МагъчIваялъе рес

Нахъеги хасал операциял


Dagestan / military operation
Dagestan / military operation

Хамиз къоялъ Дагъистаналъул Унсоколо, Гъизляр ва Хасавюрт мухъазда цадахъгогIадин унел рукIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразде данде хасал операциял. Республикаялъул оперативияб штабалъ ва жанисел ишазул идараялъги инкар гьабулеб букIана гьезда сверун баянал кьезе. ГIицIго лъазабулеб буго кIиябго рахъалдаса камиялги лъукъаралги ругин.

ТIоцебесеб операциялде низам цIунулез байбихьана арбагI къоялъго. Информациялъул алатаз кьурал баяназда рекъон 12 сентябралда къаси сагIат микьго тIубан хадуб Унсоколо мухъалъул Балахьуни росулъ оперативиялгун цIех- рехалъулал тадбирал тIоритIулаго росдал рагIалда, рехун тараб рокъор рахчун рукIарал изну гьечIого яргъид гIуцIаразул лъабгоясдаги, низам цIунелездаги гьоркьоб ккун руго рагъулал тунка- гIусиял. Гьелъул хIасилалда полициялъул цо хIалтIухъан лъукъун вуго. Рогьунеб мех тIаде щвезегIан низам цIунулез сверун ккун буго гьеб рукъ.

Жанисел ишазул министерлъиялъ кьурал баяназда рекъон гьеб рукъ кколеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьов вугев ХIажиев Шамилил. «Кавказ Узел» информациялъул сайталъ лъазабулеб буго Унсоколо мухъалъул Майданское ва Балахьуни росдада аскIоб контртерроралъулаб режим лъазабун бугилан. Гьенир гIумру гьабун ругез бицаралда рекъон низам цIунулезул кIигояв лъукъун вуго, сверун ккураб рокъор рукIарал лъабгоял киналго чIван руго, гьездаго цадахъ тIадехун бицен гьабурав ХIажиев Шамилги.

Дагъистаналда бугеб оперативияб штабалъ инкар гьабулеб буго Унсоколо мухъалда хасаб операция тIобитIулеб бугилан абураб баяналдаса. Гьединго республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс -хъулухъалъги абуна кинаб букIаниги хасаб операция тIобитIулеб гьечIин гьенибилан. Амма МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев Балахьуниса полициялъул хIалтIухъан Шамилица бицана росулъа жиндихъе гьадин ахIун бачIанилан:

Балахьуниса Шамил: «Дихъе ахIун бачIараб мех букIана арбагI къоялъул маркIачIудаса хадуб заман. Щибин бугеб батIияб хабарин гьикъидал кьвагьа -гIанхъиял унел ругин росулъ жидеда лъалеб жоги гьечIин кибехун шиб бугебали. Дагьаб цебегIан ахIидал бицана сверун ккун букIараб рокъор рахчун рукIарал рохьилазул лъабгоял чIванин тIокIаб росулъа чиясе щибниги заралги ккечIилан. Полициялъул хIалтIухъабиги нахъе ун руго росулъа».

Низам ц1унулел идарабаздасан нижехъе щварал ва мухIканал гурел баяназда рекъон, Балахьуни росулъ хасаб операция т1обит1улаго кьвагьулеб бук1ун буго ч1обогояб рукъалде ва гьенив щивго ч1ван гьеч1о.

Хамиз къоялъ хасаб опреция тIобитIулеб букIана гьединго Хасавюрт мухъалъул «ЦIияб Сасикь» росулъги. Жиндир цIар бицине разилъичIев чияс информациялъул алатазе кьураб баяналда рекъон росулъе чанго рагъулаб техникагун, гьаваялдасан рагъулал истребителалги роржине байбихьанин бицун буго гьес. Киналго гIадамал щиб лъугьунеб бугебали бичIчIуларого ругин, риха -хочун къватIире рахъун, росулъа къватIире унел нухалги къан ругин абулеб буго гьеб баяналда. ТIадеги мухIканал баянал ЭР-ялъе швечIо гьенисан.

Гьебго къоялъ къалъул гIужалда гьединго контртерроралъулаб режим лъазабун букIана Дагъистаналъул Гъизляр мухъалдаги. Шаумяны абураб росдада аскIор къуваталъул идрабаз сверун ккун буго ункъо чиясдасан яргъид гIуцIараб къукъа. КIиябго рахъалдаса гьенир яргъид гIуцIаразул цо чи чIван аскариязул цо чи лъукъун вуго. Ахирисел баяназда рекъон терроралъулаб режим халат бахъунеб буго гьениб жеги.
XS
SM
MD
LG