МагъчIваялъе рес

Д.Коллинз: Макфолие бигьаяб букlинчlо


Россиялда цеве вукIарав вакил Джеймс Коллинз 02Oкт2012
Россиялда цеве вукIарав вакил Джеймс Коллинз 02Oкт2012

Россиялда Америкаялъул вакил Майкл Макфолица лъазабуна гьеб хъулухъалдаса нахъе унев вукIиналъул ва абуна жив ватIаналде тIадвуссине вугин Сочиялъул Олимпиада лъугIараб мехалдайин. Эркенлъи Радиоялъул мухбир Роберт Коулсоница Макфолил хIалтIул хIакъалъулъ гара-чIвари гьабуна Россиялда цеве вукIарав вакил Джеймс Коллинзгун. Гьанже гьев вуго Карнеги Фондалда юристлъун.

Майкл Макфол Россиялда Америкаялъул вакиллъун вукIана 2011 соналъул январалдаса нахъе. Гьелде щвезегIан гьев вукIана президент Барак Обамал Россиялъул ва Евразиялъул суалазда сверун хасав гIакълучилъун. Кинал икъбалал Макфолие щварал Россиялда гьабураб хIалтIулъ ва кинал рукIарал гьесул хIалтIулъ гIунгутIаби? Гьеб суалалъе жаваб кьолеб буго Джеймс Коллинзица.

Джеймс Коллинз: «Дида ккола Макфолие гьенив хIалтIизе бигьаяб букIинчIин, щайгурелъул гьесул заман данде ккана кIирахъалъул гьоркьорлъаби гьогьомараб мехалде. Гьеб бигьаяб заман букIинчIо.
Дица рикIкIуна Москваялда вугев вакил вугин, бищунго цеве, президентасул ва америкаялъул халкъалъул вакилин. Гьезул политика билъанхъизеги гьабула гьес. КIирахъалъулал гьоркьорлъабазул гIурхъабалъ гIураб икъбалги щвана гьесие. Дида ккола Россиялъул къватIисеб политикаялда кутакалда чIахIиял хиса-басиял ккечIин. ГIаммаб контексталда Макфолил хIалтIи хурхараб букIана Россиялда ва Америкаялда гьоркьор ругел батIалъабазда ва гьединго кIиябго улкаялъе гIаммал ва кIиябго рахъ цоцалъ рекъон хIалтIулел суалаздаги. Гьеб бичIчIчине ккола, Макфолица нухмалъи гьабулеб букIана лъалхъен гьечIого рагIалде рахъинарулел рукIарал программабазе ва гьесда бажарана гьеб хIалтIи гьабизе».

ЭР: Зама-заманаялда Макфолиде тIаделъулаан батIи-батIиял къукъабиги информалаталги. Рес буго гьеб киналъулго россиялъул хIукуматалъулгун бухьен букIинеги. Россиялда вакиллъун вукIарав мехалда гьениб дуде букIанищ гьединаб яги гьелда релъараб асар ва Макфолие гьабулеб бугелъ мун гIажаиблъизавун вукIанищ?

Джеймс Коллинз: «Дидехун букIинчIо гьединаб бербалагьи. Доб мехалда нижер гьоркьорлъабиги квешал рукIинчIо. Узухъда, рукIана захIматал суалалги, захIматал заманабиги, амма хас гьабун диде данде гьабулеб гьединаб жо букIинчIо. Дица рикIкIуна Макфолие гьарулел рукIарал цо-цо жал нич тун гьарулел рукIанин. Кин бугониги гьев Америкалъул вакиллъидал кколев. Гьев хIакъир гьавиги, дида ккола, Америка хIакъир гьаби бугин. Узухъда, гьеб кинабго хIехьезе захIмат букIинарищха гьесиеги гьесул хъизамалъеги. Дир пикруялда, гьесдехун гьединаб бербалагьи гьабизе киналниги гIиллабиги рукIинчIо.
Нижер улкаялда нижеца дипломатазе тIадецуй гьабуларо, ва цоги улкабазда нижер дипломатазе тIадецуй гьабулинги нижеда ккелищха».

ЭР: Россиялда вакиллъун телалде Макфол вукIана президент Обамал хасав гIакълучилъун ва дипломатасул хIалтIулъ гьесул букIинчIо хIалбихьи. Гьев вукIинчIо профессионалияв дипломатлъун. Кин дуда кколеб гьелъул гьесие квал-квалищ букIараб кумекищ?

Джеймс Коллинз: «Дида ккола гьеб захIматаб суал бугин. Дида ккола хIалбихьи бугелги гьечIелги дипломатазул хIалтIул хIасил гьелда бараб букIунарин. Гьеб суалалъе бигьаяб жаваб бугинги кколаро дида. Дида ккола гьесул хIалтIи байбихьанин бокьарав вакиласе захIматаб заманалдайин.
Россиялъул Федерациялда вакиллъиялъе нухмалъи гьаби гьеб бигьаяб хIалтIи гуро. Дида ккола гьев профессионалияв дипломат вукIаравани гьесие цо рахъалдасан бигьалъизе букIанин ва жиндирго цебесеб хIалбихьиялдаса пайда босизе рес букIанин, амма цоги рахъалдасан, дида ккола, гьесухъ букIанин Америкаялъул президентасул мандат ва ХъахIаб Рукъалда хIалтIиялъул хIалбихьи. Гьединлъидал гьаниб лъикIаб-квешаб абизе рес гьечIо.
ЗахIмат буго абизе. Дица абиларо гьесул профессионалияв дипломатасул хIалбихьи гьечIолъиялъ гьесда цере захIматал суалал чIанин. Кинабго бараб букIана гьесда цере ругел масъалабазул контексталдаги гьев цадахъ хIалтIизе кколеб букIараб россиялъул хIукуматалъул политикаялдаги».

Роберт Коулсон ва Ума Исхlакъова
XS
SM
MD
LG