МагъчIваялъе рес

Анализ: Шималияб Кавказ анкьида жаниб


Лиз Фуллер
Лиз Фуллер
Гьанже бугин абизе бегьула ккаралда хурхун щугониги гIилла.
Цо бугони, рес буго гьеб хабар тIибитIизабурав Пачалихъияб Думаялъул депутат Александр Хинштейн живгоги гьелда унго-унгоги божун вукIине. Гьелде тIадеги, гьес Твиттералда гьабураб хъвай-хъвагIаялда кинал рукIаниги цIарал рукIинчIелъул хъван. Гьес хъван букIана Шималияб Кавказалъул республикабазул нухмалъулезул цояв хъулухъалдаса ине рес бугин. МухIамадсалам гьев чи вукIине вугин живго Хинштейнидаги лъалеб букIун батуларо.

КIиабизе бугони, рес буго Хинштейн МухIамадсаламие оппозициялда ругел «Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ГIумаров ХIажимурадил ва республикаялъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулевлъун вукIарав Амучи Амутиновасул асаралде гъоркье ккун ватизеги.

«Коммерсант» газетаялъ кьолел рукIана Кремлалъ МухIамадов реххизе вугин абурал ГIумаровасул рагIаби.
http://www.kommersant.ru/doc/2111468.

Лъабибизе, рес буго президент Владимир Путинида МухIамадов хIакъикъаталдаги хъулухъалдаса нахъе гьавизе ракIалде ккун батизе, амма гьесул рахъ кколел парламенталъул депутаталги бакIазул администрациязул бутIрулги рихьараб мехалда гьесул пикру хисун букIинеги рес буго.
Амма дида ккола гьеб лъабабилеб версия гIемерго битIараб батиларин, щайгурелъул МухIамадов хъулухъалдаса вахъизе Путинида ракIалда букIун батани, цереккун харбал тIиритIизаричIого гьев вахъизе гьесие лъицаго квал-квал гьабулеб букIинчIелъул.

Ункъабизе бугони, рес буго Кремлалъ МухIамадов хIинкъизавизелъун риччарал харбал гьел рукIинеги.

Щуабизе бугони, гьел МухIамадов хъулухъалдасаги реххун гьесул бакIалда ГIабдулатIипов Рамазан тезе рес бугин харбал тIиритIизарун ратизе рес буго, нагагь республикаялда рищиял тIоритIани, МухIамадовасе аслияв дандиявлъун ГIабдулатIипов вукIине рес бугин рикIкIунел чагIаз.

Гьаб анкьалъ Чачанлъиялдаса рачIарал аслиял харбазда гьоркьоб букIанин абизе бегьула республикаялъул бетIер Къадыров Рамзаница тIибитIизабураб. Гьес абуна Вадани мухъалда 12 яргъидгIуцIарав чIван вугин ва гьезда гьоркьор ругин вацал ХIусейн ва Муслим Гакаевалин.

Коммерсанталъ http://www.kommersant.ru/doc/2112029 ва Кавказ Узелалъ http://www.kavkaz-uzel.ru/articles/219156/ лъазабухъе, республикаялъул низам цIунулезда Элистанжи абулеб росдал сверухълъиялда арбагI къоялъул радал батун буго яргъидгIуцIаразул къукъа. Гьениб букIараб рагъулаб тунка-гIусиялда чIван ва лъукъун вуго чанго чи ва хутIарал лъутун руго Хатуниялдехун. Лъукъун вукIун кквезе щваразул цояс бицун буго жидее нухмалъи гьабулеб букIанин вацал ХIусейн ва Муслим Гакаевазин.

Гакаевал лъала жалго жидецаго чIвалел ва бищунго вахIщиял терактал хIадурулеллъун. Гьединазул цояб букIана 2010 соналда Кадыровасул гIагараб Центорой росулъ гьабун. 12 живго жинцаго чIвалез гьабун букIана гьеб гьужум. Гьеб мехалда хун вукIана щуго полиция ва лъукъун вукIана 17 полициявгун анкьго гIадатияв чи.
http://www.kommersant.ru/doc/2112029

Лъутаразда хадур ине гьава-бакъалъул шартIал лъикIал рукIинчIолъиялъ низам цIунулез ахIун буго гьаваялдасан ва артиллериялъул кумек.
Коммерсанталъул баяназда рекъон, гьеб ахирисеб рагъулъ чIван руго Гакаевалги низам цIунулезул кIиго чиги, гьезул жеги чанго чи лъукъунги вуго.

ХIусей ва Муслим чIвай чачаназул яргъидгIуцIаразе кIудияб ками букIаниги гьезул дандечIеялъе гьелъ ахир лъезе гьечIо. Аслан Масхадов ва Шамиль Басаев чIвараб мехалдацин лъун букIинчIо гьелъие ахир. Рес буго гьанже дагьаб мехалда гьеб регионалда, хасго жанубиябгун-машрикъалъул рахъалда сихIкъотIи букIине.

КIиго сон цебе You Tubалда лъураб видеоклипалда Гакаев ХIусеница абулеб букIана жал чIвазе бегьулин, амма жидер бакIалде рачIине ругин дагьалги кьварарал ва гурехIел гьечIелин http://www.youtube.com/watch?v=9H-seEwu2B4&feature=player_embedded

Балъголъи гуро гIолилал Чачаналда гуребги, Дагъистаналдаги, Гъабардагун-Балкариялдаги, Гъалгъаллъиялдаги рохьахъе иналъе ругел аслиял гIиллабазул цояблъун полициялъул вахIщилъи букIин.
Чачаназул жанисел ишазул министр Руслан Алхановги мукIурлъана гьелъие гьаб анкьалъул авалалда букIараб данделъиялда. Гьенивго вукIана Рамзан Къадировги. Полициялда цере ругел аслиял масъалабазда гьоркьоб гьес бихьизабулеб букIана гьезул къанунал лъаялъул ва гьел цIуниялъул даража борхизаби.
Россиялъул генералияв прокурор хисулев Иван Сыдорукица цо интервьюялда абулеб букIана жидехъе гIемер рачIунин хасал операциял тIоритIулаго полициязул вахIщилъиялъул хъварал гIарзабийин, амма цIех-рех гьабураб мехалда цониги гьединаб вахIщилъиялъул хIужа тIатичIин. РакIалде ккола гьел хIужаби кинал ругелали Сыдорукица Алхановасда цIехани битIун ккелин.
XS
SM
MD
LG