МагъчIваялъе рес

Стальское росдал имамасул къисмат баянлъизехъин буго


15 маялъул сардилъ Буйнакск мухъалда батун буго жаназа жаниб бугеб бухIараб автомобиль. ЦIех-рехчагIаз жеги мухIканго чIезабун гьечIо гьев хварав чи щивали, амма «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, гьев кколев рагIула Гъизилюрт мухъалъул Стальское росдал имам.

Гъизилюрт мухъалъул Стальское родал мажгиталда имамлъун вукIарав Шамиль мухъалъул ТIелекьа ГIалибегов ГIумарасахIаб рузман къоялъ тIагIун вуго. Гьесул цIех-рех гьабизе бахъараб гIагаралъиялда лъан буго Гъизилюталда ва Буйнакскалда гьоркьоб цо бакIалда тIагIарасулалда релълъараб бухIараб автомобиль батун бугилан. Гьенив жанив вугев хварав чиги ГIумарасхIаб вугин чIезабун бугила гьезилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Стальское росулъ гьев имамасул мадугьалихъ йигей ГIайшатица.

ГIайшат: «Сон къалъудаго бицунеб букIана гьев тIагIун вугилан, гьев валагьулев вукIун вугоха гIагарлъиялъ. Гьедин нолъ 10-11 тIубараб гIадаб мехалда чIван ватун вугин гьевилан абунаха. РечIчIун жогуйищин чIван вугевилан цIехараб мехалда гьелъие жаваб щвечIоха, амма автомобиль жанисан бухIун бугин бицана дида. Гьев Гъизилюрталдаса росулъе вачIине вукIун рагIула, гьенив нухдасан тIагIун вуго».

40 сон барав ГIалибегов ГIумарасхIаб вагьабиязул рахъккурав чи вукIиналъ ТIелекь росулъа нахъе къотIун вукIанин, гьелдаса хадуб Стальскиялда имамлъи гьабизе лъугьанин гьевилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе тIелкьадерил жамагIаталъул вакилзабаз. Гьез бицана ГIумарасхIаб Имарав Кавказалъул бетIер гьебго ТIелекьа Кебеков ГIалиасхIабил кваранаб квергIадав чи вукIанила, гьез чанги чиясе заралги гьабунила , гьединлъидал цо лъица букIаниги рецIел босун чIван ватизе вугин гьевилан.

Стальскиялдаса ГIайшатица гьединго бицана жидер росулъ вагьабияздаги вагьабиялгурезда гьоркьобги дандеккунгутIиял камуларилан. Гьеб росулъ кIиго гурони рузман балеб мажгит гьечIолъиялъ, вагьабиязул имамзабазда хадур рилълъине бокьичIого вагьабиялгурелщинал цойги росулъе унила рузман базейилан.

ГIайшат: «Нижер гьаниса гIебеде гIемерисел вагьабиял ругин абулаха. Росулъ кIиго кIудияб мажгитги буго, гьедиб цоялъуб имамлъи чIварав ГIумарасхIабица гьабулеб букIана, цойгидалъуб имамлъун гьесул вацгIалги вукIана. Гьезда нахъа рилълъине бокьичIел киналго аскIоб бугеб росулъе уна рузман базе. Гьел имамзабазда хадур рилълъунел унел ратилана гьанир мажгиталде».

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаз гьев бухIараб автомобилалъув батараб жаназа лъилали чIезабун гьечIо. ГIагарлъиялдаги лъарав ватани, гьесулалда релълъарав автомобильги бугони гьев чи ГIалибегов ГIумарасхIаб вукIинеги бегьулин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъан Темирбегов Расулица. Хасал экспертизабиги, цIех-рехги гьабун бахъинчIого гьев хварав чи щивали чIезабун бажаруларин абуна Темирбеговас. Гьесул рагIабазда рекъон гьев чи цин чанго гуллаги речIчIун чIван вуго, хадуб автомобилалда цIаги гъун буго.

Исана соналда жанив гьев ккола Дагъистаналда чIварав кIиабилев имам. Март моцIалда Гъизилюрт мухъалъул Нечаевка росдал имамги чIван вукIана щалали лъаларел чагIаз.
XS
SM
MD
LG