МагъчIваялъе рес

Инна Маркова "Освальдие бокьилаан цIар аравлъун вахъине"


Инна Маркова
Инна Маркова

22 ноябралда тIубана 50 сон Цолъарал Штатазул президент Джон Кеннеди чIваралдаса. Гьеб такъсир гьабуравлъун рикIкIуна Ли Харвельд Освальд абурав американияв. Инна Маркова цIалулей йикIана Минскалда къватIисел улкабазул мацIазул институталда Ли Харвей Освальдица Белоруссиялда гIумру гьабулеб мехалда. ТIоцебесеб нухалъ гьей гьевгун данделъана концерталда. Гьелъулгун интервью гьабуна ЭР-лъул мухбир Павел Буториница.

Инна Марковаца гьадин бицунеб буго Освальдица жиндие гьабураб асаралъул хIакъалъулъ?

Инна Маркова: Лъалищ нужеда, гьев вукIана кепав чилъун. Нилъер васал гIадав вукIинчIо гъов. Амма гьедегIан кепав чилъун гьев вукIанин дица абиларо, цо дагьаб гIажаибавлъун вукIанин абила.

Батизе бегьула гъов батIияб культураялда бижарав инсансул вукIиндал.

Гьанжего-гьанже гурони доб мехалъ нижеда бичIчIулароан гьединаб батIайисеб культура букIараблъи. Дица гьелда тIад ургъел гьабулеб букIинчIо, дида бихьулаан гъов батIияв инсан вукIин.

РакIалда буго гьадинаб хIужа: кIалъалаго гьес цо параялъ вуцIун чIолаан, пикру гьабулаго. Дида бичIчIулароан - щайдай гьес кIалъай гьоркьо къотIарабали. Гьанжейин саназул хIалбихьиялхул борхалъиялдаса дида бичIчIула гьесул хIал.

Гьесие бокьилаан чIобогояб бакIалда цIияб гIумру базе, араб гIумру нахъеги тун.

Минскалда гьесда ратана цIиял гьудулзаби. КъватIисел улкабазул мацIал лъазарулеб факультеталда цIалулел ясазулгун лъай-хъвагIайги гьабуна гьес.

ЭР - КГБ-ялъ нуж ахIун рукIанищ кIалъаялде?

Инна Маркова: "Доб заманалда дида лъалаан дир эмен политикаялда хурхараб сфераялда хIалтIулев вукIараблъи. Дида лъалаан гьесул бербалагьи.

РакIалда рукIана гьесул насихIаталги. Гьединлъидал дида кколаан - дир хьвада-чIвади битIараб букIанин.

Чияр улкаялъул чилъун лъай-хъвагIай гьабун, дица гъалатI гьабулеб бугищ-гьечIищилан абураб пикру баккичIо киданиги.

ТалихIалъ, лъицаниги дие суал кьечIо доб заманалда. Жакъа гьеб гIажаибаб хIужалъун бихьула.

Инсуда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб букIинчIо. Эбелалъ дие рагIи кьуна сихI къоIтун чIезе. Ва гьелъ инсуде киданиги абичIо дие квешлъи гьабизе бегьулеб жоялъул хIакъалъулъ.

Гьалеха, такрар гьабулеб буго дица - лъицаниги дие суалал кьечIин. Гьаб чIвай гьабун хадусала дун цIакъ хIинкъана.

Нижер факультеталда щивасда лъалаан гьаб Освальдгун гIемерал студентазул бухьенал рукIиналъул. Гьадин бугониги ниж киналго хIинкъулаан гьаб темаялда тIасан кIалъазе.

ЭР - Жиндирго рагъулаб хъулухъалъул бицунеб букIанищ Освальдица?

Инна Маркова: "Бицулаан. ЧIалгIаниланн жиндие рагъулаб хъулухъ. Жиндир хасият аскарияв чиясул хасият гурин, абуна гьес цо нухалъ, дир эмен аскарияв вукIин рагIун.

Пикру хисарал, психикиял хиса-басиял ругел гIадамазе гIумрудул цо бутIаялда бокьилаан цIар араллъун рахъине. Ва цо гIантаб иш гурони, тIокIаб щинаб гьабизе кIоларев гьединав инсанас гьадинаб иш гьабулебги буго ахир-къад.

Гьесги ай Освальдицаги, ахир-къад гьадинаб гIантаб иш гьабизеги гьабуна.
ЭР- Би-Би-Си агентлъиялъ Освальдил лъади Марина Прусаковагун гара-чIвари гьабулаго гьелъие суал кьуна: КГБ-ялъулгун дур бухьен бугищилан.

Гьелъ йохъилан абураб жаваб кьуна. Дуда кин кколеб - букIанищ гьелъул гьединаб бухьен?

Инна Маркова: "Маринал букIана гьадинаб цо пуланаб бухьен. ГьечIебани Америкалде ине гьелъие изну щвелароан. Гьединаб буго дир хасаб пикру.
XS
SM
MD
LG