МагъчIваялъе рес

Казахстан: как балел студентал сияхIалде росулел руго


Алматыялда какал ралел студентал росулел ругIула хасал сияхIазде. Юристаз лъазабулеб буго, гьеб кколин инсанасул ихтиярал хвезариян. Гьел сияхIал гIуцIулезда жидеего кьураб буюри бихьулеб рагIула Сириялде рагъизе гIолохъаби иналалдаса цIуниялъул профилактика хIисабалда

Каныш Сатпаевасул цIаралда бугеб Казахстаналъул техникияб университеталъул, жиндир цIар къватIиб чIвазабугеян гьарарав, студентасул рагIабазда, анкьалъ цебе студентазул рукIуб байбихьун буго какал ралел, диналде руссарал гIолохъабазул сияхIал гIуцIизе.

Студент: «Дицаги бала как. Араб анкьалда нижехъе рачIана щибаб деканаталъул вакильзаби. Гьез дунги восана сияхIалде. Гьезие лъазе бокьун букIана кигIан заманалъ нижеца какал ралел ругелали, кидал ниж диналде руссаралали - университеталде лъугьинелдейищ яги хадубищ, лъица хъизаназда какал ралелали.»

Гьесулго рагIабазда, сияхIал гIуцIулез лъазабун буго, гIагарисеб заманалда гьезухъе имам вачIине вукIиналъул хIакъалъулъ. Гьес гьезие лекция цIализе рагIула Сириялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ ва щай гьел гьенире ине кколарелали бицун.

Гьединабго хIужжаялъул хIакъалъулъ бицунеб буго Аль-Фарабил цIаралда бугеб Казахстаналъул миллияб университеталъул студентазги. СияхIалде росарал студентазул цояс абулеб буго, гьеб гьабулеб бугин университеталъул дирекциялъул буюралда рекъонин.

Студент: «Дицаги бала как. Дунги ккола гьаб университеталъул студент. Какал ралезул сияхI гIуцIи, дир пикруялда, ккола инсанасул ихтиярал хвезари.»

Гьебго университеталъул цогидал студентазги тасдикъ гьабуна гьединал сияхIал гIуцIулел рукIин.

Алматыялда бугеб Казахстаналъул миллияб аграрияб университеталъул Жанат цIар бугев студентас абулеб буго гьеб сияхIалде кканин жиндир гьалмагъгийин.

Жанат: «Дицани как баларо. Амма диналде вуссарав дир гьалмагъ восана гьеб сияхIалде. Щаяли, дида лъаларо.

Какал ралел студентазул сияхIал гьарулев Казахстаналъул миллияб аграрияб университеталъул хIалтIухъан, цIар бицинчIониги, разилъун вуго нижер мухбиргун кIалъазе.

Университеталъул хIалтIухъан: «Нухмалъиялъ абуна гьединазул цIарал ракIареян, гьале ракIарулел ругоха. Кинаб гIилла гьелъие бугебали, дида лъаларо.»

Университеталъул нухмалъиялъул вакильзаби мукIурлъун руго гьединаб кампания унеб букIиналда. Амма гьелъул гIилла загьир гьабизе гьез инкар гьабуна.

Юрист Кайсар Кантарбаев: «Дица рикIкIуна, гьеб инсанасул ихтиярал хвезари кколин. Конституциялъ бихьизабун буго диналде вуссиналъул эркенлъи. ЦIалул идарабазда рилъанхъизарулел къагIидаби, кинниги къануназде данде кколаро.»
Алматыялъул тIадегIанаб цIалул идараялъул лектор, доцент Нурлан Насыровасул пикруялда, гьединал сияхIал гьари битIараб иш ккола.

Нурлан Насыров: «Гьанже улкаялда бугеб ахIвал-хIалалде балагьун, как балел студентал сияхIалде роси, гьеб ккола профилактикаялъул гали. Лъазе ккола, кинаб диналъул как гIолохъабаз балеб бугебали, гьез Сириялде аразул нух такрар гьабунгутIиялъул мурадгун. Лъималалъул динияб лъаялъул даража борхизабиялъе цIикIкIинаризе ккола хасал лекциязул къадарги.»

Казахстаналъул рухIияб идараялъул вакиласул рагIабазда, гьезул идараялда щибниги лъалеб рагIуларо гьединал сияхIазул хIакъалъулъ.

Гьаб моцIалъул байбихьуда Алматыялъул I5 университеталда тIоритIун руго рухIияб идаралъ тIоритIун руго гара-чIвариял. Гьеб идараялъул сайталда хъвахъе, гьелъул мурад кколеб рагIула, гIолохъаби «деструктивиял диниял гIаркьелаздаса цIуни», гьезулъ патриотизм щула гьаби, миллаталде рокьи цIикIкIинаби, иисламалъул хIакъал хазинаби рихьизари.» Гьединалго лекцияби тIоритIун руго Астанаялъул цIалул идарабаздаги.

«Экстремизмалъул профилактикаялъул» тадбирал гIолохъабазда гъорлъ гIемерлъун руго Казахстаналда YouTubeалда “Сириялда казахазул жигьадистал» абураб видео баккун хадуб. Гьез видеоялда казах ва гIурус мацIазда абулеб буго, жал хъизаналгун Сириялде рачIанин жигьад гьабиялъул мурадалдайин.
Казах сервис (ЭР)
XS
SM
MD
LG