МагъчIваялъе рес

С.МухIамадова: «Релъизе гуреб жо гьечIо гьеб диваналда»


Сапият МухIамадова (кваранаб рахъ) "One World - 14" абулеб документалиял фильмабазул фестивалялда. 2014 соналъул март моцI.
Сапият МухIамадова (кваранаб рахъ) "One World - 14" абулеб документалиял фильмабазул фестивалялда. 2014 соналъул март моцI.

Хасавюрталъул диванханаялда халат бахъунеб буго адвокат Сапият МухIамадовалъ Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъабазул къадру хвезабулел лъазабиял гьарун ругин абун, Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ гьелдасан хъвараб гIарзалъул халгьаби.

Иргадулаб диваналъул данделъиялда магIна гьечIел лъазабиял гьарунин къуваталъул идарабазул вакиласин, гьезул жиндиде данде щибниги кьучIчI бугеб жо гьечIила, гьеб жиндаса гIарза хъваялъго гьез жидецаго къанун хвезабулеб букIин бичIчIулеб гьечIила низамцIунулездайилан лъазабулеб буго адвокат МухIамадовалъ.

АрбагI къоялъ Хасавюрталъул федералияб диваналда тIобитIараб Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ адвокат Сапият МухIамадовалда тIасан хъвараб гIарзалъул халгьабиялда киналго рахъазул вакилзаби рачIун рукIун руго.

Цин-циял гьел рачIинчIолъиялда бан цебеххун кIицIулниги нахъбахъун букIана диваналъул данделъи. Гьаб нухалда Шамиль Салатгереевцин вачIун вукIанин диваналде, гьесухъа суравги босанин гьенибилан бицана адвокат Сапият МухIамадовалъ.

Гьев Салатгереев Шамиль гъоркьисала Казбек мухъалъул полициялъул идараялде вачун вукIун вуго низамцIунулез. Гьесдаса полициялъулаз тIалаб гьабулеб букIун буго руччабазул шуба бикъиялъе ва цойгидал гIиси-бикъинал цIогьал гьариялъе мукIурлъейин абун.

Гьес жинца гьабичIеб такъсир тIаде босизе инкар гьабидал къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз вухун вуго гьев, гIазаб кьун буго, гьесухъа букIараб 40 азарго гъурущги бахъун буго.

Гьеб хIехьезе кIвечIого живго жинцаго чIвазе хIал бихьун буго гьев гIолохъанчияс, хIалихъе хвасар гьавизе кIванин гьевилан абурал баянал кьуна гьесул гIагарлъиялъ.

Гьеб киналъулго хIакъалъулъ Салатгереевасул адвокат МухIамадова Сапиятица «Кавказский узел» сайталъе кьун букIун буго баян. Гьеб баян гьересияб бугин, адвокаталъ Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъаабазул къадру-къимат хвезабулеб бугин абун разигьечIолъи загьир гьабун Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ кьун буго диваналде гIарза.

Гьеб гIарзалъул халгьаби байбихьаралдаса нахъего къуваталъул идарабазул вакилас тIадрелъилеб гIадаб гуреб жого гьабичIин диваналдайин абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе адвокат МухIамадова Сапиятица.

Гьезда бичIчIулеб гьечIила къануналда рекъон адвокатас гьабураб лъазабиялъе гIоло гьев диваналде кьезе бегьулареблъиги, гьединаб гIарза къабул гьабицин къанун хвезаби букIинги. Гьедин гьаб нухалдаги бичIчIуларел гIантал жал рицине лъугьанила диваналда жанисел ишазул министерлъиялъул вакилилан абуна адвокаталъ.

МухIамадова Сапият: «Гьев министерлъиялъул вакилас абуна диваналда жидеца гIарза МухIамадова Сапият АхIмадовалдаса тIасан хъван бугин, адвокат МухIамадова Сапиятида тIасан хъван гьечIилан. Гьеб жоялъул магIна щибин абураб мехалда вуцIцIун чIана гьев. Дица абуна гьесда гьедин батани дида бичIчIулеб гьечIин дун яги адвокат кколей ятиларин, яги МухIамадова Сапият ятиларин.

Гьединги абун низамцIунулезе къваригIун букIун батила адвокат диваналде кьолей гьечIин жидеца, гьеб къануналде данде кколарелъул, жидеца гIадатияв чи кьолев вугин диваналдейин абизе.

Амма гьедин гьабизе лъугьиналъулги гIадаллъи букIунарищ, гьезие рекIее гIечIеб «Кавказский Узелалда» бахъараб макъалаялдаги киса кибего дун адвокат МухIамадова Сапиятин абун йихьизаюн йигелъул. Адвокат МухIамадовалъ кьурал баяназда ва гьарурал лъазабияздаса разигьечIоголъидал гьез гIарзаго хъван бугеб.

Дица гьедин абураб мехалда ва цадахъго дица цIунун вукIарав Салатгереев Шамилида тIасан щайин нужеца гIарза хъваларебин, гьес абураб жолъидалин жиндица къватIибе кьурабин абураб мехалдаги гьез ричIчIуларел жал рицана. Жидер гьесдаса кинабгIаги разигьечIолъи гьечIилан абуна. Гьедин релъизе гуреб жого гьечIо гьеб диваналда».

Гьединго адвокаталъ бицана жиндица диваналъухъе кьунила Салатгереев Шамиль Казбек мухъалъул полициялъул бутIаялда вухиялъул ва гьесие гIазаб кьеялъе нугIлъи гьабулел документал.

Гьезда гьоркьор МухIамадовалъ лъун буго вухун хадуб Шамилил хал-шал гьабун тохтурас гьабураб хъвай-хъвагIай, гьев живго жинцаго чIвазе хIал бихьун хадуб гьенибе ахIараб хехаб кумекалъул хIалтIухъабаз хъвараб хасаб кагъат ва цойгидалги гьединалго документал.

Гьезул халгьабун хадуб диванчиясда бичIчIизе кколила жиндица «Кавказский Узелалъе» кьураб баян битIараб букIин ва лъилниги къадру-къимат гIодобегIан гьабулеб яги, гьересияб баян гьениб букIинчIолъи.

Гьединго Сапиятица бицана жеги-жеги Казбек мухъалъул полициялъ Салатгереевазул хъизамалъе рахIат толеб гьечIила, гьезде тIадецуй гьабулеб бугилан. Гьеб чIалгIун Шамиль Салатгереев республика тун къватIиве ун вугилан.

XS
SM
MD
LG