МагъчIваялъе рес

ЦIале, цIале, цIале дир «цIодор»


Гьал къоялда Москваялда унеб буго лъай кьеялъул идараялъул хIалтIухъаби хIадур гьариялда сверун улкаялда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалда тIасан конференция. Щив кколев жакъа мугIалим? Кинаб бугеб гьесдехун хIукуматалъул бербалагьи ва гьесул гIумруялъул даража? Гьеб суалалъ борхулеб буго кIудияб проблема. Масала, Дагъистаналъул мугIалимазе исана февралалдаги кьун букIинчIо декабралъул харж. Кинаб тарбия кьезе кколеб гьединав мугIалимас бачIунеб гIелалъе ва кинаб лъай бугеб живго мугIалимасул?

Дагъистаналъул цIалул идарабазда санайил къватIире риччала рикIкIен гIемерал лъай кьеялъул хIалтIухъанасул махщел щварал гIолилал, амма киналго гуро хадур жидерго махщалида рекъон хIалтIизе унел. Педагогасул махщел щвезе щуго соналъ цIалулел рукIарал гIадамал жакъа гIемерал дандчIвазе бегьула, дармида нахъаги, ралел бакIаздаги, таксиялда ва цогидабги бакIазда живгоги хъизанги хьихьизелъун кинаб щваниги хIалтIи гьабулел.

ЧIванкъотIун чан чи жакъа Дагъистаналъул цIалул идараялдаса мугIалимасул махащалиеги цIалун къватIиве уневали мухIканал баянал щвечIо «Эркенлъи» радиоялъе. Гьел цIалул идараби жидер къайимлъиялда гъорлъе унарилан бицана нижер программаялъе республикаялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул рахъалъ министерлъиялъулгун бухьен гьабидал, киналго Дагъистаналъул тIадегIанал цIалул идараби унин Россиялъул лъай кьеялъул министрлъиялъул жавабчилъиялда гъорлъе.

Дагъистаналъул пачалихъияб Педагогикияб университеталде кIалъайдал гьезги кинал ругониги баянал кьечIо, хадур кIалъаян абуна.

Жинца абиларин жакъа киналго лъай кьелъул цIалул идарабзда цIалулел студентазул тIаса-масаяб бербалагьи бугин букIинесеб махщалидехунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Караханова Галинаца. Герценил цIаралда бугеб Россиялъул Пачалихъияб педагогикияб универиситеталъул Дагъистаналда бугеб филиалалда дарсал кьолей педагогикиял гIеламабазул кандитат ккола гьей. Жинда цере цIаларал чанги студентал лъай камил гьабизе Санкт-Петербургалъул аспирантураялда цIализе унилан бицана гьелъ дагьал гьечIин руеспубликаялъул батIи-батIиял мухъазда ва мактабазда дарсал кьолелги. Амма хIакъикъаталдаги ругин педагогасул махщел щвезелъун гурел жибго гьадинго заман чIвазелъун гIадин университеталде нахъе хьвадулелги гIолилал. Гьез жидецагоги бахчуларин гьеб, ракIрагьун абулин жидеда мугIалимзабилъун хIалтIизе ракIалда гьечIилан:

Караханова Галина: «Киназдаго лъалеб жо буго жакъа лъай кьеялъул хIалтIухъанасул цебе гIадин къадру къиматги гьабулеб, лъикIаб харжги щолеб, хъулухъ гьечIеблъи, гьединлъидал гIемерисел студентазда жалго рихьулел гьечIо хадур мактабазда лъималазе дарсал кьолеллъун, гьел бачIинахъего мукIурлъулел руго цIалуда рекъон хIалтIизе гьечIин жалилан, гьеб буго бищунго кIудияб гIунгутIиги. Цоги гIунгутIи буго пачалихъалъ букIине кколеб даражаялда борцунеб гьечIолъи жакъа мугIалимасул махщел, моцIрол харжги, гьеб хъулухъалъул къадруялде бугеб бербалагьиги, гьеб кинабго хисизабулеб букIарабани щаклъи гьечIо дирги педагогикиял вузазда цIалулезулги пикру хисилаан букIараб. ГIиллаби абуни гIемер руго гьел гурелги»


Жиндир рес букIарабани жинца тIолабго републикааялда ругел киналго мактабаздаса байбихьун тIолалго мугIалимзабазул аттестацияги тIобитIун ратIа гьарилаанин лъай бугелги гьечIелги мугIалимзабиян бицана «Эркенлъи» радиоялъе хIукуматалъул хъулухъазда ругел тIолалго хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIабдулаев ГIабдулацаги. Советияб заманалдаго педагогасул махщалие цIаларав гьесда гIезегIан якъинго бичIчIулеб бугоан жакъа Дагъистаналда лъай кьеялъул хIалтIуда жаниб бугеб нахъеккеялъул суал. Жакъа мугIалимзабаца гIолеб гIелалъе кинаб лъайин кьелеб, гьезул гIемерисел экзамен зачетазухъ гIарцги кьун дипломалги росун хIалтIулел ругеб мехалъ:

ГIабдула ГIабдулев: «Щай жакъа гьадин гIемер ругел тIадегIанаб лъай щварал гIадамал, амма жибго лъаялъул къимат абуни гьоркьохъебцин даражаялдаса гъоркье ккун бугеб? Щайгурелъул ришватчиялъиялъ квелъ биччан буго кибго. Экзамен кьезе ва гьелъухъ къимат щвезе жакъа захIматаб масъала гуро, гIарцуца тIубала кинабго. Гьеб киналдаго данде хIалтI гьабизе цохIо къуваталъул идарабазда бан течIого къваригIун буго халкъалъги гьелда гъорлъ жигараб гIахьаллъи гьабизе. Гьелъие хIалтIи гьабизе гIураб даражаялда лъайги махщелги бугел лъай кьеялъул хIалтIухъаби руго нилъер. Гурони хIисаб гьабеха, байбихьул классалдасаго цIали гьабичIев чияс гьеб кIвар гьечIого тола чIахIиял классаздаги, гьенисан гьев уна бичас биччани тIадегIанаб цIалул идараялда цIалун вахъинеян гьенисаги вачIуна щибниги махщел гьечIев чилъун ва гьев чияс куцалел руго жакъа гьитIинаб гIелги. ТокIаб жоялъул бицун щиб гьабилеб гIарацги кьун балагьулеб буго жакъа гIелмабазул кандидатасул ва докторасул цIарги, гьелъул пикру лъицаниги гьабулеб бугодай?..

Заманаялъ Дагъистаналъул нухмалъи гьабизе Москваялъ витIун вачIарав ГIабдулатIипов Рамазаница хIукуматалъул министраллъун цIиял чагIи тIамулел ругилан абураб мехалъ гIемерисезул хьул букIана лъай кьеялъул нухмалъулевлъунги цIияв бажари бугев чи тIамилилан. Амма гъоркьго вукIарав министр МухIамад-фазил ГIазизов тана гьеб хъулухъалда Дагъистаналъул цIияв нухмалъулес.

XS
SM
MD
LG