МагъчIваялъе рес

Полициялъ жеги риччачIо ккурал харачlисел


Шамилхъалаялъул полициялдаса жеги къватIире риччан гьечIо чанго къоялъ цере гьенире рачун арал Унсоколо мухъалъул ХарачIи росдал бегавулги, школалъул директорги, мажгиталъул дибирги.

Гьел къватIире риччаян полициялде цере ракIарун рукIана ХарачIиса гIадамалги. Гьелдаса хадур риччан гьезул анцIгоял. Жанир чIезарун руго жеги щугоял.

Гьеб хIужаялъе гIиллалъун ккун буго рузман-какдаса хадур мажгиталда цебе къанун цIунулездехун граната рехи.

ГьабсагIаталда ХарачIи росу сверун ккун буго аскарияз. Гьенире жанире рачIинеги, къватIире инеги захIмат буго. ХIалтIулеб гьечIо телефоналъул бухьенги. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул бицине разилъана Шамилхъалаялда гIумру гьабулев ХарачIиса МухIамад абулев чи.

ХарачIиса МухIамад: «Росдал бегавуласищ абурабали аскариязда гьаб ахIи-хIур гьабугейин гьаниб… Дунги дова вукIинчIо, росуцояз бицунеб рагIараб жо буго… Мажгит сверун ккун батун буго рузманалдаса рахъун рачIунел чагIазда. Цинги цо-цо ккун цIаралги цIехон риччалел рукIун руго къватIире. Гьеб бакIалда аскариязулгун кIалъай ккараб къагIидаха, рачун ун руго бегавулги, гьеб киналъулго хIакъалъулъ мажгиталъул микрофоналдасан къватIибе кьолев вукIарав дибирги, будунги, мугIалимги. Кьвагьа-гIанхъигийищ ккарабалиха… Гьедин рачун ун рукIана киналго. Гьанже щуго чи хутIун рагIулаха жанив».

ЭР: «Граната рехиялъулги рагIун букIана дида».

ХарачIиса МухIамад: «Лъица гьеб рехарабали лъалеб гьечIоха жеги».

ЭР: «Мажгит щай сверун ккун букIараб?»

ХарачIиса МухIамад: «Пуланав чи вукIараб куц бугоха гьенив жанив. Гьев щай кколевин абун батилаха жамагIатчагIазги. Амма гьеб бакIалъа лъутун ворчIун вуго дов чи. Руччабиги лъималги ругеб бакIалда гьединал жал щай гьарулелин данде кIалъайдал ун ратилаха бегавулги цогидалги рачун. Яги халкъ данде тIамизе гьарулел жалищ аскариязул гьел рукIаралали».

Росулъе жанире рачIинеги къватIире инеги захIмат букIиналъе нугIлъи гьабулеб буго гьес.

ХарачIиса МухIамад: «Кьодасанго постги лъун росулъе жаниреги къватIиреги риччалел гьечIо… Гьаб жо хIапу-чапур бугоха, халкъалъе гьабулеб зулмуйищ гьаб кколебали».

Ахираб заманалда Унсоколо мухъалъул гIадамазул гIарз буго рохьаллъл рахчун чIарал хъачагъал ралагьизеян аскрияз рохьал рухIулел ругилан.

Гьелда тIасан ЭР-ялъе баян кьолаго, тIабигIат цIуниялъул прокурор ГIали НурмухIамадовас абуна жинда Унсоколо бугеб ахIвал-хIал лъаларила, щайин абуни жив гьабсагIаталда заманаялъ хIалхьиялда вугила. Амма гьединал хIужаби кколила Дагъистаналда.

ГIали НурмухIамадов: «Хъачагъазе гIоло рухIулин рохьалилан абизе дида кIоларо. Амма хасал операциязул заманалда кьвагьарал жалаз цIаял ккечIого хутIуларо гьенир. Масала Сергохъала мухъалда рукIана гьединал хIужаби».

Дагьалъ цебе Унсокло мухъалъул Мокъсохъ росдада гIагарлъухъ БТРаздаса кьвагьдон бухIун букIана махил гъутIби ругеб рохьил рацIцIалъиги. Гьеб тасдикъ гьабун букIана рохьил магIишаталъул комитеталъул нухмалъулев ГIалибег ХIажиевасги.

ПалхIасил, ХарачIи росдааде тIадруссани, гьанжегIагар низам цIунулезда гьениб батун букIун буго кьвагьизе хIадурараб алатги, атоматалги, тунчулги, цогидабги. Жиго ноябрь моцI байбихьаралдаса республикаялда ахIвал-хIалги хIалуцанин абулеб буго жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз.

XS
SM
MD
LG