МагъчIваялъе рес

Щай ШугIайбов Дагъистаналде вачинчlев?


Адвокатазда лъалеб гьечlо Мурад ШугIайбов кив вугевали. 20 февралалда Махlачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналде вачун вачIине кколев вукlана гьев, амма вачIинчIо. Цо-цо баяназда рекъон,гьев вуго Владикавказалъул туснахъалда.

Шималияб Гьириялдагойищ телев, яги диван гьабизегIан къватIивейищ виччалевали хIукму къотIизе кколаан Советский мухъалъул диваналда.

ШугIайбовасул адвокатал ГIумаров ГIадилгерейги Сапият МухIамадоваги ахIун рукIун руго гьенире.

ГIумаров ГIадилгерей: "Гьевги вачIун вугила, нужги рачIайин диваналде ахIана ниж. Нижги ана. Амма радалалдаса къаси сагIат микьго тIубазегIан диваналъул кIалтIуги цIунун чIезе ккана. ВачIинчIого гъовгун диванчIужу Якъубовалъ инкар гьабуна гьев жанив кквезе, ШугIайбовасда хурхараб материалги нахъбуссинабуна. Цебесеб диваналъул данделъиялда ШугIайбовас абун букIана жиндие гIакъуба кьолеб бугилан".

Владикавказалъул туснахъалда гIакъуба кьолеб бугилан ШугIайбовасеян бицун букIун буго живго Мурадица адвокат ГIумаровасе. Гьединлъидал доба кьураб гIакъубаялъ лъурал гIужал рихьиларедухъ виччан ватиларин цIех-рехчи Альберт Хасаувовас ШугIайбовилан бицана ЭР-ялъе ГIумаров ГIадилгерейица.

Мурад ШугIайбов туснахъ гьавиялъе гIиллалъун ккана гьесул рокъоб таманча бати. Гьеб хIужа ккана гъоркьисала 20 декабралда. Амма рагъулаб таманчаялде сверизабураб газалъул таманча жидер рокъобе жалго низам цIунулез реханилан рикIкIунеб буго гIагарлъиялъги адвокатазги.

XS
SM
MD
LG