МагъчIваялъе рес

Сапият: БахIарчияй йикIинарищха, омоналъулал рухарай дун…


МухIамадова Сапият
МухIамадова Сапият

Дагъистаналдаса адвокат МухIамадова Сапият Швециялъул дипломат Пер Ангерил премиялъе йихьизаюн йиго инсанасул ихтияралгун эркенлъи цIунулел гIуцIиялъул вакилзабаз. Гьединаб премия букIин гьелда лъан буго Швециялдаса вакил кIалъан хадуб. Пер Ангерил хIакъалъулъги жинца гIемер цIалун букIанин бицана Сапиятица.

МухIамадова Сапият: «Цо лъида букIанигигIаги бихьун батани дир хIалтIи, гьеб лъикI буго. Гурони киназго какулей йикIунин дун, щибулей адвокат гьейинги абун».

Швециялъул хельсинкиялъул комитеталъул сайталда хъвалеб буго адвокат МухIамадова Сапиятица тIаде росулин цогидал адвокатал гъорлъе къаларел ишал, гьелъ рагIалде рахъинарулин бергьине ресго гьечIин ккарал ишалги. Регионалда ругел гIадамазе гьей яхъана бахIарчиялъул символлъун».

МухIамадова Сапият (елъулаго): «БахIарчияй йикIинарищха омоналъул щуго хIалтIухъан вухарай гIаданлъидал дун кколей».

КъваригIелалъ полициялде арай гьей полициялъул щуго хIалтIухъанас кодоеги йосун азбаралъуй речIчIун йиго. Цинги гьезда тIасан диваналде гIарза хъварай Сапият жийго гIайибияйлъунги гьаюн цIех-рех байбихьана низам цIунулез.

Швециялъул хIукуматалъ МухIамадова Сапиятие кьолеб бугеб Пер Ангерил премиялъе рихьизарула демократияги инсанасул ихтияралги цIуниялъулъ машгьурал чагIи. Дунялалъул КIиабилеб рагъул заманалда Пер Ангерицаги гьесул махщелцояв Рауль Валленбергица Будапешталда хвасар гьавун вуго азаргоялдаса цIикIкIун жугьутIав.

МухIамадова Сапиятие Пер Ангерил премия кьезе буго 12 ноябралда Стокгольмалда.

XS
SM
MD
LG