МагъчIваялъе рес

Дагъистаниял хIежалде унел руго


28 сентябралда байбихьулеб буго хIежалде гIадамал ине. Исана СагIудиязул ГIарабиялъ дагьлъизабун буго хIажизабазул къадар.

Россиялда хIежалъул суалал тIаде кколел идарабаз улкаялъул регионазда гьоркьор хIежалде ине бакIал рикьун рукIана исана ихдалго.

Гьедин Дагъистаналъе щвана микьазарго бакI (гъоркьисала 450 бакIалъ цIикIкIун букIана), Чачан Республикаялъе щвана – 3600 бакI (4971 бакI букIана), Ингушетиялъе – 1800 (гъоркьисала - 1750), Татарстаналъе – 1500 бакI (гъоркьисалаги гьедигIанго букIана).

Амма дагьалъ чIун СагIудиялдасан хабар бачIана хIажизабазул къадар дагьлъизабеян гьарун. Жидерго улкаялда ругел хIажизабазул къадар 50 проценталъ, къватIиса рачIунезул къадар 20 проценталъ дагьлъизабун буго гьез.

Гьедин гIаммаб куцалда Россиялъе бихьизабун буго 16 азарго бакI.

Гьедин бицана ЭР-ялъе Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул пресс-секретарь МухIамадрасул ГIумаровас.

МухIамадрасул ГIумаров: «Бикьун Дагъистаналъе щун букIана микьазарго бакI. 20 процент тIаса бахъидал, хутIана 6 400 бакI. Гьедин гьабиялъе гIилла бугин абуна гIарабаз жидеца ХIарам кIодо гьабулеб букIин.

Хаду-хадур хIажизабазул 7 млн чи къабул гьавизе кIолеб куцалда гIатIид гьабулеб буго гьеб».

Амма хIежалде гIадамал иналъе квалквал гьабизе бегьула Катаралда, СагIудиязул ГIарабиялда, ГIарабазул Цолъарал Эмиратазда коронавирус абулеб унти тIадеялдаса тIаде тIибитIулеб букIиналъ.

Роспотребнадзор абулеб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб вакиллъиялъ лъазабулеб буго хIалкIун гьенире инчIого чIани лъикIаб букIинилан.

Щайин абуни исана гьел улкабазда коронавирусалъ унтун хун вуго 54 чи. Унтун вуго 114 чи. СагIудиязул ГIарабиялде сапар бухьарал Иорданиялдаса, Англиялдаса, Франциялдаса, Тунисалдаса гIадамаздеги бахун буго гьеб дагьа-макъабго.

Амма гьеб унтуца чIезарулеб хIал гьечIин дагъистаниязулин абуна МухIамадрасул ГIумаровас.

МухIамадрасул ГIумаров: «Гьадинги-гьадинги хIежалде ине хIакъдулел руго гIадамал. Гьединлъидал гьеб унти баккунилан чIоларо гьел».

ХIажизабазул къокъаялъул нухмалъулев хIисабалда санайилго СагIудиялде унаан ГIахьвахъ мухъалдаса МухIамадхIажияс. Исана хIажизабиги дагьлъун, гьев гьезул нухмалъулев хIисабалда гурев, цогидаздаса хIеж борхизе унев вуго.

МухIамадхIажияв: «Жидер дараби нужер хIажизабазе дандекколарин абун, гьанисаго дараби цадахъ росизе риччала сагIудияз».

ЭР: «ГIемерисеб мехалда кина-кинал унтаби раккулел дора нилъер хIажизабазул?»

МухIамадхIажияв: «Кондиционераз унтизарула дора нилъерал. Доз кондиционерал свинаруларелъул. Гьедин мажгитахъги цогидалъурги кидаго ракун рукIуна гьел.

Гьедин хъата-масан унтула нилъер чагIи. Гьединго цIиял хьитаз доба лъугьинабураб ругъун сахлъуларо кIиго-лъабго моцIалъги. Гьединлъидал нижеца цадахъ росула рокъорго ретIун ругьунал хьитал».

Тохтурзабаз бицухъе, коронавирус бахунеб буго къохьолъалкIачаздаса, ай роржунел гIункIкIаздаса.
XS
SM
MD
LG