МагъчIваялъе рес

«ХIизб-ут-ТахIририщ» цоги хIаялищ?


Адвокат Мусаев Мурадил рахъ ккураб митингалда рукlарал игlланал, Махlачхъала, 29Ноя2013
Адвокат Мусаев Мурадил рахъ ккураб митингалда рукlарал игlланал, Махlачхъала, 29Ноя2013

Дагъистаналда цо къоялда жанив полициялъ ккун вуго 52 чи. Къуватал идарабаз лъазабулеб буго гьел ругин Россиялда гьукъараб ХIизб-ут-ТахIрир абураб экстремистияб гIуцIиялъул чагIийин. Жалго ккураз абулеб буго рехсараб гIуцIиялъулгун жидер бухьен гьечIин, кквеялъе гIилла бугин Москваялдаса адвокат Мусаев Мурадил рахъ ккураб митингалда жал гIахьаллъийин.

Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго Федералияб хIинкъи гьечIолъиялъул идараялъгун цадахъгьабураб спецоперациялъул хIасилалда МахIачхъалаялда тIатинабун бугин ХIизбу ТахIрир абураб халкъазда гьоркьосебэкстремистияб идараялъул бутIа ва гьезул 52 чи ккун вугин.

Гьезул лъабгоясда гIайиб гIунтIизабун буго, хутIаразул цIех-рех гьабулеб буго, щаклъи буго гьел Шималияб Кавказалда такъсириял ишал гьариялъе хIадурлъулел рукIиналда абун лъазабулеб буго Дагъистаналъул прокуратураялъ. Гьел ккола Рамазанов Шамиль, Никифоров ГIумар ва ГIумаров Шамиль. Гьев лъабгояс Дагъистаналда рехсараб экстремистияб идараги гIуцIун, Россиялъул хIукумат тIаса реххизе ва Конституционнияб гIуцIиялда дандечIей гьабизе хIадурлъи гьабулеб букIун буго абун лъазабулеб буго прокуратураялъ. Гьединго бицунеб буго ккун вугин рехсараб идараялъул халкъазда гьоркьосев эмиссар Шералиев Казимжан.

МахIачхъалаялъул 47 батIи-батIияб рокъоб чIухь балаго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда батун буго кIиго граната, электрошокерал, экстремистазул литература. Цо рокъоб батун буго кьвагьулеб алаталда релълъараб тIагIел абун лъазабулеб буго Жанисел ишазул министерлъиялъул сайталда.

Амма жалго ккуразул рагIабазда рекъон, кинабгIаги экстремистияб гIуцIиялда гъорлъ гIахьаллъичIо ва гьеб полициялъул тIадецуй гьез рикIкIунеб буго цебеккун букIараб, адвокатасул рахъ ккураб митингалъул хIасил. «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна доб къоялъ ккуразул цояв ХIажиев ХIасанилгун. Гьесул рагIабазда рекъон, сурав босулаго цIех-рехчагIаз хIаракат бахъулеб букIана ургъун бахъараб гIайиб тIадкъазе.


ХIажиев ХIасан: «ГIемерал суалал кьолел рукIана дун экстремистияб гIуцIиялда гъорлъ вугилан абураб рагIи дихъан цIаялъул мурадалда, хIатта дун киданиги гьединаб бакIалда вукIинчIо. Суалал рукIана дица кинаб жаваб кьуниги дун такъсирчи вугилан чIезабизе гьезие нух кьолел. Гьединлъидал дица 5I статьяялъ дие вуцIцIун чIезе бугеб ихтияралдаса пайдаги босун жаваб кьечIого тана гIемерисел суалал. Гьикъулеб букIана дида киданиги рихьичIел ва рагIичIел чагIазул хIакъалъулъ. Ахиралда гIайиб гIунтIизабурав лъабгоясул кIигояв лъала дида, диргун гьезул лъикIал гьоркьорлъаби руго, лъала гьел киналниги къануналда данде чIарал ишазулъ гIахьаллъичIелъи.

Гьезда гIунтIизабулеб такъсиралъулъги гьел гIайибиял гьечIеллъи ракIчIун лъала дида, щайгурелъул кьвагьулел алатал гьезул рокъоре реххун руго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. Гьедин букIиналъе нугIлъи гьабулеб буго ккуразул гIагарлъиялъги. Абулеб букIана ккурал кIалагъоркье регизеги гьарун, гьезул кверазда кьвагьулеб жо бахъулеб букIанин, гьел жанир тIамизе жидеего далилал рукIиналъул мурадалда».

Полициялъул ахирал тадбирал адвокат Мурад Мусаевасул рахъ ккураб митингалда бухьинабулеб буго гьеб митинг гIуцIаразул цояв, жамгIияв хIаракатчи Абакаров Абакарицаги. Гьесул рагIабазда рекъон, полициялъ ккуралщинал чагIи руго батIи-батIияб мухъалдаса, батIи-батIияб гIумруялъул, миллаталъул ва пишаялъул гIадамал. Гьел данде гьарулеб жо цохIо гьеб митинг гурони гьечIо.

Абакар Абакаров: «БитIараб бицани, щиб жо кколеб ХIизбу ТахIрир дида лъикI лъаларо, гьадинго гIаммаб информация бугони гурони. Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде гьенив 50-гоялдаса цIикIкIун чи ккун вуго ва гьезул гIемерисел руго митингалда гIахьаллъарал. Ккун руго гьединго гьенир цере рахъун рукIарал гIолохъабиги. Балагьараб мехалъ гьеб митинг кколеб буго гьел киналго данде гьарулеб хIужа. Щайха гьеб митингалъ къуваталъул идарабазул гьедигIанго рахIат хвезабун бугеб? Нижеца митингалъул хIасилазда гъорлъ рехсон буго гIагараб заманалда Москваялда митинг тIобитIизе бугин. Гьениб нижеца тIалаб гьабизе буго кавказиязда данде чIараб политикаялдаса инкар гьаби, кавказалъулазда данде къуваталъул идарабаз ургъунго гьабулеб тIадецуй чIезаби. Дир хIисабалда Москваялда гьабизе бугеб митингалъ рахIат хвезабун буго тIалъиялъул ва къуваталъул идарабаз гIадамал кквеялъе гIиллаги гьеб буго».

ГьабсагIаталда полициялъ ккуразул лъабго чи хутIун цогидал къватIире риччан руго. Гьев лъабгоясда гIунтIизабулеб буго зулмуялдалъун Россиялъул тIалъи босизе хIадурлъиялъул гIайиб.

XS
SM
MD
LG