МагъчIваялъе рес

ЦIумада нахъе хъвалеб буго ччукIун бачIараб ракь


ЦIумада мухъалъул РичIагьани росулъе жеги нух бахъун гьечIо, гьединго къотIун буго канлъиги, газги. Гьениб ракь ччукIун бачIун букIана 25 октябралъул радакье.

ТалихIалъ, гIадамазе къварилъи ккун гьечIо. РичIагьани росу бугеб рахъалдасан ччукIун бачIунеб гьеб ЦIумадагIурухъехун ун буго.

Гьелда тIасан гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе ЦIумада мухъалъул газеталъул хIалтIухъан Хадижат Залумхановалъ.

Хадижат Залумханова: «ЦIадал ран рукIинчIо. Жибго букIун бакIалъа тIун бачIана ракь. Гьелдалъун гIадамазе къварилъи ккечIо, амма ракьуда гъоркье ккун руго хIубал, нух».

ЭР: «Хадижат, кидаго ракь ччукIунеб бакIищ гьеб?»

Хадижат Залумханова: «У, кидаго ракь ччукIун бачIунеб бакI буго. Нух цогидаб бакIалдасан бахъун букIаниги, къокъаб бугилан, гIадамал гьенисан хьвадула».

27 октябралда гьенир энергетикалги нухал къачIалелги хIалтIулел ругин бицана Хадижат Залумхановалъ.

Хадижат Залумханова: «Гьаб кIиго-лъабго къоялда жаниб канлъи букIиналъегIаги хIалтIи гьабилин абунаха. Жакъа къоялъ гьениб канлъи гьечIо, бухьен гьечIо, гIадамазе машинадул нух гьечIо.

РичIагьанихъ буго гьеб росдада цIар, «хвараб росу» йин буссинабизе бегьула гьеб магIарул мацIалде. ГьабсагIаталда лъабго батIияб гIуцIиялъул чагIи хIалтIулел ругоха гьенир.

Амма нух бахъизе тракторал анцIго къоялъ хIалтIичIони, анкьалъгIаги хIалтIизе кколаха гьенир».

ЦIумада мухъалъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул бутIаялъул баянзда рекъон, ракь ччукIараб бакIалъул борхалъи кколеб убго 800 метра, гIеблъи – 400.

Хадижат Залумханова: «Ракь, ччукIун, гъобе кIкIалахъеги ун гьечIоха (кIкIал буго доба цебе), нух бакьулъ чIун буго. Цо гьитIинаб лъарги буго гьенисан чвахулеб».

ЧчукIараб ракьуда гъоркье ккун буго газ бачараб рогIороги, электроэнергия бачарал хIубалги, цогидабги. Гьелъ бацун буго шагьранухлул 2 километралдаса цIикIкIараб манзил.

XS
SM
MD
LG