ине заман щун бугилан. Дицаги абуна дида тIаде босизе кIолареб гьир тIаде босизеги гьечIин, махщалил рахъалъ дун нухазул хIал лъалев чиги вугин, гьеб бутIаялда хъулухъ кьуни, гьеб хIалтIи гьабизе хIадуравги вугин. КьечIони, Аллагь разилъагийин. Аллагьасул хIукму гьечIого щибго жо лъугьунарелъулха».

ЦIунтIа мухъалъул нухмалъулесул ишал тIуразаризе тIадкъарав МахIмадинов Пахрудинил рахъалъан лъидаго щибго абизе кIолеб гьечIо. Амма гьаб ахираб заманалда Ц1унт1а мухъалда ахIвал-хIал парахатаблъунги бук1анин ва Магьдиев Х1усен хъулухъалдаса гIодов тейги, президентас лъазабухъе, цIиял чагIи хIакимлъиялде тIамулеб политика билълъанхъизаби кколин рикIкIунеб буго чияда рачIел экспертаз.

XS
SM
MD
LG