МагъчIваялъе рес

Къурбан Къурбанов нахъе витIана


Daghestan -- Kurbanov Kurban-head of Derbent district on a press-conference, Derbent, 11Aug2014
Daghestan -- Kurbanov Kurban-head of Derbent district on a press-conference, Derbent, 11Aug2014

16 октябралда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ хIукму гьабуна Дербент мухъалъул нухмалъулев Къурбан Къурбанов хIалтIудаса нахъе рехизе. Диваналде гьеб гIарза битIун букIана цIех-рехчагIаз.

Къурбановасда хурхун диван жеги Арбитражалъул диваналдаги букIине буго. Исана 9 октябралда букIине кколаан гьеб. Амма цоги болжалалде цIан букIана гьеб.

Гьедин гьанже Арбитражалъул диваналъги хIукму МахIачхъалаялъул Советский мухъалъулго диваналда релълъун гьабизе рес бугилан бицана ЭР-ялъе Дагъистаналдаса юристаз.

Щайин абуни Арбитражалъулги ТIадегIанабги диванал цолъун ругила. Гьедин Арбитражалъул диваналъ къанагIатги хисизабуларила гъоркь бугеб диваналъ гьабураб хIукму.

Арбитражалъул диваналде гIарза Къурбановас кьун буго Дагъистаналъул мал-мулкалъул министерлъиялда тIасан. Гьеб министерлъиялъ дагIба балеб буго 2009-2013 соназда Дербент мухъалда гIадамазе рикьарал «Хазарский» абураб бегавуллъиялъул ракьазда.

ГIаммаб куцалда гьел кколел руго 56-са цIикIкIун гектаралда ругел ракьал. Гьел республикаялъул кIваралъул ракьал кколин, гIадамазе жидерго пастIаби гьаризе кьезе бегьулароанин гьелин рикIкIунеб буго мал-мулкалъул министерлъиялъул вакилзабаз.

Амма Къурбановасул рахъккурав журанлист МухIамад ХанмухIамадовас ЭР-ялъе бицун букIана гьел ракьазул Дербент мухъалдехун щибниги бухьен гьечIин. Карл Марксил цIаралда бугеб магIишаталъул ракьал кколин гьел.

Гьеб магIишатин абуни буго пачалихъияб мал-мулкалъул министерлъиялъул къайимлъиялда. Гьединлъидал Дербент мухъалъул нухмалъулесда кIоларин гьел ракьал рикьизе.

ПалхIасил, 16 октябралда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ гьабураб хIукмуялдалъунги лъугIуларин Къурбановасул ишилан рикIкIунеб буго лезги миллаталъул жамгIияв хIаракатчи Руслан МухIамадрахIимовас.

Руслан МухIамадрахIимов: «Россиялъул ТIадегIанаб Диваналъ кинабго хисизабизе рес буго. Щайин абуни гъосде гIунтIизабулеб гIайиб цIакъго тIаса-масагояб жо буго. Узухъда, щиб кканиги, Къурбанов тIокIалъ гьенив хIалтIизе гьечIо.

Амма жибго гьесул хъулухъалда сверухъги гIезегIан къеркьей унеб бугелъулха, рагьун бицинчIониги.

Гьеб бакIалде хьул лъурав лъабго чи лъала дида, амма бицине бокьун гьечIо. Нужеда гьеб бачIунеб итниялъгIаги лъазе рес буго. Масала, азербайжан миллаталъул чи гьениве вачIани, тIадкIалъай дагьаб букIине буго. Амма магIарулав яги даргияв тани, разилъи гьечIолъи букIине буго гIадамазул.

Масала, республикаялъул ункъабго тахшагьаралда мэр даргияв толеб жойищ букIунеб? ГьанжелъагIан юстициялъул министрлъун вукIарав Азади РахIимов вуго азербайжан миллаталъул чи.

Гьедин Къурбановги нахъе вахъун гьев тезехъин вукIана республикаялъул тIалъиялъ гьенив.

Амма нахъе инарилан Къурбановги дандечIун, РахIимовасе республикаялъул тIалъиялда цо гьитIинабго хъулухъ кьуна.

Гьанжеялдаса хадув Дербент мухъалда гьев теларилан ккола дида. Щакаб жо буго РахIимов гьенив тей. Амма, цо рахъалъ, лъалароха, балагьун рихьилин».

ПалхIасил, Дербент мухъалъул нухмалъиялдаса Къурбан Къурбанов нахъе унев вукIинчIо исана риидалалдаса байбихьун. Республикаялъул нухмалъулес телевидениялдасан лъазабуна пайда гьечIел нухмалъулел нахъе ритIизе ругин.

Масала, гьединавлъун кколин Дербент мухъалъул бетIер Къурбан Къурбанов.

Гьединго кидаса-кидеги цого чагIи хъулухъалда рукIине бегьуларинги тIаде жубана гьес. Масала, Къурбановасде щвезегIан къогогIан соналъ гьебго бакIалда нухмалъуда вукIана Къурбановасул эмен СагIид Къурбановас.

Гьесул цогидав вас вукIана Азербайжаналда Дагъистаналъул официалияв вакиллъунги. Уйин, лъикI бугин, дуца абухъе гьабилин жиндаги абун, Къурбанов митингал гьаризе лъугьанин рази гьечIого вукIана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги.

Гьелдаса рекIел унтиги бачIун Дербенталъул азарханаялдаги вегана Къурбанов. Гьединаб мехалда чи хIалтIудаса нахъе рехизе ихтияр букIунарелъул, къануналда рекъон, гьединлъидал вегарав чи вугин гьевилан абулеб букIана Къурбановасда данде чIараз.

Хадур Дербент мухъалде бюджеталъул гIарцул халгьабизе арал ХIисаб гьабулеб палатаялъул вакилзабазда гьениб 232 млн гъурущ пасат гьабун батун бугоан.

XS
SM
MD
LG