МагъчIваялъе рес

Лъил шагьарлъун кколеб Дербент?


Гьалкъояз кIудияб халкъаздагьоркьосеб конференция тIобитIана некIсияб Дербент шагьаралъул юбилеялда бан. БатIи-батIиял улкабаздаса гьенире рачIарал гIалимзабаз къабул гьабуна гьадинаб пикру – Дербент гIицIго Дагъистаналъул, гIицIго Россиялъул чIухIи гурин, гьеб бугин тIолго дунялалъул ирс.

Дербент ккола Россиялъул бищун некIсияб шагьар. 2015 соналда гьелъие кIинусазарго сон тIубана цо-цо гIалимзабазул хIисабалда. Цо-цо бахIсал рагIула шагьаралъул ригьда сверухъ гуребги - цогидал хIужабаздаги бан. Гьелъул хIакъалъулъ бицен гьабулеб буго Дагъистаналъул гIалимзабаз.

Дербент шагьаралъул юбилей тIобитIизелъун гIуцIун букIана хасаб халказдагьоркьосеб комитет. Гьеб юбилей тIобитIизехъин буго исана сентябрь моцIалда. Амма гьелда хурхарал тадбирал соналъул халалъиялда тIоритIулел руго. Юбилеялда хурхарал цо-цо бах1сал рагъарун руго гьалкъояз. Гьезул гьадин бицунеб буго Дагъистаналъул тарихчи Айтберов Тимурица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:34 0:00
Интернет-мухъ

Дербент шагьаралъул тарихалъул къокъ гьабун нижер программаялъе гьадин бицана профессор ХIажиев МуртазагIалица.

ХIажиев МуртазагIали: «ГIарабаз чIей гьабулаан Дербенталда цин 642-645 соназда, цинги шагьар Сураки ибн Амру абулев Парсазул Сасанидазул сардарасе мутIигIлъана, кIалъа-басаязул хIасилалда къотIи гьабун. Доб букIана мисал гьечIеб къотIи-къай.

Гьелъул текст Ат-Табари абурав некIсияв тарихчиясул тIехьалдаги буго. Доб къотIиялдалъун шагьар магъало кьеялдаса эркен гьабун букIана. Гьелда тIадаблъун букIун буго Халифат чабхъабаздаса цIунизе ва гIарабазе квербакъи гьабизе. Доб къотIи-къаялъ батIи-батIиял диниял жамагIатазул ихтияралги мул-малкги цIунулаан.

Адольф Шрейер. ГIарабал Кавказалъул Албаниялда.
Адольф Шрейер. ГIарабал Кавказалъул Албаниялда.

Гьенир рукIана мажуси, ай Зартушт-диналъул, ГIисал-диналъул жамгIиятал. РакIалде щвезабизин - 552 сон щвезегIан гьениб букIана Кавказалъул Албаниялъул католикосасул тах. Ва гьесул кIалгIаги гьениб букIана VIII-гIасруялда гIарабаз шагьар бахъизегIан.

642 соналдаса байбихьун 652 сон щвезегIан гIарабаз щуго рагъулаб экспедиция гьабуна гьенибе Машрикъалъул Кавказалда ва Дербенталда жиндирго бакI щулаго кквей мурадалда. Ахир-къад VIII-билеб гIасруялда Дербенталда Ислам-дин тIад чIезабун букIана.

Гьениб 732-733 соназда бан букIана гьанжеги цIунун хутIараб ва дунялалда бищун некIсияблъун рикIкIунеб Жума мажгит гуребги – щибаб авалалда рана гIемерал мажгиталги. Ва гьениса дагь-дагь ккун Ислам-дин тIибитIизабулаан Машрикалъдехун буссун. ТIоцебесеб иргаялда Дагъистаналда.

Нужеда лъалеб батила, Дагъистаналда Ислам-дин тIибитIизабулаан азаргогIан соналда жаниб, VII-билеб гIасруалдаса байбихьун XVI-гIасруялде щвезегIан.

Дагъистаналдаса хадуб - Волга-гIорул рагIаллъиалдаги бугеб Булгариялда. Булгариялъе гьединго асар гьабулаан Гьоркьохъеб Азиялдаса рачIунел бусурбабазул рухIаниязги. Цо-цояз абула - Ислам дин хасго Дербенталдаса Россиялде бачIун бугин. Амма абизе ккараб буго доб мехалъ Россия гуребги, хIатта НекIсияб ГIурус пачалихъцин букIинчIин».

Ислам дин Дагъистаналда тIибитIизабиялъул бицен гьабулаго, профессор ХIажиев МуртазагIалица рехсана «Хъала-къурайш» абулеб тарихияб бакI.

