МагъчIваялъе рес

Караманалъул ракьал лъил ругел?


Ракьазул масъалаби тIуралел гьечIин Дагъистаналъул хIукуматалъилан ахIи балеб буго лъарагIазги тумазги. Караман поселокалда ругел ракьал жидер ругилан абулеб буго лъарагIаз, тумаз абулеб буго гьел ракьал хIукуматалъ жидее кьурал ругин.

Кумторхъала мухъалда бугеб Караман поселокалда ракьал сабаблъун байбихьараб дандечIей хIалуцинехъин буго. Гьал къоязда Караманалда бугеб палаткабазул лагералдаса полициялъ ккун ана лъарагIазул гIолилал.

Кяхулай поселокалъул жамгIияб шураялъул нухмалъулев Залимхан Валиевас бицаралда рекъон, ккурал гIолилал полициялъ жидерго идарабазде рачана. Гьезда батIаго щибго жо гьикъулеб букIун гьечIо. Дактилоскопияги гьабун, сураталги рахъун гIолилал нахъе ричана.

Валиевас абухъе, гьесда ракIалде ккун букIана гIолилазда гьикъизе бугин 21 августалда ккараб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ. РакIалда щвезабила, августалда Караманалда дагIба-къеркьей ккана лъарагIазда ва тумазда гьоркьоб.

Гьеб дандечIей рагъалде сверизехъин букIана, амма полициялъ гIадамал гIодоре ричазаруна. Полициялъул хIалтIухъаби жалго лъукъана доб къоялда: гьезда ганчIал речIулел рукIана ва ункъо хIалтIухъан батIи-батIиял ругъналгун азарханаялде регизаруна.

Караманалъул дандечIеялда гIахьаллъулел руго цояб рахъалдаса Альбурикент, Кяхулай ва Тарки поселоказдаса лъарагIал, цогидаб рахъалдаса – Чечняялдаса гочарал тумал. Гьеб дандечIей сон-жакъа байбихьараб гуро ва чамалиго соналъ халатбахъунеб буго.

ЛъарагIаз абулеб буго жидер умумузул ракьал ругин Караманалда. Тумазни бицунеб буго Дагъистаналъул хIукуматалъ бичараб хасаб документалъул хIакъалъулъ. Гьелда рекъон, 90-лел соназда Чечняялдаса гочарал тумазе кьуна Караманалда ракьал.

Гьоркьисала ихалдаса байбихьун Караманалда хъаравулъиги ккун рукIунаан лъарагIал. Гьез гьениб палаткабазул лагер гIуцIана ва ракьазда минаби разе ричалел гьечIо щалниги.

11 ноябралда низам цIунулез гьеб лагералдаса гIадамал нахъе гъезе хIалбихьана. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда Эркенлъи радиоялъе бицана, лагералда ругел чагIазда чанги нухалъ лъазабун букIанин Караманалдаса нахъе айилан, къануналда рекъон, гьеб ракь гьезул гьечIилан.

«Гьезда абун букIана хIукуматалъул комиссиялъ тIуразе ругин ракьазул суалал, амма гIинтIамулел гьезда гъорлъ ратичIо. Гьелдалъун, полициялъ хIалбихьана гьел лагералдаса нахъе гъезе», - ян абуна МВДялъул пресс-хъулухъалда.

11 ноябралда ккун вукIана Валиевги. Гьес абуна жинда гьикъулеб букIанин 2I августалда ккараб лъугьа-бахъиназул, ва хехго нахъе вичанин жив.

Караманалъул ракьазул суалазда тIаса баянал кьолаго, Валиевас абуна, гьеб миллатазда гьоркьоб бугеб дандечIей гурилан.

«Ракьал Караманалда ричун руго къануналги хвезарун. Ришватчилъиялъул схемаялда гIахьалъун ругин абизе бегьула нухмалъиялда ругел хIакималги. ГIадатиял тумазе Караманалда ракьал щвечIо. Гьелдалъун абизе бегьула, гьеб миллатазул дандечIей гьечIилан.

