МагъчIваялъе рес

Б.Шейхов: «Щибниги лъикIаб жо дида гьениб батичIо» (видео)


Буйнахъскалда хасаб операциялъул заманаялда, 20Aвг2013
Буйнахъскалда хасаб операциялъул заманаялда, 20Aвг2013

Буйнахъскалда чIван вуго цо ва лъукъун вуго цойги аскарияв. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Талат къоялда гьебго шагьаралда тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда хваразул къадар, мухIкан гьарурал баяназда рекъон, бахунеб буго ичIго чиясде ва гьездаго гьоркьов рагIула яргъидгIуцIаразул лидерин абулев вукIарав Шейхов Бамматханги.

Низам цIунулез Буйнаскиялда сверун ккураб минаялъув жанив живго Бамматхан вахчун вукIин жалго низам цIунулездаги лъан буго хасаб операция тIобитIулеб заманалда. Буйнаскс мухълда ругел изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул нухмалъулев хIисабалда гуревги Бамматхан машгьурлъун вукIанин бидулав диванчи хIисабалдагиян хъвалеб буго информ.алатаз.

Бамматханица нухмалъи гьабулеб къукъаялъ тIад ханлъи гьабун букIанин тIолабго Буйнакск мухъалда рукIарал бизнесчагIаздагун хIакизабазда тIад квер лъун букIанин гьесилан хъвлеб буго баянлда. Гьединго гьесул нухмалъиялда гъоркь гьарурал чанго бакIал такъсиразул сияхIги рехсолеб буго гьениб. Мисалалъе 2010 соналъул сентябаралда «Дивное» абураб рагъулаб полигоналда гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда хун вукIана лъабго солдат, 30 гIанасев солдат.

Буйнаксиялад тIобитIараб хасаб оперция байбихьун букIана августалъул къоабилеб къоялъул радалго. Къалъуда гIадин лъугIараб хасаб операциялъул хIасилалда 5 изну гьечIого яргъид гуцIаразулав чIван вугилан кьураб баян Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ кьураб баяналда. АрбагI къоялъ цIидасан кьураб баяналда хъалеб буго хасаб оперциялъул кинавниги ичIго изну гьечIого яргъид гIуцIаразулав чIванилан.

Терроралда дандечIараб миллияб комитеталъул сайталда гьеб баян мухIкан гьабулеб буго, амма цIохIо изну гьечIого яргъид гIуцIаразул нухмалъулев Бамматхан Шейховасул гурони цогидал чIварал щал кколелали баян гьабулеб гьечIо гьениб.

Бамматхан Шейхов ккола лъарагI миллаталъул чи, гьесул букIун буго 49 сон.

Кин живго тIоцеве рохьилазда гьоркьове карав, кинаб гIумру гьениб букIараб, кин живго кверде вачIаравли рагIа-ракьанде щун бицараб гара-чIвари буго гьес «Черновик» газеталъе 2008 соналъ кьураб. 2004 соналъ хъизангун Москваялдаса Дагъистаналде гочарав гьесие гIакъуба кьезе байбихьун буго полициялъ, гIилла гьес мегеж тун букIин. Гьедин чанго нухалъ полициялде нахъе вачIин чIалгIарав гьес абун буго гьезда нужеца жив гьедин течIони живн ине вугин рохьовеян. Чанго къоялдаса гьесухъе рокъоре рачIарал, рохьилазда гьоркьо ругел гесул лъалел-хъвалезул кIиго чияс абун буго гьесда дуе бугин кIиго нух, ялъуни мун жидеда цадахъ рохьове вилълъине кколин, ялъуни мун тIагIинавизе вугина, гьес тIасабищула тIоцебесеб.

Рохьоб жидерго букIараб ахIвал-хIалалъул хIакалъулъ гьадин бицунеб буго гьес жиндиргго гара-чIвариялда:

Бамматхан Шейхов: «Щибниги лъикIаб жо дида гьениб батичIо. ТIоцебесеб соналъ хасало ниж рукIана щибниги хинлъи чIезабиялъе шартIалги гьечIого. ГIемерисеб заман унаан ракьулъ жанир ругел мархьабахъ регун. Къуват лъугIулеб букIин бихьидал яхI гьабизе кIвечIого ниж кваназе жоялда хадур унаан базаралде, нижго чIвазе рукин лъалеб букIаниги, нижее батIияб рес букIинчIо. ГIарацги нижер букIинчIо кисаниги бачIунеб гьеб нижецаго балагьизе кколаан, ялъуни нижеда гъорлъе вачIарав цIияв чиясухъа босулаан гьеб».

Гьелдаса хадув гьев ккун вуго Генуб росулъе. Гьениб 2008 соналъ Контр терроралъулаб режим унеб мехалъ Сулейманов абулев чиясул рокъов вахчун вукIарав гьесда абула кверде вачIаян. ТIоцеве гьев разилъун гьечIо. Амма доб мехалъ Жанисел ишазул министрлъун вукIарав МухIмадтIагьиров ГIадилгерейица жинца жаваб кьолин дурилан абураб мехалъ разилъун вуго гьев. Гьелдаса хадув цIех-рехалъул изоляторалъув жанив вукIаго кьураб гара-чIвари буго гьесул гьеб Черновикалъе. Щайха гьанже мун гьаз нахъе виччаларев, гьазул хIинкъийщ бугеб мун нахъойги рохьове инилан кьураб суалалъе гьадин жаваб кьолеб буго Бамматхановас

Бамматхан Шейхов: «Гьезул щакдараби руго щибниги кьучI гьечIел. Дун рохьове тIад кин вуссинев кинабго захIмалъиги къулчIун гьениса къватIиве ворчIизе кIвараб мехалъ. Дир хъизаналда цохIо дун гурони бихьинчи хутIун гьечIо. Парахат хъизаналде аскIове тIад вуссине кIолеб ресалдаса пайда босичIого дица телищ».

Бамматханида тIад гьабулеб диваналъул процесс халат бахъун буго чанго моцIалъ. 2008 соналъул декабралда гьев эркен гьавула. Амма къуваталъул идарабаз лъикIалан заманалъ бахчун буго гьев гьоркьоб заман иналде нахъойги рохьове тIадвуссаравлъи.

XS
SM
MD
LG