МагъчIваялъе рес

Казбек мухъалъул мугIалимзабазе мухь кьолеб гьечIо


Казбек мухъалъул гlадамаз жидер администрациялъул бетlер Махlачевасде данде гьабун букlараб митинг, Дилим, 26Июн2013
Казбек мухъалъул гlадамаз жидер администрациялъул бетlер Махlачевасде данде гьабун букlараб митинг, Дилим, 26Июн2013

Казбек мухъалъул мугIалимзабазул цIаралдасан Дилималда бугеб гимназиялъул мугIалимзабаз хитIаб хъван буго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе.

Гьезул рахIатхвезабун буго бакIалъул нухмалъиялъ мугIалимзабазе харжал кьунгутIи. Гьедин Казбек мухъалъул администрация 40 млн гъурщил налъукь ккун буго мугIалимзабазад цебе. Гьелда бан гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе хитIаб хъваразул цояв, мугIалим АбутIалиб МухIамадовас.

АбутIалиб МухIамадов: КIиго моцIил гурони нижее гIарац кьезего кьечIо. Гьанже октябрь-ноябралда битIана нижеца гъоб хитIаб республикаялъул нухмалъулесухъе. Гьелдаса хадуб кьуна гьеб, бакIалъул магъалабаздаса босунищ кьураб, кин кьурабалиха. Гьале ана январь, февральги бакьулъе щвана, гьечIо кьолеб мухьги. Стимуляциялъе абун кьолеб жо букIуна, ункъго моцIалъ гьеб кьезего кьечIо. Гъоба гIемер жо буго. Кьураб харжида тIаде цIидасан хIисабги гьабун кьезе ккола кинабниги 39, 5 млн гъурущ. Гьединго лицеялъул мугIалимзабазе бачIунеб гIарцул I5 процент буго тIаса къотIун. 5 февралалда букIана диван нижер мухъалда. Дун бергьана гьенив».

ЭР: «Щай кьолеб гьечIилан абулеб бугеб гьеб?»

АбутIалиб МухIамадов: «КIуди-кIудиял ришваталги росун, тIадеги хъулухъал ургъун, гьенире гIадамалги росун, хIисабалде босаралдасаги цIикIкIун гIарац харж гьабун буго. 2013 соналъул бюджеталъе хIисабалде босун букIун буго 232 млн гъурущ, дозулин абуни 272 млн гъурущ ккун буго. ГIага-шагарго 40 млн гъурущ пасат гьабун буго».

Казбек мухъалъул мугIалимзабазе мухь кьеялъул суал Казбек мухъалъул администрациялда тIаде ккола. Республикаялъул финансазул министерлъиялдаса жаваб кьун буго бюджеталда бихьизабун букIараб 232 млн гъурщида тIаде тIокIаб кепек кьоларилан.

АбутIалиб МухIамадов: «Стимуляциялъе абун мугIалимзабазе биччараб гIарац жидеего гъоркь ккун буго хIакимзабаз. Гьедин тIаде бачIараб жо ккола гъоб 40 млн. гъурущ».

Казбек мухъалъул мугIалимзабазул цIаралдасан республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе хъвараб хитIабалда рехсолел руго гьезие харж щунгутIиялъе гIайибиял хIакимзабазул цIаралги. Мухъалъул бюджет гIуцIулаго хIисабалде росун рукIинчIел хъулухъал рагьун ратанин гьенирин хъвалеб буго хитIабалда. Хвезарулел ургила гъоркь рукIарал мугIалимзабазул ихтиярал. Масала, гьезул харжида тIаса 15 процент къотIун бугила. Араб цIалул соналда Цогияб Пачалихъияб Экзамен кьолелъул Дилималда ва Хубаралда ккарал мугIалимасулги цIалдохъанасулги даража гIодобегIанлъизабулел хIужабазулги бицунеб буго. Масала, гьеб экзаменалъул багьа 20-40 азарго гъурущ букIанила чIезабун.

Гьедин Дагъистаналъул нухмалъулесухъе хъвараб хитIабалда Казбек абураб жамгIияб гIуцIиялъги Казбек мухъалъул мугIалимзабазги Дагъистаналъул нухмалъулесда гьарулеб буго лъай-кьеялда сверун жидер мухъалда лъугьун бугеб ахIвал-хIал роцIцIинабизелъун чIванкъотIараб хIалтIи гьабеян. Республикаялда лъай кьеялда сверухъ ахIвал-хIал роцIцIинабеян бицун букIана дагьаб цебегIан ГIабдулатIиповас мугIалимзабазул махщел камил гьабулеб институталде щведал.

Гьенибги борхана добго мугIалимасул даража борхиялъулги школазда ришватчилъи букIиналъулги ва цогидабги гIала-гъважаялъулги суал.Доб мехалда президентас абун букIана жакъа Дагъистаналда бищун хIажатаб жо бугин яхI, яхI гьечIев чи я лъай кьеялда, я тIалъиялда хIалтIун бажаруларилан. Казбек мухъалъул мугIалимзабаз президентасде гьабураб хитIабалда тIасан жеги официалияб куцалъ жаваб кьечIо Казбек мухъалъул администрациялъ.

XS
SM
MD
LG