МагъчIваялъе рес

Хисардулеб диван яги ватІан тун къватІиб балагьизе кколеб ритІухълъи…


Миллияб рокьукълъи бижинабиялъул гІайиб жинде гІунтІизабулев Гъарачайгун Черкессиялъул Технологияб академиялъул хІалтІухъан Касаев ДалхІатида бан Черкесскалъул диваналъ къотІана І00 азарго гъурщил гІакъаялъул хІукму. Амма диваналъ гьеб хІукму тІубазабиялдасан эркен гьавуна гьев, гІайиб гІунтІизабун хадуб цІараб заман лъугІун букІиналда бан. Нижер редакциялъе баянал кьолаго Касаевас абуна, рокьукълъиялъул гІийиб жинде гІунтІизабунила макъалабазе гІоло, амма гьеб историялда нахъ бугила рецІел босиялъул ишарайин.

Информациялъул латаз хъвалеб букІахъе, "Гъарачайгун балкариялъул дунял" абураб газетаялда бахъараб "Щал ва сундуе цІигьаризе кколел" ва "Аланазулги, гъарачаязулги, балкаразулги мемориалияб ирсалъул аннексия гьабиялъул сихІираб план" абурал макъалаби лъугьун руго багьаналъун Технологияб академиялъул хІалтІухъан Касаев ДалхІатиде диваналъ кІвар буссинабиялъе. ЦІехх-реххалъул пикруялда, гьесул макъалабазда руго дин, миллат ва социалиял группаби нахъ рихьулел гІадамазде рокьукълъи бижинабулеб магІна. Гьединлъидал гьесда бан рагьун буго 282 статьялъул тІоцебесеб бутІаялъул иш. Касаевас нижер редакциялъе жинцаго гьадин бицана цІех-рехчагІазул аргументазул хІакъалъулъ.

Черкесск. Гъарачайгун Черкессиялъул ТІадегІанаб диваналъул мина
Черкесск. Гъарачайгун Черкессиялъул ТІадегІанаб диваналъул мина
Касаев ДалхІат: "Диде гьез гІунІтизабулеб букІана лъабго эпизодалъул гІайиб. ТІоцебесеб. Дица макъалаялда абулеб буго Ростов областалда генерал Красновасе тІабараб мемориалияб комплекс бан бугин ва гьев вукІанин вермахталъул генераласул мундирги ретІун, Совет Союзалде данде рагъулел 300 азарго хъазахъасдасан гІуцІарал рагъул къватазе, нухмалъули гьабурав генералин. Гьеб тІубараб армия бугилан абизе бегьула. Гьанжейин абуни, гьесие мемориал бан буго. Гьеб дие ракІалъе гІун букІинчІо. Дица хъванги букІана гьел хъазахъал унго-унгоял хиянатчагІи рукІанин. Гьез улбул, лъудби, яцал махІрум гьарунин жидерго гІагараздасан, абун. Гьеб буго цо эпизод гьезие ракІалъе гІечІеб.

КІиабилеб эпизод хурхараб буго дица гьел хъазахъаз гьабураб хияналъиялъул масштаб ракІалде босун Гьоркохъеб Азиялде гурел, Магаданалде ритІизе кколел рукІанин хъван букІин.

Лъабабилеб эпозод. Гьанже пуланал программабазда рекъон, хъазахъазе рес кьезехъе буго ярагъ босизе. Щиб жо гьеб кколеб?! Цебе чІезабе, кодоб официалияб ярагъгун мехтарал хъазахъаз (гьезда гъорлъ гъекъей къанагІатаб жо гьечІеблъи лъиениги балъголъи кколаро) жидерго хасият-чІухІи загьир гьабизе байбихьулеб куц, хасго нилъер аборигеназулги гІунги тІокІаб чІухІи букІин ракІалдеги босун. Гьеб ккола цІияб конфликталъул регион бакки. Гьеле гьеб лъабабго эпизод. Гьединаб къагІидаялда дица миллатазда гьоркьоб рокьукълъи бижинабулеб рагІуна."


Черкесск. Шагьаралъул диван
Черкесск. Шагьаралъул диван

Касаевасул рагІабазда гьеб ишалда сверун цІехх-реххги цогидал тадбиралги унел рукІана цІахъ чІамучІго. Диваналъул системалъул батІи-батІиял даражабазда батІи-батІияб къагІидаялда балагьулел рукІана гьеб ишалда. Ахир-къадги, гьесул рахъалъул тІалабалда рекъон, тексталъул экспертиза гьабуна Москваялъул специалистаз.

Касаев ДалхІат: "Нижеца тІалаб гьабун, экспертиза гьабуна Москваялда, Сикорскиясул цІаралда бугеб диваналъул экспертизаялъул централъ. Гьелъул специалистаз лъазабуна, кинабгІаги эстремизм, дир макъалазда гьечІилан. Экспертизаялъул хІассилал кьучІоеги росун тІоцебе Черкесскалъул шагьаралъул диваналъги хІукму гьабуна гьениб экстремизм гьечІилан абураб. ТІадегІанаб диваналъул коллегиялъги гьединаблъун риккана дир макъалаби. Хадуб кинабго жо хисана хъахІаб чІегІералдегІадин. ТІадегІанаб диваналъул нухмалъулев Давыдовас хехаб къагІидаялда данде бакІарана президиум. Хисизабуна тІалдегІанаб диваналъул хІукаму. ЦІиял диванчагІаздасан гІуцІараб шагьаралъул диваналде цІидасан битІана иш. Гьеб диваналъ цІидасан дир макъала риккана экстремистияблъун. Гьеб иш тасдикъ гьабуна кІиабилеб инстанциялъул диваналъги."

Касаевас абулеб буго, жинда лъалила гьединал манипулициязе букІараб гІиллайила. Жинда ва жиндир макъалабазда сверун лъугьа-бахъунеб кколила диваналъул системаялъул кІудияв хъулухъчияс дидаса рецІел босиялъул гІаламатила.

Касаев ДалхІат: "ТІадегІанаб диваналъул нухмалъуде Давыдов тІамулев мехалда дица Россиялъул президент Медевдевасул цІаралде битІун букІана телеграмма. Гьеб гьаниб нижер прессалядаги бахъун букІана. Гьеб телеграммаялда абулеб букІана нижехъ гьанирго ругин махшел тІокІал юристал. Дуцайин абуни, гьаниве витІулев вугин мухъалъул масштабалъул диванчиян абун. Гьелда гьединго хъван букІана гьединал галабаз нилъ рачунин сеператизамалдеги, национализмалдеги, цогидал балагьаздегийин, абун. Гьелдаго цадахъ нижеца инкар гьабулеб букІана гъарачайгун черкессиялъул дивналдасан. Амма нижер гІарза нахъ чІвана. Макъалаян абуни, бахъун букІана 2009 соналъул июналда. Гьадинал ишазул болжал лъугІуна кІиго соналдаса. Гьелъ дидаса бахъичІо гьез гІакъа."

Гьанже Касаевас абулеб буго жинца жиндирго ишалда бан тІанкІ лъолеб гьечІин. Жив Европаялъул диваналде щвезе вугин.

Касаев ДалхІат: "Дида ракІалда буго гьеб гражданияб ишалда хурхун Страсбургалъул диваналде щвезе. Руго кІудиял шансал европаялъул диваналда дун витІухъ гьавулеб хІассил къотІиялъул."
XS
SM
MD
LG