МагъчIваялъе рес

Амировасда ракIалда букIун гьечIо президентасул рищиязда гIахьаллъизе


МухIамадов БахIанд, 5Июн2013
МухIамадов БахIанд, 5Июн2013

МахIачхъалаялъул мэр Амировасда ракIалда букIинчIо республикаялъул президент парламенталъ вищулев вугони гьел рищиязда гIахьаллъизе. Гьедин бицана заманаялъул тахшагьаралъул мэрасул ишал тIадкъарав МухIамадов БахIандица арбагI къоялда кьураб пресс-конференциялда.

5 июналда Мах1ачхъалаялъул администрациялда тIобитIана СагIид Амиров туснахъ гьавиялда хурхун спецоперация. Гьеб тадбиралъулъ гIахьаллъи гьабуна шагьаралъул администрациялъу вакилзабаз ва батIи-батIиял журналистаз. Гьезда гьоркьор рукIана россиялдаса ва батIиял хIукуматаздаса рачIарал журналисталги. Гьениб заманалъ шагьаралъул мэрасул ишал тIуралев БахIанд МухIамадовас бицана Амиров кквезе чагIи рачIараб мехалда жив гьесда аскIов вукIанин, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз гьеб тадбир цIакъ хIалихьатаб, инжитаб хIалалъ тIобитIанин. Жиндица чанго нухалъ бицунелда хадуб халкквейилан лъазабизе кканин гьел чагIазда щай гурелъул руччабиги лъималги ругеб бакIалда хъубаб чорокаб мацI бицунеб букIанин гьезилан.

Гьединго БахIанд МухIамадовас бицана администрациялъул хIалтIухъабаз ва шагьаралъул мажлисалъул депутатаз батIи-батIиял идарабазде кагътал хъванин СагIид Амиров сакъатлъи бугев, цогидав чияс кумек гьабун гурони живго жиндаго чIун гIумру гьабун бажаруларев чи вукIиналъ гьев туснахъалъув течIого, рокъов туснахъ гьавун тейин яги гьесул минаялъув бегьулареб батани батIияб бакIалде вачейилан. Гьелъие хIажатал киналго харжалги жидеца рецIилилан.

Журналистазул суалазе жаваб кьолаго гьес лъазабуна СагIид Амировасда Дагъистаналъул президентасул рищиязда гIахьаллъи гьабизе ракIалда букIинчIин ва гьесул ишалда хурхун диваналъ хIукму къотIизегIан гьев хIалтIудаса нахъе вахъуларин, гьединго администрацияги цебего гIадин хIалтIилеб бугин, щивниги тIаде восулев яги тIаса унев хIалттIухъанги гьечIилан.

XS
SM
MD
LG