МагъчIваялъе рес

«Нижеца вагIзаби мугжул теян гьаризе ккола»


Дагъистан—МахIачхъалаялъул Котровасул цIаралда бугеб къотIноб гьеб мажгит бана 1990 абилел соназда вацал Хачилаеваз.
Дагъистан—МахIачхъалаялъул Котровасул цIаралда бугеб къотIноб гьеб мажгит бана 1990 абилел соназда вацал Хачилаеваз.

МахIачхъалаялда Котровасул къотIноб бугеб мажгиталде хьвадулел гIолохъабазул умумуз бачIараб кагъат хIисабалда Facebook-алде рехун буго мажгит имамасдеги гьесда хадусев чиясдеги хитIаб гьабураб кагъат.


Гьез гьезда гьарулеб буго мугжул кIкIваян жидер васазе кутакалда рагIа-ракь щвараб вагIза гьабейилан. Мугжул халатал бихьинал Дагъистаналда вагьабиязда гъорлъе хъвала. Гьединлъидал полициялъги балъго гьабуларо гьединал гIолохъабаздехун жидер кIвар цIикIкIараб букIунеблъи. Доб кагътидаги абулеб буго мугжузул халалъиялъухъ балагьун жидер васал полициялде рачунел ругин.

Котровасул къотIноб бугеб мажгиталъул имам Идрис-хIажиясда бихьун гьечIоан гьеб кагъат, амма жидеца мугжул кIкIваян вагIзаби гьаризе бегьуларин, гьеб шаргIалда данде чIей кколин бицана гьес.

Мажгиталъул имам Идрис-ХIажи: «Ниж руго берцинго рукIаян гьанире, мажгиталде, рачIарал чагIазе вагIзаги гьабулел, цере лъугьун какги балел чагIи. Аллагьас бихьиназда мугжул тезе, ясазда – гъалал тезеги тIадаблъун гьабун буго. Гьезул кагътие гIоло нилъеца шаригIат мерхьине бегьуларо. Дир магжидаги метр буго, дун щайха чIезавуларев? Нагагь чIезавуни дица абула дора Москваялда ругел попазул гIадлу гьабизе айин нужилан».

Идрис-ХIажилго гIадаб пикру буго «Агьлу-Сунна ва ЖамагIа» абулеб гIуцIиялъул вакил, гIалимчи ХалилурахIманилги. Досдаго гIадин гьасда бихьун гьечIо гьеб кагъат, амма агьеб провокация букIине рес бугила.

ХалилурахIман: «Нижеца тIадеги мугжул теян вагIза гьабизе ккола. Мугжул кIкIвазе хIарам гьабун бугелъулха. Эбел-инсуца хъвараб жоги гуро гьеб кагъат, жакъа-сон баккараб проблема гурелъулха гьеб, 15-20 соналъго гьечIищха гьеб. Гьеб буго гьанже ахIвал-хIал хIалуцун букIиналъ баккараб кагъат».

«Нурул Ислам» газеталъул бетIерав редактор ХIажиев МухIамадица нижее бицана динияб гIаламаталъухъ балагьун жиндие лъицаниги гIунгутIи гьабичIила.

ХIажиев МухIамад: «Полициялъулав, ГАИялъул хIалтIухъан – гьел чагIаз дие жо гьабичIо, гьединго проблема гьабурав чи рагIичIо, дин сабаблъун. Стереотип абураб жоялда барабги букIунаха. Масала, гьадинал чагIаз чIвалин, кьвагьизарулин абураб пикру билълъун ун буго. Чияс мегеж эмен яги гIагарав цоги чи хун тун букIинеги бегьула, гьез гьелъул хIисаб гьабичIого абулеб бугоха… Мегеж кIкIваян абуни, гьединав имамасда тIад релъизеги рес буго».

МахIачхъалаялда гIумру гьабулев ЛъаратIаса Юсупов ГIалица рагьун абула жив атеист вугилан, гьединго гьес рикIкIуна магжил халалъиялъги ретIараб ратIлил къагIидаялъги хвасар гьаруларин нилъ гьабсагIаталда республикаялда лъугьараб ахIвал-хIалалдаса.

Юсупов ГIали: «Нилъер гьаниб светияб пачалихъги бугони, гIасрабаз хIалтIизабулеб ругьунаб динги хьвадиги бугони, гIемеразда релъун рукIине ккелаха. Гьел вагIзабиги гьаризе ккела берцинго хьвада-чIвадеян.

Дида берцин бихьулеб жо гуро гьеб мегеж тей, битIараб бицани. Жакъа къоялда нилъер пачалихъалда ва республикаялда гьелъул цо кIудияб магIнаги гьечIо. Васвасдиги, питнаги, хабарги гIемерлъи гурони, тIокIаб жо бихьулеб гьечIо гьелъулъ.

Дир гIагарлъиялда гьоркьорги руго гьединал чагIи. КIкIвани щиб, вас, дур гьеб мегеж? Дур гьурмада бижараб расалъ къотIулеб къисматищ гьаниб бугеб, дур инсуцаги гьабичIеб, нижецаги гьабичIеб, гьеб мода хIалев вукIиналъул магIна щибин абула нижеца гьесда.

Гьелдаса инкар гьабулелги руго, гьабуларелги руго гIолохъаби – гъора къватIир цIалун рачIарал, суннат бугила гьединабин жаваб кьолаха гьез. ГIемер чияс модалъун гьабулеб буго гьеб. Мода хвела заманалдасан. КIванагIан хехго гьелде рачIине квъаригIун батани, мажгитазда вагIзабиги гьаризе ккелаха, чIахIияз гIисиназе гIакълуги кьезе ккела».

МахIачхъалаялъул мажгитазда гьоркьоб низам цIунулез тIокIалъ чIечIого тIасанкIалъаялги бадирчIваялги гьарулеб мажгит ккола Котровасул къотIноб бугеб.
Гьез рикIкIуна гьенире вагьабиялги экстремисталги хьвадулин. ГIолохъабаз абула жидее гьениб унго-унгоги исламияб лъай щолилан.

Котровасул къотIноб гьеб мажгит бана цебесеб гIасруялъул 90 абилел соназда Дагъистаналъул нухмалъиялда дандечIун рукIарал вацал Хачилаеваз.
XS
SM
MD
LG