МагъчIваялъе рес

Бусурбабазул «ягьудиял гьаризе» ихтияр гьечIо Шимил


Дибияев Шими
Дибияев Шими

МахIачхъалаялъул синагогаялъул нухмалъулев Дибияев Шимица Эркенлъи Радиоялъе абуна жинда чIванкъотIун абизе кIоларин 10-20 соналъ цере жугьутIал Дагъистаналдаса ГIизраилалде щай гочаралали. Амма жидеда цадахъ хIалтIулев вукIарав цо чи ватанин доб мехалда гIарцухъ жугьутIазе доре гочине кумек гьабулев.

БатIи-батIиял гIиллабазда бан ахирал соназда гочун ун гьабсагIаталда Дагъистаналда хутIарал жугьутIазул къадар анцIазариде бахинабула гьеб миллаталъул гIадамаз. Амма Дибияев Шимица бицухъе, гьеб буго депутатлъи яги цогидаб хъулухъ-пиша къваригIун цIикIкIинабулеб къадар. Гьесул баяназда рекъон, гьабсагIаталда МахIачхъалаялда гIумру гьабулеб буго 1300 гIанасев жугьутIас, Дербенталда - 2 500 чияс.

(Гьаниб абизе ккола, гIолохъанаб мехалда Гъуниб мухъалда росдал магIишаталда хIалтIулев вукIиналъ Дибияев Шимида магIарул мацI гIезегIан лъикI лъалеб бугоан, гьединлъидал гьаб гара-чIвари магIарул мацIалда гьабизе бегьуларищанги абуна).

Дибияев Шими: «Гуршунов Карен абулев чи вукIана, гIадамазухъа гIарацги босун, хIарамги гьабун, гьаниса гIадамал ГIизраилалде ритIулев ватана».

Доре арал гIадамазе гьанже нахъруссун рачIине бокьун букIиналъул баяналги руго.

Дибияев Шими: «Жанир чIезе рукъзал кьуни, гьанире тIадруссине бокьарал чагIи гIемер руго. Амма додигIан гIемер рукъзал киса дица гьезие ралагьилел? Доб мехалда гьел гьаниса жидерго рукъзалги ричун анна. Дуни инаро, валлагь, бетIер къотIаниги, инчIони чIвалин абуниги, чIвайин, амма гьаниса инарин абила дица. Дир хъизанги кIиявго васги 15 соналъ цере ана Америкаялде».

ЭР: «Щай мун унев гьечIев?»

Дибияев Шими: «Гьаниб квеш гьечIоха, нижер МахIачхъалаялда».

ЭР: «ХIинкъи бугелъулха…».

Дибияев Шими: «ХIинкъи буго. Лъабго нухалъ гьабуна диде тIадекIанцIи. Рокъобе бомбаги рехана, гранатаги рехана. Реханиги дие щибниги ккечIо».

ЭР: «Дур гьаб бакI къваригIун букIун батула…».

Дибияев: «Унха… Рукъзал те, риче… Валлагь гьабунаха… Гьедин хIинкъун гьаниса гочун ана дир хъизан. Къаси-къаси гордузде кьвагьдолаан. Гьанжеги рачIуна къойида жанир цо-цо чагIи. рагьейила каву. Рагьиларин, щибин дуе къваригIарабин гьикъула дица. Нужер гьаниб как базе бокьун бугила. ЖугьутIазул дин босизе къваригIун бугила. Дир ихтияр гьечIин нужер «жугьутIал гьаризе» ян абула дица. Москваялдеги ун, доба гьабейин…».

ЭР: «Интернеталда буго цо чи нужехъе гьедин кIалъалев бахъараб ролик».

Дибияев: «Чанги ккола гьединал жал. Жал жанире риччайин, гурони жидеца нуж кьвагьизарилин, чIвалин лъугьуна гьел».

ЭР: «Гъол ратила гьадинго копоего рачIунел чагIи…».
Дибияев: «ЛъарагIалги руго, магIарулалги руго жугьутIазул дин босизе къваригIун бугилан рачIунел. Амма нижеца гьединаб ихтияр кьезе бегьуларо».

Шимица бицана жидер дин босилалде щуго-анлъго соналъ цебеккунго гьабизе кколеб хIадурлъи букIунилан.

