МагъчIваялъе рес

Амировасул рахъ ккуралги гьев кквеялдаса роххаралги



Амиров вачун ун хадуб МахIачхъалаялъул аслияб майданалда г1одор чIарал полициял, 1 Июнь2013
Амиров вачун ун хадуб МахIачхъалаялъул аслияб майданалда г1одор чIарал полициял, 1 Июнь2013

МахIачхъалаялда гIемерлъулел руго тахшагьаралъул нухмалъулев СагIид Амиров цIех-рехчагIаз туснахъ гьавиялде дандечIарал акциял. Гьесул рахъ ккун улкаялъул нухмалъиялде кагъат битIун буго Халкъияб Мажлисалъул къоло лъабго депутатасцин. Амма гьелдаго цадахъго МахIачхъалаялъул мэр вачун иналдаса бугеб жидерго кIудияб рохел загьир гьабулелги дагьал гьечIо.

Амировасул рахъккун кIалъалел киназулго буго цо пикру рукIинесел республикаялъул пищиязда гIахьалъизе щвеялдаса гьев махIрум гьави. Парламенталъ хIукму гьабунин дупутатаз гьаркьалги кьун Дагъистаналъул нухмалъулев вищизе, амма гьединаб нухаладцин тахшагьаралъул нухмалъулесул цIикIкIун рукIанин ресал гьенив бергьинеян абураб пикру буго киназулго.

Амиров цIех-рехчагIаз вачун ун нахъисеб къоялъго тахшагьалъул нухмалъиялъул минаялда данделъаби тIоритIулел рокъоре ракIарун мэрасул рахъккун рачIарал чагIазул щунусгониги чи. Гьедин нахъисел къоязго байбихьана Амиров туснахъ гьавиялда рази гьечIел чагIазул лъазабиял. Нижехъе щварал баяназда рекъон Халкъияб мажлисалъул 23 депутатас хъван буго Москваялде гIарза МахIачахъалаялъул нухмалъулев гIумру гьабулеб бакIалдаса къватIиве инчIого чIезе шартIги лъун гьев къватIиве виччаян гьаригун.

Амировасул ритIухъаб нухмалъиялда гъоркь чIара-хьараб политика букIанин тахшагьаралда гьединго республикаялда гьесие щибниги жо кканаи щиб гьабилебалаи лъалареб хIалалде бачIине бугин Дагъистаналъул ишан абуна мерасул рахъккун рачIарал чагIазда цее кIалъалаго МахIачахъалялъул шагьаралъул мажлисалъул «Единая Россия» партиялъул нухмалъулей БахIандова Перзият. Гьей ккола Амировасул хъизаналъул яцги.

Коммунист партиялъул вакил Баматов Сапиюллал цIакъ ракIхун буго цIех-рех чагIаз гьабураб вахIшилъиялда. Гьединаб инжитлъи цебегоялдаса букIинчIин Дагъистаналдаян абулеб буго коммунистас.

Гьелад релълъарал цогидалги гIемерал пикраби руго гьеб баяналда. ЦIех рехалъул комитеталъул нухмалъиялъ лъазабухъе кIиго соналъ тIадчIун хIадурараб операциялъул хIасил кколин Амировас туснахъ гьави. БичIчIулеб жо бугин жакъа гьесул рахъккун кIалъазе рахъарал чагIи ругин цо кидаялиго гьес кумек гьабурал, гьесдаса нечарал в гьелад релълъараб тайпаялъул уммат, ама кигIан жидерго рази гьечIолъи загьир гьабун гьел къватIире рахъааниги гьезул хIаракатчилъиялъул хIасил кколареблъи бичIчIулеб иш бугилан абуна «Эркенлъи» радияолъе жамгIияв хIаракатчи ГъазимухIамадов ГIалисултаница

ГъазимухIамадов ГIалисултан: «Жакъа ракIчIун лъалеб жо буго мисалалъе ГIабдулатIиповасул бакIалда Амиров вукIаравани Дагъистаналъул нухмалъулевлъун ва Амиров гурев магIарлав жанив тIамун вукIаравани Амировас кьваризабизе букIана гьесдехун жиндирго бербалагьи. ГIабдулатIиповас рес кьолеб буго жакъа Амировасул рахъккуразе жидерго пикру загьир гьабизе»

Цереккун Амировас кумек гьабунщинал, гьес чанги жидер квачIакълъи бацIцIанщинал чагIи ругин жакъа гьесде хIапделел. Официалияб куцалда жеги Амиров тахшагьаралъул нухмалъулев кколин гьединлъидал рекъон гьечIин гьесда нахъасан гаргадизеян абулеб буго Арсен Юсуповасги. Гьев ккола даргиязул мацIалда къватIибе биччалеб «Замана» абураб газеталъул бетIерав редактор:

Юсупов Арсен: «Жеги киналниги далилал ва гIайиб гIунтIизабулел хIужаби загьир гьарун гьечIелъул берцинго сабурлъиялад рукIани лъикIаб бугоан киназего. Гьединго хIажат гьечIо магIарулалин даргиналин цоцаде рогьарал раялъул хIужабиги. КIиго соналъ хIадур гьабураб цIех рехалъул тадбир бугилан абулебги буго бегьилаан цебеккун гIайиб гIунтIизабиялъул санкцияги битIун къануналда рекъон тIубазе иш. Гьев живгоги вачIинаан Москваялде. Вертолеталги ритIун хIажат гьечIел жал гьаричIого»

Амиров туснахъ гьавиялде дандечIаразул гуребги гьеб хIужаялдаса рази ругелги дагьал гьечIо Дагъистаналда. Мисалалъе Тахшагьаралда аскIоб Красноаремейское мухъалъул гIадамаз рагьун лъазабуна 15 соналъ жидеда тIад букIараб зулму нахъе босун анин инюналъул тIоцебесеб къоялъ. Гьеб мухъалъул гIадамазулгун Амировасул дагIба-рагIи байбихьун буго 12 соналъ цебегого. Къануналда рекъон балугълъиялде вахарав чиясе кьезе ккола ригь базе гIураб ракьул бутIа, рекъараб багьаялде.2001 соналдаса нахъейина буни гьелъул багьа цин бахинабун буго 50 азаргоялде, дагьаб хадубин абуни Амировс тIубанго инкар гьабунин ракьал рикьа-къотIизеян абулеб буго росдал гIадамаз.

Жакъайин абуни гьеб ракьул бутIаялъул багьа бахун буго 500 зарго гъурщиде. Гьединаб багьаги кьун ракь бичун босизе рес гьечIо Красноармейское росдал гIадамазул. Гьедин щивасда гьоркьоб бикьа-къотIун хIалтIизабизе рес букIараб ракь кьишни-къулалъулги цIун бихьизе ракIнечараб хIалалда буго.

XS
SM
MD
LG