МагъчIваялъе рес

Политика батичIониха!..


Краснодаралъул губернатор Александр Ткачевги Чачан республикаялъул нухмалъулев Къадиров Рамзанги, Кисловодск, 10Aвг2009
Краснодаралъул губернатор Александр Ткачевги Чачан республикаялъул нухмалъулев Къадиров Рамзанги, Кисловодск, 10Aвг2009

Ахираб заманалда тIолго Россиялдаго унеб кавказалъулазда данде чIараб политикаялъул хIасилалда ккарал лъугьа-бахъиназул гIахьалчагIаз жидерго рагIи дандеккунгутIи диваналда роцIцIунеб буго. Москваялда берталъ кьвагьданилан абулел дагъистанияс жидеда бугьтан лъун бугилан диваналде кьун буго чанго информалат. Гьединго Краснодаралъул губернатор Александр Ткачев диваналде кьун вукIана Шамилил цIаралда бугеб Аваразул миллияб багъа-бачариялъ.

Аваразул миллияб багъа-бачариялъул нухмалъулев МахIачев ХIажица Россиялъул прокуратураялдаса тIалаб гьабулеб буго Краснодаралъул губернатор Александр Ткачев уголовияб тамихIалде цIай. Гьединаб тIалабалъе гIиллалъун ккун буго 2 абилеб августалда Краснодаралъул жанисел ишазул идараялъул данделъиялда губернаторас гьабура кIалъай. Гьениб Ткачев Александрица бицунеб букIана аскIор ругел Шималияб Кавказалдаса гьоболлъухъ ялъуни гIумру гьабизе рачIунел кавказалъулазе дандечIей гьабизе полициялда цадахъго хIалтIулел хасал казаказул рекIаразул рагъулал къокъаби гIуцIизе кколилан.

8-абилеб августалда аваразул миллияб багъа-бачариялъул вакилзабаз Россиялъул генералияв прокурор Юрий Чайкахъе хитIаб гьабуна губернатор Ткачев Россиялъу уголовияб кодексалъул 282 статьяялда рекъон тамихIалде цIазе кколин. ХитIабалда бицунеб букIана гьединго гIемермиллатазулаб пачалихъалда рехсарав губернаторас халкъалда гьоркьоб питна бекьулел, экстремистиял лъазариял гьарулел ругин, ва гьелъ улакаялда багъа-башари гьабизе рес бугилан.

Сентябрь моцIалъ миллияб багъа-башариялъухъ щвана прокуратураялдаса кагъат гьеб хитIаб Краснодаралъул прокуратураялде битIун бугилан. I0 октябралда гьебго прокуратутаялдаса аваразул миллияб багъа-башариялъул нухмалъулев МахIачев ХIажил цIаралда бачIараб кагътида хъван буго 2 августалда губернатор А. Ткачевас гьабураб хитIабалъул анализ гьабун буген эксперт-лингвистас ва гьеб кIалъаялда жанир киналгIаги миллатазда гьоркьоб рокьукълъи бижизабулел, экстремизмалде гIадамал тункулел рагIаби гьечIилан.

Жибго халкъалда гьоркьоб Аваразул миллияб рагъа-рашариялъул гьеб галиялде батIи-батIияб бербалагьи буго. Цояз рикIкIунеб буго битIун бугин, миллатчагIигун къеркьезе кколин. Цогидазул пикруялда рекъон МахIачев ХIажие ва рехсараб миллияб рагъа-рашариялъе жидеде прессаялъул ва тIалъиялъул кIвар буссинабизе бокьун буго. ЛъаратIа мухъалъул гIолилазул комитеталъул нухмалъулев ГIалиев ГIалибегица ЭР-ялъе бицана гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун жиндирго пикру.

ГIалиев ГIалибег: «ГIадамазе жидеего церерахъине къваригIараб мехалъ ракIалде щвезарула гьединал жал. ХIажи МахIачевас жиндир заманалда магIарулазе гIезегIан пайдаял ишал гьаруна, гIезегIан бихьинал хасияталги загьир гьаруна. РакIалде щола 90-лел соназ магIарулалги данделъун, цеве МахIачевги гьавун, миллаталъе къваригIараб бокьараб иш гьабизе кIолаан. Хадуб чанго соналъ руцIцIунги чIун гьанже гьезул гьаракь рагIарабго батIи-батIиял пикраби гьаризе тIамула. Киса-кирего кавказиял хIакъир гьари щивасда хъинтIулеб жо бугелъул. Гьеб жоги кьочIое босун жидеего политическиял баллал росулел чагIи гьел ратизе дие бокьилароан, ва гьеб иш дица цIакъ мекъаблъун рикIкIуна. Гьеб жо политика батичIониха…».

Журналист ва жамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкоца ЭР-ялъе бицана кавказалъулал жидерго къадру гIодобегIан гьабулел ишазда данде диваназда къеркьей лъикIаб иш бугин ва демократияб пачалихъалда гьедин букIине кколин.

Шевченко Максим: «Дида ккола кавказалъулазул политикияб чIаголъи бихьизаби гьеб цIакъ лъикI кколилан, демократиялъул принципал кавказалда цIикIкIун церетIурал ругин цоги регионазда данде ккун. Россиялда унеб кавказал рихинарулеб политикаялдаги, исламалде данде чIарал къуватаздаги, гьел гурел, пачалихъ биххизабизе бокьарал либералиял фашистаздаги данде чIей гьеб тIоцебесеб масъала буго. Нилъер улка буго гIемермиллатазулаб, гIемердиназулаб, гьанир гьединал рагъа-рашариял данде кколаро ва улка биххиялдаса цIунизе бокьарав чияс гьезулгун рагъ лъазабизе ккола. Кавказ къуватаб буго гIадамаздалъун. Гьеб буго Россия хвасар гьабиялъе кумекалъе ахIизе кколеб къуват. Гьединлъилал дица цIикIкIун кIвар кьола Кавказалъул проблемабазде.

Цоги рахъ буго гьеб ишалъул. ГьабсагIаталда кавказалъулаздехун рокьукълъи бугеб жамгIияталда гьез дагь-дагьккун Москваялда ва Россиялъул цоги регионазул диваназда жидер ихтиярал цIунизе лъугьани гьелъ тIадеги ццин бахъинабизе буго церехун дица рехсарал къуватазул. ХIажи МахIачевас кинабго битIун гьабулеб буго. Гьеб унго-унгояв бихьинчиясе хасиятаб гали буго».

Аваразул миллияб рагъа-рашариялъул исполкомалъ рикIкIунеб буго прокуратураялдаса бачIараб жаваб кьучI гьечIеб бугилан ва хадурккун тIадехун ругел идарабзе хитIабал гьаризе ругин, халкъазда гьоркьосел диванале щвезегIан.
Живго МахIачев ХIажица гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун баян кьезе инкар гьабуна.
XS
SM
MD
LG