ЭР: «Нужерги бусурбабазулги гIадаталги динги релълъараб буго».

Дибияев: «Буго. Христинал аскIор рукIун нижеца какал разе бегьуларо, бусурбаби ругони – бегьула».

ЭР: «Шими, МахIачхъалаялда хутIарал нужер чагIи гIемер рачIунищ синагогаялде какал разе?»

МахIачхъалаялда бугеб синагога
МахIачхъалаялда бугеб синагога
Дибияев: «ГьедигIан гIемерги рачIунаро. Рузманалъги шаматалъги 20-25 чи вачIуна какиде. Какде рачIарал чагIазе нухлухъ гIарацги кьолаха дица – 26 гъурущ добеги, гьедигIанго – нахъеги. Дица кьола гьеб. Лъицаниги добе цадахъ щибниги босуларелъулха. Чи вукъизеги гьабула кумек. Гьанже нижер чагIазеги рукъизе цIулал гъутухъал къваригIунел руго. Гьадал тIугьдул-мугьдул абурал жалги риччаларо дица».

Дибияев Шими гIахьаллъула жамгIияб хIалтIулъги. Гьедин гьабсагIаталда Дагъистаналда лъугьараб ахIвал-хIал гIодобиччаялъе ругел ресазул гьикъидал, гьес абуна республикаялъул нухмалъулес кIвараб жо гьабулеб бугин гьелъие, амма цохIо гьесухъа бажарулеб жо дагьаб бугилан.

Дибияев: «ГIадамал хисизаризе ккола. Буйнахъск мухъалда щиб ккараб? ЧIвазе бегьилаанищ додинав чи? (ЧIикIаса шайих СагIид Апанди – ЭР). Ниж гIемер лъикI лъалаан цоцада. Щиб кканиги ахIулаан цоцахъе. Валлагь лъаларо хадубги щиб ккелебали. Аллагьас кумек гьабегиха нижее».

ЭР: «Дагъистаналъул президентлъун вукIарав ГIалиев МухIу лъалаанищ дуда?».
Дибияев: «Ва!!! Лъаларищха! ХIамзатил Расулги (Дагъистаналъул халкъияв шагIир – ЭР) лъалаан. Москваялде унелъул дунги ахIулаан цадахъ».

ЭР: «Шими, нужер миллаталъул чагIаз гIезегIан кIудияб лъалкI танаха Дагъистаналда – тохтурзаби, хореографал… Масала, Танхо Израиловас гIуцIана «Лезгинка» ансамбль, гьанже Шалуми Матаев вуго гьеб ишалда… Гьел гьанже гьанир хутIарал чагIазулгун букIунищ нужер гьоркьоблъи?».

Дибияев: «БукIуна, букIинарищха! Масала, Шалуми Матаев вачIуна какде. Дица гьезда абула нуж жугьутIал ратани, гьанире рачIине кколилан».

ЭР: «Нужехъе цIикIкIун гIолохъаналищ рачIунел, кIудияб ригьалъул чагIийищ?»
Дибияев: «ЧIахIиял чагIи рачIуна. Гьел рикIкIалъулел руго диналдаса».

ЭР: «Салафитазулгун кинал гьоркьорлъаби ругел?»

Дибияев: «Квешал гьечIо, лъикIал руго. Амма гIолохъаби цодагьал мекълъун. Пуланал чагIи жидехъего цIазе дидаса кумек къваригIун букIуна гьезие. Амма гьеб гьаригун дида аскIоре рачIунгеян лъазабула дица. Дирго динги гьабун чIун лъикI гурищ?»

Дибияев Шимил чIейги хIалтIиги буго МахIачхъала бакьулъ бараб синагогаялда. 1975 соналда Шимица жиндирго гIарцухъ - ичIазаралда хадуб гъурщиде босараб кIудияб мина ккола гьеб. Какал ралеб рукъго гIадин, гьенир жанир руго къватIиса рачIарал миллатцоял жанир чIолел гьалбадерил рукъзалги, лъимал цIализарулел рукъзалги, цогидабги. Аллагьас кьолебги бугин, Аллагьас бахъулебги бугилан.
XS
SM
MD
LG