МагъчIваялъе рес

Сугъралъ хасаб операция тIобитIана


Сугъралъ росу
Сугъралъ росу

Жакъа радал Гъуниб мухъалъул Сугъралъ росулъ байбихьана хасаб рагъулаб операция. ГIатIидго гьелъул бицунеб буго нижер мухбир Ражабов Рамазаница.

Терроралда данде чIараб комитеталъул лъазабиялда рекъон, жакъа радал Гъуниб мухъалъул Сугъралъ росулъ байбихьана хасаб операция. Цо рокъор сверун ккун рукIана ункъо чи, кIиго чIужугIадан ва кIиго бихьинчи. Гара-чIвариязул хIасилалда руччаби къватIире рачIана, амма кIиявго бихьинчияс рокъоса дандечIей гьабуна. Нижеца бухьен гьабуна росулъа чагIазулгун. Багъдада абурай чIужугIаданалъ гьадин бицана:

Багъдада: «БухIулеб буго рукъ, кIудияб цIа-кIкIуй буго. Нижер гьанир Сугъралъ цоцада цун руго рукъзал, хIинкъи буго цоги рукъзабазде гьеб цIа бачIиналъул. ЦIакъ гIемер кьвагьа-гIанхъи букIана, гранатаязул, автоматазул кьвагьиял рукIана, ниж гIадамал гьенир аскIоре риччалел рукIинчIо. Радал сагIат анлъгоялдаго полициялъул хIалтIухъаби рачIана гьанире, гьезда мухIканго лъалеб букIун бугоха дол чагIи ругеб бакI. ЧIвана кIиго гIолохъанчи. Цадахъ рукIарал руччаби къватIире риччана, цоялъул кодоб моцI бараб лъимерги букIана. Гьел кIиялго васал цоцае вацгIалзаби ккола. Цоясда цIар буго ХIажигIумаров Сулайман, цогидасда – ХIабибов ХIажимурад».

ХIинкъи гьечIолъиялъул идараялъул лъазабиялда рекъон, рехсарал гIолилал цереккун киналгIаги такъсиразулъ гIахьаллъиялда хурхун жеги мухIканал баянал гьечIо. Росуцояздаги мухIканго абизе кIолеб гьечIо хасаб операция тIобитIиялъе кинаб гIилла букIараб, амма мухIкан гьабулеб буго росдал администрациялъул бетIерас ярагъ гIодоб лъун къватIире рачIаян гьарарабго гьез инкар гьабунилан.

XS
SM
MD
LG