МагъчIваялъе рес

Рикъаразда сверун статистика низам цIунулезул батIияб буго


Гьаб соналъул байбихьуда Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталде гIадамал рикъиялда хурхун 96 гурони лъазаби щун гьечIо. Гьезда гьоркьосан 72 лъазаби ккола чIужулъун ячине яс хъамиялда хъинтIараблъун. Гьедин лъазабулеб буго комитеталъ.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул лъазабиязда рекъон, гIадамал рикъиялъул хIужабазда хурхараб батIияб информация буго гьезухъ.

«Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIцIиялъул нухмалъулей Светалана ГIисаевалъул рагIабазда рекъон, гьаб соналъул бащдаб лъагIалида жаниб Дагъистаналда 50 чи викъун вуго.

ГIисаевалъ абуна гьеб тарих бакканин жидехъе рачIарал гIарзабиги ва рикъиязул хIакъалъулъ интернеталда рахъарал макъалабазул монтиронги хIисабалде росун илан.

ГIисаевалъ цебеги абун букIана «Эркенлъи» радияолъе рикъарал гIадамазда гьоркьосан цо-цоял хадур ратулин заманаялъ жанир тIамулел туснахъазда яги мухъалъул жанисел ишазул идарабаздаилан.

Инсанасул ихтиярал цIунулез гьединго лъазабулеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазде гъорлъе унезул лъималазул хасаб сияхI бачунеб бугин къувталъул идарабаз.

Гьединаб сияхI жидеца бачунеб гьечIилан абулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталдаги Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаги.
Амма экспертаз рикIкIунеб буго гьединаб сияхI бачиналъ инсанасул ихтиярал хвезарулел гьечIин. Адвокат Расул Кадиевасул пикруялда рекъон, гьел сияхIал рачин оперативияб хIалтIилъун букIине ккола.

БачIунеб анкьалда Берлиналда тIобитIизе буго Шималияб Кавказалда хурхараб пленарияб сессия. Гьеб гьабулеб буго «Генрих Беллил фондалъ».

Дагъистаналдаса гьеб сессиялда гIахьаллъизе йиго Елена Денисенко. Гьей ккола инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» централъул Дагъистаналда бугеб офисалъул нухмалъулейлъун.

Денисенкоца абуна Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалда хурхараб доклад хIадур гьабунилан жинцаилан. Гьелъул рагIабазда рекъон, докладалда рехсон руго гIадамал рикъиялъул, инсанасул ихтиярал хвезариялъул ва гь.ц. хIужаби.

Денисенкол пикруялда рекъон, Дагъистаналъул хIукуматалда лъикIаланго лъала инсанасул ихтиярал цIунулезухъе жидерго ургъелгун гIадамал бищун ахираб мехалда унеллъи. Гьединго Денисенкоца абуна, жидерго ихтиярал цIуниялъе гIадамаз къанунал хвезарулел ругин.

Гьелъул рагIабазда рекъон, викъарав чи ватизавиялъе мисалалъе гIадамаз пикетал гьарула. Гьев викъарав жанисел ишазул идараялда ватани, гьелда цебе митинг тIобитIула. Гьел тадбираз кинал-рукIаниги хIасилал кьолин рикIунеб буго Денисенкоца.

«Москваялъулабгун Хельсинкиялъул къокъаялъул» нухмалъулей Людмила Алексеевалъ «Эркенлъи» радияолъе абуна Шималияб Кавказалда жакъа бугеб ахIвал-хIалалъ бихьизабулеб бугин Кремлалда ругезда хIалтIизе лъалеб гьечIолъи.

Людмила Алексеева: «Дагъистаналда гIадамал холел руго. Амма абизе ккола, гьелда хурхараб информация Москваялда дагьаб гурони гьечIин. Россиялъул цогидал регионазда гIумру гьабулез хIисаб гьабулеб гьечIо жидерго улкаялъул цояб бутIаялда гIадамал чIвалел рукIин, гIадамаз тунка-гIусиязда кьвагьа-гIанхъияздагъорлъ гIумру гьабулеб букIин.

Федералиял каналаздаса Дагъистаналда кколебщиналъул бицунаро. Цо кIудияб лъугьа-бахъин ккун хадуб гурони телевизоралдаса информация букIунаро. Дагъистаналъул ругел масъалабазулги, гьел кин тIуразе кколебги бицунеб гьечIо. Щайгурелъул республикаялда бугеб ахIвал-хIал ккола Кремлалда ругезул хIалтIигьечIолъи бихьизабулеллъун. Кавказалда гIумру гьабулелги Россиялъeл гражданал руго.

ГIадамазда бичIулеб гьечIо гьел тунка-гIусbял нилъер улкаялда кколел рукIин. Гьеб нилъер улка буго гури. ГIадамазда кIочон буго гьеб».
XS
SM
MD
LG