Ракьал ричиялда гIахьаллъарал хIакимаз ургъунго хIалуцинабулеб буго Караманалда бугеб ахIвал-хIал. Гьезие бокьун буго бихьизабизе, гьел ракьал сабаблъун ругин рагъдолел тумалги лъарагIалги. Караманалъул ракьал кун руго хIакимазул гIагарал чагIаз.

21 августалда ккараб лъугьа-бахъиналдаги тумал ва лъарагIал гурел, цогидал миллатчагIиги рукIана. Гьеб къоялда букIана дандечIей, амма дандечIей гIадатиял гIадамаздаги яхI гьечIел хIакимаздаги гьоркьоб букIана», - ян абуна Валиевас.

Августалда карал гьел лъугьа-бахъинал сабаблъун Дагъистаналъул хIукуматалъ гIуцIана хасаб комиссия. Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго вице-премьер Рамазан Джафаровас. Гьеб комиссиялъ тIубазе кола ракьалъул масъала. Амма комиссиялъ кинаб хIалтIи гьабурабали жинда лъаларилан абуна Валиевас.

Гьес абуралад рекъон, гьесда ракIалда буго гьел Караманалъул ракьалъул суалал тIуразеян чанго нухалъ гIуцIун букIана чанги комиссия. Амма гьезда гьокьосан цонигиялъ къануналъулаб къимат кьечIо ругел масъалабазе.

Гочарал тумазул вакил, жамгIияв хIаракатчи Муслим ХIасанхIусеновасги абуна Эркенлъи радиоялъе Караманалда бугеб дандечIей тумаздаги лъарагIаздаги гьоркьоб бугеб жо гурилан.

ХIасанхIусеновас абуна, 1991 соналда Дагъистаналъул хIукуматалъ хасаб буюрухъги бичан Караманалъул ракьал гочарал тумазе кьунилан. «Къануналги хвезарун ракьал кквечIо тумаз.

ЛъарагIаздехунги кинабгIаги квешаб бербалагьи гьечIо тумазул. Жалго тумазул депортациялъулал масъалабиги тIуран гьечIо жеги. Тумазе ракьал къваригIун руго ва хьул буго ахир-къад Дагъистаналъул хIукуматалъ тIуралин ракьалъул масъалаби», - илан абуна ХIасанхIусеновас.

Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул вакил Абсалитдин Мурзаевас бицаралда рекъон, Караманалъул ракьал 2008 соналда кьуна Росимуществоялъухъе. Гьелдалъун, ракьалъул суал Москваялъул хIахьаллъи гьечIого тIубазе кIвезе гьечIилан, рикIкIунеб буго Мурзаевас.

РАМКОМ гIуцIиялъул нухмалъулев ва Дагъистаналда ругел ракьалъул масъалабазул хал-шал гьабурав эксперт Денис Соколовас абуна Эркенлъи вице-премьер Джафароврадиоялъе Караманалда жидерго интересал цIунулел ругин хIакимаз.

Денис Соколов: «Ракьул суалал рагIалде рахъинарун гьечIо. Гьел масъалаби тIуразе кола тIоцере. Гьединал масъалаби руго росдал магIишаталъул ракьаздаги, гьелго масъалаби минаби разе рихьизарурал ракьаздаги руго. Дицаги рикIуна, Караманалда ккарабщинаб – тумазул ва лъарагIазул дандечIей гуро.

Гьенир жидерго интересал цIунулел руго пачалихъиял идарабаздаса чагIаз. Дагъистаналъул нухмалъиялда яги лъалеб гьечIо, яги бихьулеб гьечIо республикаялда ракьазул суалал лъицаниги тIуралел гьечIеблъи».

Дагъистаналъул хIукуматалъул пресс-хъулухъалъ лъазабуралда рекъон, Караманалъул ракьазул масъалабазда тIаса гIагарал къоязда вице-премьер Джафаровас хасаб данделъи гьебизе буго.
XS
SM
MD
LG