МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда кьвагьи бахъана


19 маялъул сардилъ МахIачхъалаялда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда лъукъана 40 сон барав бихьинчи.

Мурсаловасул къотIноб бугеб минаялъул кавудахъ лъураб алат кьвагьулеб мехалда гьев чи гьенив аскIосан унев вукIун вуго.

Республикаялъул централияб азарханаялъул тохтур Камил ГIумаровас журналистазе бицухъе, гьев захIматаб хIалалда вуго.

Камил ГIумаров: «Кьвагьун бачIараб жоялъул кескал щун руго гьесул каранда, гьелъ борлъизабун буго гьесул хьибилги. ГьабсагIаталда гьев вуго реанимациялда. ЗахIматаб хIалалда вуго».

Байбихьуда абулеб букIана лъукъун бугин гьитIинаб лъимерги. Амма гьеб хабар уяб батичIо.

Гьеб бакIалда кьвагьи бахъинабун буго тротилалъул 5-7 граммалда бащадаб къуваталъул алаталъ. Кьвагьи ккараб бакIалда лъугьун буго ункъо см-лъул гъварилъиялдаги, 7-10 см диаметралдаги бугеб гвенд.

Кьвагьулеб алат лъун букIун буго цо агрофирмаялда хIалтIулев чиясул кавудахъ. Гьел руго республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъ кьурал баянал. Гьелдаса тIаде жо бицунеб гьечIо гьенисан.

Амма цогидал баяназда рекъон, гьеб буго тIад лъураб магъало кьечIолъиялъ Мурсаловасул къотIноб гIумру гьабулев чиясе рохьилаз гьабураб лъазаби.

Дагъистаналда гIадатлъун лъугьун буго рохьилал абулел чагIаз бизнесменазда тIад магъало лъун букIин лъазаби гьабураб флешка гьезухъе битIи.

Гьеб щварав чи магъало кьечIого къанагIатги ворчIуларин абурал баянал руго. ГIемерисеб мехалда гьел гIадамал чIвала, яги кьвагьизарула гьезул тукаби, минаби. Гьединал хIужаби чанги ккана хасго МахIачхъалаялда.

Гьедин бечедал чагIазухъа бахъараб гIарац ислам тIибитIиялъе харж гьабулин баян гьабулаан рохьилаз интернеталдасан гьарулел лъазабияздасан.

Амма лъица гьабулеб батаниги гьеб пиша, диналда бараб жо гьечIин флешкаби ритIиялда гьоркьобин абураб пикру буго гIадамазда гьоркьоб лъугьун.

Щиб батаниги, чияс чи чIвай шаргIалъ ритIухъ гьабуларин бицана ЭР-ялъе динияв гIалимчи Сасикьа ГIабдурахIимица.

Сасикьа ГIабдурахIим: «Чияс чи чIвай, шаргIалда рекъон, бегьулареб жо буго. ХIарамаб жо буго. КIудияб мунагь ккола гьеб. Диеги данде кколаро гьеб. Нилъеца абула ракълилал гIадамалилан.

Масала, щибго рагъ-муч гьечIеб бакIалда, метроялда, аэропорталда, вокзалалда цониги чияс цо халкъ чIвай лъицаха гьеб къабул гьабилеб? Гьелъие кинабгIаги нух гьечIо».

Рохьилазда нахъаги рахчун жидеего гIарац гьабулел гIадатиял гIадамалги ратулел руго. Масала, бечедал чагIазул лъале-хъвалел яги гIагарал.

Гьединго цо-цояз рикIкIуна низам цIунулезги пайда босулин гьединаб къагIидаялдаса. Масала, гьединаб гIайиб гIунтIизабулеб буго гьабсагIаталда туснахъ гьавун вугев Гъизилюрт шагьаралъул вукIарав полициялъул нухмалъулев АсхIабгIали Заирбеговасдеги, гьесул хIалтIухъабаздеги.

Флешкаби ритIулел чагIи низам цIунулез жидецаго рахчулин абураб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе МахIачхъалаялда гIумру гьабулев АхIмаднаби МухIамадовас.

АхIмаднаби МухIамадов: «Низам цIунулез жидецаго рахчула бечедал чагIазда тIад магъало лъун флешкаби ритIулелги, цинги кьвагьа-гIанхъиял гьарун бизнесменал хIинкъизарулел чагIиги.

Мискин-пакъирас гьабулеб жо гуро гьеб. Духъ гIарац бугони, мун кьвагьулеб жо босизейищ иней, яги чед босизейищ? ГIарац лъихъ букIунеб? Гьеб букIуна тIалъи кодосезухъ».

Гьелда бан гьаниб рехсезе бегьула гьадинаб хIужаги. 19 маялда МахIачхъалаялъул аэропорталда тIадго ккун вуго 200 азарго гъурщил къадаралда ришват босулев ватарав аэропорталъул полициялъул хIалтIухъан.

Гьес гьеб тIалаб гьабулеб букIун буго гьенисан роржунел гIадамазул къайи-цIа къачIалев чиясухъа, гьесул хIалтIуе квалквал гьабиларедухъилан.
XS
SM
MD
LG