ХIажиев МуртазагIали: «Хъала-къурайш - гьеб ккола ккола Ислам-дин Дагъистаналда Ислам-дин тIибитIизабиялъул кIиабилеб этап. XI-XII-билел гIасраби. Гьелъие гьединаб цIар кьун бугониги, къурайшитазда кинабгIаги хурхен гьечIо гьелъул.

Гьеб буго халкъиаб хабар. Доба къурайшитаз гIумру гьабулаанин абизе кьучI гьечIо. Дора ругел хабзал XII-билеб гIасрудул хабзаллъун ккола. Гьелъие мухIканал далилал рачун рукIана XIX-билеб къарнуялда. Гьединлъидал Дербенталда бугеб Кирхляр абулел хабазда МухIамад-аварагасул шагьидлъарал ансарал рукъун руго, ян абураб халкъияб хабар мекъаб бугин абизе ккола».

Амма профессор ХIажиевас бицаралъул гIаксалда Айтберов Тимурица абулеб буго къурайшитазул наслудул чагIи Шималияб Кавказалда гьанжеги ругилан.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:22 0:00
Интернет-мухъ

Айтберов Тимурица абулеб буго ахирисеб заманалда цо-цояз абулеб буго Дербент Дагъистаналъул шагьар гурин, ва жив гьелда разияв гьечIин.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:46 0:00
Интернет-мухъ

Сундул мацIалъ кIалъалаан некIо заманалда Дербенталда гIумру гьабулел гIадамал? Гьаб нижер суалалъе гьадинаб жаваб кьолеб буго профессор ХIажиев МуртазагIалица

ХIажиев МуртазагIали: «Дур суалалъе жаваб кьезе захIмат буго. Щай? Щай гурелъул доб заманалъул чIагоял гьаркьал археологаздаги тарихчагIаздаги рагIуларо. Амма пикру гьабизе рес буго.

Гьалеха, Дербент баккана ва цебетIолаан Кавказалъул Албаниялъул заманалда. Хадуб жиндирго кIиазаргосоналъулаб тарихалда жаниб Дербент батIи-батIияб пачалихъалде гъорлъе ун букIунаан.

Рехсезин: добго Кавказалъул Албания, Сасанидазул Иран, ГIарабазул халифат, Хазаразул каганат, жибго жиндаго чIараб Дербенталъул эмират, хадуб - Дербенталъул ханлъи, Сельжуказул пачалихъ, Хулагуидазул пачалихъ, Меседил Орда, Сефевидазул пачалихъ, Ширван-шахазул пачалихъ, ГIусманияб Империя, Россиялъул империя, Совет Союз, Россиялъул Федерация. Гьалеха нужее тIубараб сияхI.

Узухъда, гьел киналго политикиял хиса-басияз асар гьабулаан этникияб, маданияталъулаб ва динияб ахIвал-хIалалъе. ПалхIасил, некIсияб заманалда гьенир рагIулаан Кавказалъул Албаниялда рукIарал миллатазул мацIал.

Сасанидазул заманалда гьениб рагIулаан парс мацI, цо-чанго къадада VI-къарнуялдаса хутIарал парс мацIалъ хъвай-хъвагIаялги руго гьенир. ГIарабазул заманалда-гIараб мацIалъ кIалъалаан Палестиналдаса, Мосулалдаса, Жазиралдаса гьенире рачIапал гIадамал. Хазаразул заманалда рагIулеб букIана турк мацIги.

ХIасилукалам - жиндирго кIиазаргосоналъулаб тарихалда жаниб чIахIияб халкъаздагьоркьосеб дармил центр хIисабалда ва Каспий ралъдал кIудияб порт хIисабалда Дербент кидаго букIана киналго пачалихъазул мурадлъун. Гьез хIалбихьулаан шагьаралъе жидерго ханлъи гьабизе.

Испаниялдаса гьениве вачIарав тарихчи гIарабияв аль-Гарнатица нугIлъи гьабулеб буго гьадинаб хIужаялъе: Дербенталъул эмирас тIад къана гьенире рачIунел цIар арал бусурбабазул рухIаниязул каламал гIемерал Дагъистан мацIазде руссинаризе.

Мисалалъе - сарир, ай - авар мацIалде, лагзан, ай - лезги мацIалде, зирехгеран, ай - дарги мацIалъул кубачиязул диалекталде ва цогидазде. Гьадинал кIудиял шагьарал – гIемер миллаталъулал рукIана киса-кибго ва кидаго».

XS
SM
MD
LG