МагъчIваялъе рес

Азаналъ бахъинабулеб "хъуй"


Приштинаялъул бусурбаби
Приштинаялъул бусурбаби

Европаялъул Цолъиялъул нормабазда рекъон, «хъуялъул» стандартал чIезаризе ракIалда буго Косовоялда, амма гьенир бусурбабазул жамгIияталда кколеб буго гьеб бугин как ахIиялде данде гьабулеб тадбирин.

Хъуялъул кIодолъи гьитIинлъи кин чIезабулеб? Кинаб гьаракь яги хъуй рикIкIине бегьулеб, цогиязде данде ккун, букIине бегьулеблъун?
Гьел ва гьезда релъарал суалазда сверун унел руго Косовоялда бахIсал «хъуялъул» стандартал чIезаризе байбихьаралдаса нахъе.
Гьеб «хъуялъул» стандартал чIезаризариялъул суал борхулеб буго ТiабигIат цIуниялда сверун министрелъиялъ. Гьебги улкаялъул къанунал Евроцолъиялъул къануназде данде ккезаризелъун.

Гьел стандартазда сверун суал парламенталда цебе лъун гьечIоницин гьелда сверун кIудиял бахIсал унел рукIана ахирал анкьазда улкаялъул информалатаздаги социалиял сайтаздаги.
Улкаялда бусурбабазул жамгияталъул гIемеразда гьеб кинабго бичIчIулеб буго Азан гьукъиялде данде гьабулеб ишлъун. Гьел разиял гьечIо как ахIиялде хъуй гьабийин абиялдаго.

3 февралалда Косовоялъул исламияб жамгIияталъул вакилгун дандчIван вукIана ТIабигIат цIуниялъул министр Дардан Гаши гьел хIинкъаби кьучI гьечIел ругин абизелъун.

Эркенлъи радиоялъул балканазул хъулухъалъе гьес гьадин абуна.

Дардан Гаши: «Гьаб заманаялда я хIукуматалда я кинаб букIаниги министерлъиялда ракIалда гьечIо Азан гьукъизе. Инсан хIисабалда дун данде чIезе вуго Азан гьукъизе гьарулел кинал рукIаниги хIалбихьиязда, гьединал рукIинего рукIани. Байбихьудасан бицен букIана батIи-батIиял динамиказдасан Азан ахIулеб гьаракьил кIодолъи батIи-батIияб букIиналъул ва биценго букIана гьеб цо даражаялде бачIинабиялъул. Гьанжени абуни, батIи-батIиял къуватаз хIаракат бахъулеб буго гьеб ахIвал-хIалал жидеего политикиял баллал росизелъун хIалтIизабизе».

Гашица гьединго абуна Азан ахIиги килисабазда кьабулел цIурмазул гьаракьалги «хъуялъул» стандартал чIезарулаго сияхIалдаса нахъе росизе ругин ва «хъуй» абун гьезул гьаркьазе класификация гьабизе гьечIин.

Гьес гьединго абуна жидер министрелъиялъ ва Косовоялъул бусурбабазул жамгIияталъ байбихьун бугин Азан ахIиялъул суалалъе централизация гьабиялъул проекталда тIад хIалтIизейин. Гьелъул мурадги бугин тахшагьаралда Азан ахIулеб заманги, гьелъул халалъиги киналго мажгитаздасан цогояб букIинабийин.

Амма гьеб киналдаго разиял гьечIо Цогояб Косовоялъул Исламияб багъа-башариялъул ай LISBA-ялъул гIахьалчагIи. Гьез багъаризабун букIана социалиял сайтазда гьеб суалалда сверун кIудияб ахIи-хIурги. Гьезул цIаралдасан хас гьабун Гашиегицин букIана ахIи хъван. Гьелда абулеб букIана: «ГьедигIан хIинкъуларев чи ватани, вачIа чIезабе Азан»,-ябун.

Гшаца рикIкIунеб буго LISBA-ялъ жибго жинцаго лъазабун бугин ислам цIунулеб идаралъун ва гьелдаса пайдаги босун жамгIияталъе асар гьабизе къасд гьабулеб бугин.

Косовоялъул христианазул гьел харбазда сверун гьечIо кинаб букIаниги реакция.

Беким Бислим
XS
SM
MD
LG