МагъчIваялъе рес

МестIерал щай чIвалел?


Дагъистаналда ахираб заманалда гIемерлъун руго палихъаби ялъуни халкъияб медицина гьабулел гIадамал чIваялъул хIужаби. ГьатIан къоялъ къаси Буйнакск шагьаралдаги ккана гьединаб лъугьа-бахъин. Нижер мухбир Ражабов Рамазаница гIатIидго бицунеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ ва хIалбихьулеб буго щай палихъаби чIвалел абураб суалалъе жаваб батизе.

Палихъаби чIваялъул хIужаби къанагIаталлъун кколаро Дагъистаналда. Ахирал соназда зама-заманаялдаса информалатаз лъазабула иргадулав палихъан ялъуни халкъияб медицина гьабулев чи чIванилан, лъукъанин ялъуни хIинкъизавунин. ГьатIан къоялъ къаси Буйнакск шагьаралда щалали чIезаризе кIвечIел гIадамаз чIвана жаряхI Къурбанов МухIамадрасул. Шагьаралъул полициялъ лъазабухъе, такъсирчи рокъове вачIун вуго сах гьавизе вачIунев гIадин ва рокъове щварабго чанго нухалъ таманчаялдаса халкъияв тохтурасдаги речIчIун вахчун вуго. ЦIех-рехалъул комитеталъ лъазабухъе, такъсиралда хурхун уголовияб хIалтIи гьабун буго.

МоцIалъ цебе, Дербент мухъалъул Сабнова росулъги гьелдаго релълъараб лъугьа-бахъин ккана. Республикаялда лъалев жаряхI Яшар ХIасановасул рукъалде кьвагьдана щалали чIезаризе кIвечIел чагIи ва гьесул рукъалда кьвагьулеб алат дализабуна. «Кавказский узел» сайталъ лъазабухъе, рехсарав местIерасухъе сах гьаризе унаан Дагъистаналъул гIемерал хIакимзаби. Гьесие щибниги ккечIо.

Гьединабго хIужа ккана араб соналъул октябралда Хъумторхъала мухъалъул Учкент росулъ. Гьенив чIвана халкъияб медицинаялдалъун гIадамал сах гьарулев вукIарав 60 сон барав ХIажиев ИсмагIил. Номерал гьечIеб машинаялда вукIарав лъабгояс рокъореги рачIун таманчаялдаса речIчIана гьесда. Гьел гурел цереккунги гIемер ккана гьединал лъугьа-бахъинал, амма цониги такъсир рагьун гьечIо.

Кинаб бугеб гьел гIадамал чIваялъе гIилла, щай гьел чIвалел ва бугищ гьез гьабулеб ишалъул исламалда дандеккунгутIи абурал суалал кьуна нижеца I5 соналъ Шамалда цIаларав гIолохъанав гIалим МухIамадов Шамилие.

МухIамадов Шамил: «Халкъияб медицина гьабулелинги абун, жидеца цо щайтIабазда хурхарал чагIи руго хIакъикъаталдаги. Исламалда рекъон кин гьабизе кколеб абун цIехани, буго «рукъя» абураб бичIчIи. Гьелъул магIна ккола Къуръаналъул аяталги цIалун инсан сах гьави. Мисалалъе, кьучIаб хIадис буго Аварагасул чIужу ГIайшадаса бачIараб. Гьелъ авараг унтарабго гьесда тIаде цIалулел рукIун руго къуръаналъул аятал гьев сах гьавиялъул мурадалда. Цоги нилъеца «рукъя» абула женаз ккурав чиясда тIаде Къуръаналъул аятал цIалиялда. Гьебги данде ккола исламалда. Амма руго цо-цо чагIи, кинабгIаги Къуръанги гьечIого, батIи-батIиял, жидецаго ургъарал жалги гьарун, жинца гIадамал сах гьарулел ругилан сихIру хIатIизабулел. Гьединав чиясда божулев чиги капурлъулев вуго, божичIого гьадинго гьесухъе арав чиясулги кIикъого къоялъ бараб как къабуллъуларин буго хIадис».

Изну гьечIого яргъидгIуцIараз рагъ лъазабун буго палихъабазда, амма халкъияб медицина хIалтIизабулел местIерал чIваялъе гIилла рехсезе кIолеб гьечIо лъиданиги. Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул философиялъул кафедраялъул профессор Саидов Садикъица бицухъе, изну гьечIого яргъидгIуцIараз кидаго кIудияб кIвар кьолеб буго Аллагь цо гьавиялда ва гьел чагIаз гьабулеб ишалъулъ гьезда ширк бихьулеб буго ва кIудияб мунагьлъун рикIкIунеб буго. Гьеб сабаблъун чиясе чIвай къотIизе хIукмуги шаргIияб пачалихъалъул султIнас гурони кьезе бегьуларин рикIкIунеб буго гIемерисел диниял церехъабазин бицана рехсараб суалалда тIад гIемер соназ хIалтIарав гIалимчияс.

XS
SM
MD
LG