МагъчIваялъе рес

Кlиабилеб базаралда сверун базар


Махlачхъалаялъул КIиабилеб базаралда хIалтIулел риччарухъабаз митинг гьабуна Ленинил майданалда бугеб ХъахIаб Рукъалда цебе.3Oкт2013
Махlачхъалаялъул КIиабилеб базаралда хIалтIулел риччарухъабаз митинг гьабуна Ленинил майданалда бугеб ХъахIаб Рукъалда цебе.3Oкт2013

Махlачхъалаялъул КIиабилеб базаралда хIалтIулел риччарухъабаз митинг гьабуна Ленинил майданалда бугеб ХъахIаб Рукъалда цебе. Даран-базар гьабизе жал полициялъул хIалтIухъабаз риччалел гьечIилан гIарзабигун рахъана гьел митингалде ва гьезие бокьун букIана Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIиповгун дандчIвазе.

Сонги, церекъадги, жакъаги полициялъул хIалтIухъабаз жал базаралдаса нахъе къотIулел рукIанилан бицана митингалде рахъараз.

Тадбиралде ячIарай Мадина МухIамадовалъ бицана «Эркенлъи» радиоялъе полициялъулаз жидеда абулеб букIанин бичулеб гIеч-пихъ контейнеразда жаниб лъун бичеян.

Полициялъ абулеб букIун буго гьезда базаралда цIа ккани гьеб свинабизе рачIарал машинабазе нух букIине гьечIилан, амма, МухIамадовалъ абуралда рекъон, кIиго машина ине нух буго. Полициялъе къваригIун буго жидеего ришватал ракIаризеян рикIкIунеб буго гьелъ.

МухIамадовалъул рагIабазда рекъон, гьелъ контейнер босун буго 200 азарго гъурущги кьун ва тIадежоялъе 20 азарго гъурущ кьолеб буго жиб-жиб моцIалда арендаялъухъ.

Гьеб гуребги, жиб-жиб къоялда нусго-кIинусго гъурущ контролеразеги кьолилан бицана йичарухъаналъ.

Митингалде ячIарай ПатIимат ГIалиевалъ бицана «Эркенлъи» радиоялъе, цо-цо ричарухъаби хIалтIуле ругин базаралда жанир гурел, гьелда гIагарда. Гьеб мекъи бугин чIун руго полициялъулал. Амма кIиго-лъабго соналъ цебе гьедин даран-базр гьаби мекъи бугилан щай гьез абулеб букIинчIебали бичIулеб гьечIо ГIалиевалъда.

Гьелъ бицана, жидеда тIоцебе ракIалда букIанин базарулъ админситрациялде ине гIарзабигун, амма администрациялъул офис къан батун буго гьезда.

«Базаралъул админстрациялъул хIалтIул хал-шал гьабуни, чанги къанунхвезариял ратизе руго. Базаралуъл директор щив вугевали лъалеб гьечIо, щайгурелъул гьеб хъулухъалда батIи-батIиял гIадамал рачIуна мех-мехалдаса. Жив-жив вачIарасги ричарахъубазухъа гIарацги бакIарула», - ян абуна ГIалиевалъ.

ХъахIаб рукъалда цебе бугеб маххул чалиялда аскIор чIун рукIана митингалде рачIарал, амма ГIабдулатIиповасухъе гьел лъицаниги ахIичIо. цодагьаб мех индал гьезда аскIове вачIана цо чи. Гьес абуна жив вугин базаралъул директор хисулев МухIамад ГIабдурахIмановилан. Гьес абуна митингалда гIахьаллъаразда гьез гьоркьор лъурал суалал тIуразе ругин ва гьарана майданалдаса нахъе айилан.

Гьединго тадибралда гIахьаллъулезда аскIое ячIана МахIачхъалаялъул Совет мухъалъул вакил. Гьелъ абуна киналго базаразул хал-шал гьабулеб бугин ва гьезул хIалтIудалъ ратарал гъалатIалгун къанунхвезариял тIагIинарулел ругилан.

Ричарухъаби майданалдаса нахъе ана, амма жидер масъалаби тIурачIони тIадруссине ругин абуна гьез.

МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев МухIамад ГIабдурашидовас бицана «Эркенлъи» радиоялъе мэр дандчIванилан кIиабилеб базаралъул митинг гьабурал ричарухъабигун.

«МахIачхъалаялъул нухмалъулев МуртузагIали Рабадановас абуна авариялъулал ва цIаккунгутIиялъул хъулухъаз тIадкъарал лъазабиял тIуразе кколин базаралда. Ахир-къадги мэр живго анна базаралде ва дандчIвана цогидал ричарухъабигун. Гьез бицана жидер чанги масъалаби ругин. Мисалалъе, арендаялъул суалал, базаралъул администрациялъул тIаса ккараб хIалтIи ва гь.ц. Гьел киналго суалал къануназдалъун тIуразе хIукму къотIана мэрас ва хасал буюрухъал кьуна», - илан бицана ГIабдурашидовас.

Гьединго гьес тIаде жубана, полициялъул ихтияр букIинчIилан базаралде бачIине диваналъул хасаб документги кодоб гьечIого.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса баянал щвечIо «Эркенлъи» радиоялъе.

XS
SM
MD
LG