МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул мэр кIиго моцIица туснахъ гьавун вуго


СагIид Амиров
СагIид Амиров

2 июналда Москваялъул диванханаялъ МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амиров кIиго моцIица туснахъ гьавизе хIукму къотIана. Гьев шамат къоялъ къуваталъул идарабаз ккун ана.

Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул вакилас лъазабухъе Амировасде 2011 соналда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул цlех-рехчи Арсен ХIажибегов чIваялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьесдаго цадахъ гьеб такъсиралъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи букIун 10 цIикIкIун чиги ккун вугилан лъазабулеб буго къуваталъул идарабазул вакилзабаз.

1 июналъ къад жиндирго хIалтIулеб бакIалдаса ккун вачун ана СагIид ГIамиров, гьесда хадуб хасгьабун Москваялдаса ФСБялъул ми -8 рагъулаб вертолет бачIун букIана. МахIачхъалаялъул аслияб майданалда чIараб гьелдаги рекIинавун вачун ана гьев. Соналдаса нахъе Амировасул минаялъубги гьесул хIалтIулеб бакIалдаги чIухьбалеб буго. Гьес гIумру гьабун бугеб Пархоменко къватIги гьелда сверун ругел цойгидал къватIалги хасаб рагъулаб техникаялъ ва къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз къан руго, МахIачхъалаялъул администрациялъул минаги аслияб майданги гьединго полициялъул хIалтIухъабаз ва рагъулаб техникаялъ сверун ккун буго.

Гьез я суратал я видео бахъизеги толеб гьечIо лъугьа-бахъунелъул. СагIид Амиров кквелалде цебесеб къоялъ Каспийск шагьаралъул мэр хисулевлъун хIалтIилев вукIарав гьесул вацасул вас Юсуп Джапаровги ккуна къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. Гьесдеги цIех-рехалъул идарабазул хIалтIухъан чIваялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьев ккун хадуб Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталда аскIор 200 гIан гьесул рахъ кколел ракIарун рукIун руго, амма кинабниги гъалмагъир гьабилалде гьел нахъе къотIун руго гьениса полициялъулаз.

Жакъа радал СагIид Амировасул рахъ ккун къватIизе рахъаразул къадарги нусиде бахун бугин хъвалеб букIана социалиял бухьеназда, амма 12 тIубалелде МахIачхъалаялъул аслияб майданалда ва цогидал къватIазда гIадамазул дандеруссинал рукIинчIо.

Сон Рамазан ГIабдулатIиповас заманалъ тахшагьаралъул мэрасул ишал тIуралевлъун тарав БахIанд МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана аслияб майданалда жидеца щалниги ракIарун рукIинчIилан. 2 июналъ радал администрациялде ахIун рукIанила шагьаралъул батIи-батIиял идарабазул нухмалъулел, жамгIиял хIаракатчагIи ва шагьаралъул данделъиялъул депутатал, кинавниги 300 чи. Гьеб мухъ Киса-кибего сверун ккун букIиналъ майданалдасан анилан гьел гIадамалги. Гьебги кьочIое босун жидеца халкъ бакIарулеб бугилан харбал ракканила.

БахIанд МухIамадов: «Жакъа радал данделъиялда нижеца лъазабуна кинабниги гIорхъолъа араб хIал лъугьун гьечIин шагьаралда, МахIачхъалаялъул администрация ва гьелда гьоркьоре унелщинал киналго идараби церего гIадин хIалтIизе ругилан. Гьел гIадамалги гьаниса рокъоре кин букIаниги ине кколелъул майданалдасан анаха, хутIараб киса-кибего полиция чIун бугелъул, админисрациялде жанире рачIунеб аслияб рахъги гьениб ремонт гьабулеб букIиналъ къан буго. Зодосанищха гIадамал инел. Нижеца майданалда халкъ бакIарулеб бугилан ахIи баялъе щибго кьучI букIинчIо.

Нижеца гIадамазда лъазабуна ахирал къояз ккарал лъугьа-бахъиназда хурхун киналниги тадбирал тIоритIизе гьечIилан, тIолго республикаялдаги абуле буго нижеца СагIид ГIамировасул рахъалъ щибниги абизе бокьун батани нужеца гьелъие интернетгун, телевидение хIалтIизабеян, къватIазде рахъан киналниги дандеруссинал тIоритIуйиланги».

Гьелда тIадеги БахIанд МухIамадовас журналистазда лъазабуна СагIид Амиров къануналде данде кколареб хIалалъ ккун вачун анилан.

БахIанд МухIамадов: «Саид ГIамиров кквей кутакалда нахъегIанаб хIалалъ тIобитIана. Гьесде кинаб гIайиб гIунтIизабулеб бугебали бицине вачIарав подполковникас киналниги документал рихьизаричIо. Гьес кинабго бицун хадуб, цониги документги бихьизабичIого тIадецуйги гьабун цин машинаялъув гьелдаса хадуб вертолеталъувги рекIинавун кияли лъалареб мухъалде вачун ана гьев. Хадуб къаси гурони гьев Москваялде вачун аравлъицин лъачIо нижеда. Гьесул хIалтIулеб бакIалда ва рокъоб чIухьбазе лъугьана гьел чагIи щибниги докуметги бихьизабичIого. Чанго нухалъ нижеца санкция ва ордер киб бугебилан цIехедал хадуб кидаялиго рачIана гьел документал рихьизаризе. Дун дунго юрист вуго гьединлъидал ракIчIун абизе кIола къанунги, инсанасул ихтияралги хвезарун ккун ана СагIид Амиров».

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон Амировасул рахъккун къватIире рахъине хIадурарал гIадамал рукIун руго шагьаралда, амма гьезда ва хас гьабун СагIид Амировасул ватIан Леваши мухъалъул гIадамазда къватIире рахъинчIони лъикI букIинилан бичIчIизабун буго хасал идарабазул хIалтIухъабаз. Гьединго щиб кканигиян абун гьеб мухъалда ва шагьаралда полициялъул хIалтIухъабиги тIадеги кIваркьун хIалтIилел руго.

XS
SM
MD
LG