МагъчIваялъе рес

Рохьоре унезул къадар щай дагьлъулареб?


МухIаммад Шамилов "Миллат" газетаялъул редакциялда
МухIаммад Шамилов "Миллат" газетаялъул редакциялда

АнцIго соналъ цебе республикаялда ахIвал-хIал гIодобе биччан бугилан тун букIанин, амма мекъи кканин нижилан мукIурлъулев вуго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев ГIабдурашид МухIамадов.

Министрас батIиял суалазе жаваб кьураб интервью лъун буго РИА-Дагъистан ва РИА -Юг абурал информагентлъабаз. Республикаялъул жанисел ишазул идараялъ хIаракат бахъулеб буго ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисизабулеб букIиналда халкъ божизабизе. Амма экспертаз бицунелда рекъон тIалъиялъулгун къуваталъул идарабаз килищ килщида тункараб хIалтIи гьабулеб гьечIо Дагъистаналда ракълилаб, гIодоб биччараб гIумру букIинелъун.

Республикаялда ахIвал-хIал хIалуцунеб букIиналъул мисалал гIемер руго Дагъистаналда. Щибаб къойил интернет сайтазда цIиял харабал байбихьула республикаялъул чанго мухъазда хасал операциял тIоритIанин, чаналиго изну гьечIого яргъид гIуцIарав тIагIинавунин абун.

Мисалалъе талат къоялдаги терроралда дандечIараб миллияб комитеталъ кьураб баяналда рекъон Гъизилюрт мухъалдаса Темирбек Темирбековас нухмалъи гьабулеб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул лъабгоял тIагIинарунин бачIана лъазаби къватIибе.

Кинабниги сон байбихьаралдаса Дагъистаналда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул нусгоялдасаги цIикIкIун чи тIагIинавунин ва 70 жанирги тIамунин лъазабулеб буго Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб кавказалда бугеб бетIераб идараялъ.

Амма жамгIияв хIаракатчи, Дагъистаналъул жанисел ишазул махщалил цолъиялъул вакил Шамилов МухIамад божулев гьечIо баяналда. Эркенлъи радиоялъулгун гьабураб гара–чIвариялда гьес гIезегIан хIалуцун бицана тIалъиялъ килиш килшида кIутIараб хIалтIи гьабулеб гьечIолъиялъул.

Мисалалъе мадугьалихъ бугеб Чачан республикалда гIадин хъачагъазул кьералда рукIарал чагIи тIамизе кколин хIукуматалъул жавабиял хъулухъаздеян рикIкIунеб буго гьес.

Шамилов МухIамад: «Чачаналда щай гьечIеб гьединаб гIала-гъважа, щайгурелъул доба букIине кколеб гIадлуги низамги, гьабулеб хIалтIиги буго, нилъер гьаниб дингир -дангарчуялъул маргьу цIалкIула тIокIаб щибниги пайдаяб иш гьабуларо.

Гьелъул хIасилалда буго кинабго гьаниб хIалуцун, жегиги цIакъ хIалуцинеги буго иш гьадин тани. Гьанже битIун заман щун бугин ккола дида гьанир кабинеталда кIусарал шибниги пайда гьечIел хIакимзабазда ракь тезабун, рохьор ругел гIадамал жидергоги халкъалъулги ихтиярги цIунун хъулухъалде тIамизе».

Щай Дагъистаналда дагьлъулел гьечIел рохьоре унел чIагIазул къадар. Щайгурелъул гьеб дагьлъиялъе щибниги тадбирал республикаялда гьарулел гьечIелъул, гьаризе гьунарги лъайги бугел гIадамал низам цIунелезул кьердаса нахъе рачахъулел рукIиналъилан абуна Шамиловас хадубги.

Шамилов МухIамад: « РацIцIадал гIадмазадаса бацIцIад гьабулеб МВД-янги абураб прграммаги хIалтIизе биччан 56 полковник ватIа гьавуна гьез. Гьел гIадамал нахъе ритIулелъул цо лъицаниги милат гьабичIо мекъийиш гьеб гьабун бугеб яги битIунищали».

ЖамгIияв хIаракатчи ГIисалМухIамад Набиевас абуна Эркенлъи Радиоялъе жакъа жанисел ишазул министерлъи низам цIунелеб идараян абизе ракIбилълъунарин жиндиран:

ГIисалмухIамад Набиев: « Дица гIемер такрар гьабуна цебеги жанисел ишазул министерлъи гьеб буго халкъалдаса бахчараб жибго жиндаго чIараб идараян. Гьениб гьабулебги бицунебги жоялъул баян гIадамазухъе щвезе ресги гьечIеб. Жакъа гьениб жаниб бугеб ахIвал –хIалги хIукуматалъулго гIадаб букIин лъиениги балъгояб жо кколаро. Низам цIунулеб хIукматалъул идара гьеб бугин абизе дида кIоларо жакъа».

Дагьаб цебегIан интернетладсан киназулго кIвар буссинабун букIанин абизе бегьула Гъизилюрталъул «робин-гудал» абураб цIаралда гъоркь изну гьеIого яргъид гIуцIараздехун хитIаб гьабураб видоролик. Халкъияб бодул вакилзаби кколин жалилан абулеб букIана жиндирго цIар рехсечIев гьезул цевехъанас гьениб. Полициялъухъа бажаричIеб хIалтIи гьабизе бугин жидецаян ва гьелъул хIасилги нужеда кватIичIого лъазе бугин.

Республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулесе гьезул бицен гьабидал, гьес абуна жинда кколин гьел къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби кколилан, гьеб хIакъикъаталдаги гьедин батани полициялда гьез тIокIалъ хъулухъ гьабизе гьечIилан рагIи кьуна гьес.
XS
SM
MD
LG