МагъчIваялъе рес

«Справедливороссал» ракъун чIун руго


29 октябралда Дагъистаналъул «справедливороссаз» хIукму гьабуна ракъун чIезе. Гьел рази гьечIо гьабсагIаталда республикаялда бугеб нухмалъиялъ билълъанхъизабулеб политикаялдаса. Ракъун чIаразул 10 чи вуго.

Гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе ракъун чIаразул цояв, жамгIияв хIаракатчи Маматхан Байсултановас. Байбихьуда гьезие бокьун букIана МахIачхъалаялда кIудияб митинг гьабизе (гьединаб хIукму ккун букIана гьез исана 27 сентябралда тIобитIараб съездалда). Амма тIадчагIаз гьелъие изну кьун гьечIо.

Маматхан Байсултанов: «Дербенталда ахIвал-хIал лъикIаб гьечIилан абуна нижеда юстициялъул министерлъиялъ».

ЭР: «Нужер чан чи вакъун чIун вугев?»

Маматхан Байсултанов: «Нижер гьанив анцIго чи вуго. Метерги вачIине вуго ункъо-щугояв. 15 гIан чи вакIарулев вугоха».

Маматхан Байсултановас бицана жинда ракIалда букIанила ракъун чIун жиндир рокъор, Хасавюрталда, рукIине. Амма гьелъие изну кьечIила.

2006 соналда Маматхан Байсултановасул васасул рокъоб низам цIунулез хасаб операция гьабун букIана. Хадуб баянлъана гьел мекъи ккун рукIин.

Гьедин низам цIунулез чIвана лъимаде йикIарай гьезул нус. Террористасул гIайибги гIунтIизабун туснахъ гьавун вукIана вас ХIасанги. Хадув гьев ритIухъ гьавуна.

Маматхан Байсултанов: «БатIи-батIиял чагIи тIаде тIамун, гьаранаха дурго рокъоб гьабугейин гьединаб жо».

ЭР: «КидалъагIан нужеда ракIалда бугеб ракъун чIезе?»

Маматхан Байсултанов: «АнцIго-анцIила хадур къояз».

Цебехун бицухъе, исана 27 сентябралда МахIачхъалаялда съезд тIобитIулаго «справедливороссаз» рикIкIунеб букIана Дагъистаналда гьоко нахъехун гирулеб бугин, церего гIадин ричулел хъулухъалги ругин, халкъалъухъ гIенеккулев чиги гьечIилан.

Гьелъ цинги гIадамал къватIире рахъине кколин жидерго жо тIалаб гьабизе, ритIухълъи тIалаб гьабизе.

Ракъун чIаразухъе республикаялъул тIалъиялдаса жеги щивниги вачIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG