МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда ккун вуго 50 гIанасев чи


Адвокат мусаев мурадил рахъ ккураб митинг, Махlачхъала, 29 ноябрь 2013
Адвокат мусаев мурадил рахъ ккураб митинг, Махlачхъала, 29 ноябрь 2013

Дагъистаналда низам цIунулез ккун вуго 50 гIанасев чи. Цо-цо баяназда рекъон, гьел рукIун руго 29 ноябралда МахIачхъалаялда Мосвкаялдаса адвокат Мусав Мурадил рахъккун тIобитараб митингалъул гIахьалчагIи. Амма низам цIунулез гьел кквеялъе бугеб гIилла баян гьабун гьечIо. Полициялъулаз вачун ун вукIаразул цояв нахъе виччан вуго.

Байбихьуда информ.алатаз кьураб баяналда абулеб букIана Кавказ Узел сайталъул мухбир ХIажиев ХIасан абурав гIолохъанчи вачун ун вугин полициялъулазилан. Рокъоре жаниреги рачIун вачун ун вуго гьев низам цIунулел хIалтIухъабаз. Гьелда цебе цин гьесул рокъоб чIухь бан буго. Видеокамераялде, суратал рахъулеб алаталде, гьесул хIалтIул хвъай-хъвагIаял гьарулеб даптарладе гIунтун гьез хал гьабичIеб жо течIилан бицунеб бугоан ХIажиев ХIасанил хъизан Зайнабица.

Бищунго полициялъул кIвар буссинабураб хIажалъун кккун рагIула Такиуддина ан-Набохонил "Система ислама» абураб тIехь гьесул рокъоб бати. РакIалде щвезабила, гьеб тIехь экстремизмалъулаб литература хIисабалда цогидалги гьединалго магIнаялъул тIахьазул сияхIалда бугеб тIехь кколеблъи. Гьединаб хIукму къотIана 2007 соналъ Башкиразул республикаялъул диванханаялъ.

Нахъаде лъана ХIажиев ХIасанго гIадин жеги чанго чи рачун ун рукIин низам цIунулез. МахIачахъалаялдаса ГьитIинамухIамадов ГьитIинав, ГIалиев ХIабибги цогидалги. Гьел рачун ун рукIиналъул информалатазе бицана гьел кIиязулго гIага-божараз. Гьел киналго ккола 29 ноябралъ МахIачахъалаялда Журналистазул рукъалда цебе Москвалда вугев адвокат Мусаев Мурадил рахъккун тIобитIараб митингалъул гIахьалчагIи.

Кинавниги ккун вугин 50 ниги чиян бицана Эркенлъиялъе «Россиялъул конгресс» абураб гIуцIиялъул тIадегIанаб шураялъул вакил Абакаров Абакарица, гьеб митинг тIобитIиялъе квербакъарав чи ккола гьев. Полициялъ рачун арал гIадамазул цоцазулгун кинабниги гьоркьоблъи я хIалтIулъ, я хIаракатчилъиялъулъ гьечIилан абулеб буго Абакарица. Гьел кколин батIи-батIиял чагIи. Щиб сабаблъун гьел ккун аралалиги лъалеб гьечIин, гьелъие гIилла баян гьабулев чиги гьечIин. Амма кингоги Абакарица рикIкIунеб Полициялъулаз гьел рачун иналъе гIилла Мусаевасул рахъккун тIобитIараб митинг букIиналда:

Абакаров Абакар: «Щиб кинали гьикъизе чицин щолев гьечIо. Дир хьул буго дагьаб хадусангIаги кинаб бугониги баян бачIинин къватIибейилан. Гьенир ккун аразда гьоркьор руго цо-цо дида лъалел хъвалелги, хутIарал киналго щалали дидагоцин лъаларо битIараб бицани.

Кинал суал гьезие кьолел рукIарал, щиб гьезда низам цIунулез бицарабали гьелда рекъон лъазе рес буго гьел рачун иналъе гIилла. Дидагони ккола гьеб митинг сабаблъун гьабураб жо букIиналда, щайгурелъул ахираб заманалда гьединаб тайпаялъул данделъи тIобитIун букIинчIелъул МахIачхъалаялда».

Гьоркьоб заман индал лъана полициялъулаз вачун ун вукIарзул цояв къватIиве виччан вукIин. Гьев ккола МахIачхъалаялдаса ХIамидов Руслан. «Эркенлъи» радиоялъе рес щвана гьесулугун бухьен гьабизе:

ХIамидов Руслан: «Цо кинабалиго литератураялъул бугоан гьез чIечIого цIехолеб, дица абунаха гьалейин дир рокъор ругел тIахьалилан. Гьезухъги балагьун жидехъго ругел сияхIазда дандеги ккун хал гьабуна гьез гьелъул. Хадуб абуна жида цадахъ вилъине колилан. Гьез дун вачана УБОпалъул анлъабилеб бутIаялде. Гьавги дол цояздаго аскIове спорталъул тадбирал тIоритIулеб рокъове вачине кколилан аублеб раг1ана цояс, амма дун вачун вачIарас абуна, кIваричIин, дирго кабинеталдеги вачун цIех-рех гьабилан гьасулилан.

Дун вачана кIиабилеб тIалаялде. Гьениб чанго батIиб суал кьуна дие, щай митингалде ун вукIарав, киназул рахъалда мун вугев абун, салафиявиш, суфиявищали гьикъулеб мех букIун батилаха гьезул гьеб. Гьелдаса хадуб рокъове виччана. Цин цогидалги жанир ругеб бакIалде витIизехъин вукIана, амма дагьаб хадуб гьелги рокъое риччазе ругин гьавги виччазе бегьулин абулеб рагIана гьез цоцазда. Амма жеги гьезул цониги чи къватIив виччанилан рагIичIоха».

ХутIаразул хIакъикъат кинаб ккарабали баян щвечIо нижехъе. ЦохIо МахIачхъалаялдаса гурелги полициялъулаз ккун руго жеги Гъизляралдасаги анлъго чи. Гьел ккола ГIумаров ГIумар, МухIамадов Билал, Закарьяев Заур, Закарьяев Тимур, ГIибаданов Расим, ХIасанов Мурад. ХIакъикъаталдаги митингалъул гIахьалчагIи хIисабалда ккурал чагIйищ гьел, яги цогидаб гIиллайищ букIарабали чIванкъотIун лъалеб гьечIилан абулеб буго тIадехун рехсарав Абакарица. Гъизляралдаса анлъго чи ккун ун вукIиналъул баян тасдикъ гьабулеб буго фейсбук сайталда блогераз тараб хъвай-хъвагIаялдаги.

XS
SM
MD
LG