МагъчIваялъе рес

«Ниж ричIчIулел гьечIо гIадамазда»


Временный росдал сверухълъи
Временный росдал сверухълъи

Гьал къояз Временный росдал гIадамазе рахIмуялъул кумек щун буго. Гьеб кумек гьезие гьабун буго «Чистое сердце» абураб рахIмуялъул гIуцIиялъ. ТIоцебесеб нухалъ гуро гьел Унсоколо мухъалде рахIмуялъул кумекгун щолел ругел.

ЦерегIан къояз Унсоколо мухъалъул Временный росулъе рахIмуялъул кумекгун щун руго «Чистое сердце» абураб рахIмуялъул гIуцIиялъул вакилзаби. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе бакIалъул гIадамаз.

Гьезул рагIабазда рекъон, гIуцIиялъул вакилзабаз кванил нигIматал гурелги, хинаб ретIелги бачIун буго Временный росдал гIадамазе.

Фондалъул нухмалъулев хисулев МухIамадхIажи МухIамадовасул рагIабазда рекъон, Временный росдал гIадамазе рахIмуялъул кумек гьабизе ине гьел гьениб багъа-башари байбихьараб мехалъго хIадур рукIун руго. Амма гьенибе нух къан букIиналъ рес ккун гьечIо.

Гьедин, рес щвараб сагIат, 8 декябрялъ, гIуцIиялъул вакилзаби гьенире ун руго.

МухIамадхIажил рагIабазда рекъон, аслияб куцалъ гьенибе щвезабун буго хинаб хасалил ретIел ва кванил нигIматал. Кумек хIажатазул сияхI ва гьеб кумек хIажат бугилан рогьел гIуцIиялде бан буго мухъалъул нухмалъулев МухIамадов Шамилица.

Временный росулъа Камилова ГIайнаца, «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда, баян гьабуна « Чистое сердце» абураб рахIмуялъул гIуцIиялъ тIоцебесеб нухалъ гурин жидее кумек гьабурабилан.

Гьедин, гьел лъагIелалъ цере, Генуб росулъ терроралда данде чIараб режим лъазабун, росдал гIадамал Временный росулъе рахъун рукIараб мехалъги рачIун рукIун руго. Гъоркьиса жиндир рокъор рукIанила 7 хъизам гIумру гьабун, исана жий кканила гьезухъейин баян гьабуна ГIайнаца.

Камилова ГIайна: «Гьел чагIи гъоркьисаги рачIана нижее кумек гьабизе. 7 хъизам букIана дир рокъоб гIумру гьабун, хасаб операция бугеб мехалъ. Исана дун ккана гьебго балагьалда гъоркье. Яцалъул ясалъухъ гIумру гьабун йиго дун.

Я ретIине босизе, я кваназе босизе рукъзабахъе риччачIо ниж, 2 октябрялъ къватIире гъуралдаса. Гьезул рацIалда ракIал рукIунги руго. РакI ракIалъ баркала кьола гьезие. Аллагь разилъаги гьел гIадамаздаса, ниж ракIалде щварал».

ГIайнал рагIабазда рекъон, гьел ричIчIулел гьечIо гIадамазда. Жал Дагъистаниязда жалго гIайибияллъун рихьулин гьеб ккаралъулъин баян гьабуна гьелъ

Камилова ГIайна: « Цогидал гIадамаздаги ричIчIанани цIакъ бокьилаан. Ниж ричIчIулел гьечIо гIадамазда. Гьадинаб къо бачIунгеги, я Аллагь, бусурбабазде».

ГьабсагIат, гIаммаб куцалъ, 42 рукъ бихьизабун буго Временный росулъ жаниб гIумру гьабун бажарулареблъун. Бищун кIудияб къварилъи гьабсагIат бугила ретIел ва кванил нигIматал, яги гьеб босизе рес гьечIолъилъин баян гьабуна Камиловалъ.

Амма гьеб жал хIалтIичIогон чIун, яги батIияб жидер багьанаяллда бачIараб балагь гурила. Гьеб бугила жал бугеб жоялдасан махIрум гьарун, рукъоса къватIире гъун хутIиялъ ккараб хIал.

XS
SM
MD
LG