МагъчIваялъе рес

Кавказиязе кумек гьабулел идараби рагьун руго


Москваялда ругел хас гьабун Кавказалдаса гIадамазе чIобого юридикияб кумек гьабулел идараби къоялдаса-къоялде гIемерлъулел руго. Экспертазул ва адвокатазул пикруялда рекъон гьелъие аслияб гIиллалъун буго россиялул цойгидал шагьаразда кавказалъулаздехун квешаб бербалагьи букIин.

Ахираб бащадаб лъагIалида жаниб Москваялда лъабгониги идара рагьун буго хасгьабун кавказалъулазе юридикияб кумек гьабизе. Гьениб цохIонигиялъуб юристасул малъа-хъваязухъ гIарацги босуларо, нагагь диваналде ккун вугониги адвокатасги хIалтIи рекъараб багьаялде гьабула.

Бищун цебе гьединаб идара рагьанин абизе бегьула Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалда цебе рагьараб инсанасул ихтиярал цIунулеб бутIаялъилан.

Гьелдаго хадуб жидерго гражданазе ва цойгидал кавказалъулазе къануналъулгун ругел захIмалъаби тIуразе кумек байбихьана Россиялда ругел азербайджаналъул конгрессалъги.

Бащадаб лъагIалица цебе гIемерал саназ Москваялда гIумру гьабун ругел кавказалдаса гIолилаз «МугIрузул лъимал» абураб тахгьашаралде рачIарал кавказалъулазе кумек гьабулеб идараги рагьун буго.

Ахираб заманалда, хасго дагьаб цебегIан Москваялъул Бирюлево мухъалда букIараб тунка-гIусиялдаса хадуб гIурусал гурел цойгидал миллатазул чагIазе гIумру гьабизе захIмалъулеб буго, гьединлъидал Шималияб Кавказалъул республикабазги жидерго гIадамазе кумек гьабиялъе батIи-батIиял жамгIиял идараби рагьулел руго.

Москваяда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялда цебе гIуцIараб, инсанасул ихтиярал цIуниялъул комиссиялде щибаб къойил кумек гьарун дагьалдасан 5-10 чи вачIунин.

Гьеб комиссиялъги цохIо Дагъистаниязе гуребги цойгидал кумек гьарун рачIаразул къваригIел тIубазеги хIаракат бахъулилан бицана гьеб идараялъул нухмалъулев Шамиль ГIумановас.

Шамиль ГIусманов: «Бищун цебе, Москваялде рачIарал цойгидал бакIаздаса гIадамазе гьей чIей гьабураб бакIалъул хъвай-хъвайгIай битIун гьабизе кумек гьабула нижеца, гьебги гIезгIан кIудияб захIмалъи бугоха.

Гьелдаса хадуб бокьараб юридикияб консультацияги тIобитIула нижеца гьаниб чIобого, нагагь гьаб комиссиялде кумек гьарун рачIарал чагIи диваналде ккун ругони, нижер адвокатаз гьезие кумек гьабуралъухъ дагьаб гIарац гурони босуларо, цойгидазухъа босулелъул бащалъиялдасацин дагь ккола гьеб.

Нижехъе рачIунезул бищун гIемер захIмалъаби хIалтIулеб бакIалдасан гIарац кьунгутIиялда хурхун рукIуна, гьединго рагъизе ккун туснахъалде рачун аразул, изну гьечIого ярагъ кодоб батун полициялде ккаразул гIарзалги бищунго гIемер руго.

Щив кинаб суалгун нижехъе вачIаниги кIвараб кумек гьабула гьесие, цохIо нилъералго гурониги нижехъе куме гьарун украинцалги, таджикалгун узбекалги, молдаваналгицин рачIуна».

Чанго соналъ Россиялъул тахщагьаралда гIумру гьабун вугев Анжиялъул болельщиказул «Дикая дивизиялъул» Москваялда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ГIумарасхIаб Татаевас Эркенлъи радиоялъе бицана гьечIеб гIайибги гIунтIизабун, яги ургъунго ралъаргъун кавказалъул гIолилал жанир тIамизе хIаракат бахъулеб бугин Москваялдайилан.

ГIумарасхIаб Татаев: «Нилъер гIолохъабазул гьанире рачIун хадуб цIакъ гIемер захIмалъаби рукIуна полициялъулгун. Гьелгун кин кIалъазе кколеб, кинал ихтиярал лъазе кколел, кинаб рукIа-рахъин букIине кколебали лъаларо гIемерисезда.

Дица Москваялда гIумру гьабун 6 буго, гьеб заманалда жаниб дида чанги рихьана гьел низамцIунулез нилъер гIолохъабазе гьаруралщинал хIалихьалъаби. БатIаго нилъералги цIакъал ругин абулеб гьечIо дица, гьезги гIемер гIала-гъважа гьабула.

Амма кин бугониги полициялъул рахъалъ рекъечIел ишал гIемер рукIуна. Масала чанго моцIица цебе Анжиги Ливерпуль командабиги хIалеб мехалда нижер болельщиказухъ букIана «Палестинаялъе эркенлъи» абун тIад хъвараб игIлан, гьеб сабаблъун Анжиялъул болельщиказул 70 ккун вукIана полициялъ.

Гьебищха кIудияб такъсир? Гьединаб мехалдаги цойгидал бакIаздаги гIадамазе кумекалъе гьединлъидал гьел юридикиял централ чара гьечIого хIажат руго».

Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялда цебе гIуцараб инсанасул ихтиярал цIунулеб комиссиялъул гIахьалчIужу адвокат Софья Рубасскаялъул пикруялда рекъон къанунал лъангутIиялъ гIемерал захIмалъаби дандчIвалел руго кавказалъул гIолилазда Москваялда.

Гьезул чангиязда жалги Россииялъул гражданал ругин, нужерго гIадал ихтиярал ругин жидерин абизецин лъалеб гьечIо, гьединлъидал чара гьечIого гьединал юридикиял центразда гIадамал гьенире ккечIого рукIиналъе хIалтIи цIикIкIун гьабизе ккола. Гьезда малъизе ккола , къануналги жидерго ихтияралги, кин гьел цIунилелалиги.
XS
SM
MD
LG