МагъчIваялъе рес

«Рогьо» чуриялъейищ гьабураб такъсир?


Гъизилюрт мухъалъул Нечаевка росулъа Марьям МухIамадова чIваялда тIасан диван процесс цIидасан байбихьана гьал къоязда. Марьямил хьвада-чIвади квешаб букIанин абун, далилго гьечIого, инсул рахъалдаса имгIалас чIванин рикIкIунеб буго ясалъул эбел Муслиматица.

Муслимат МухIамадовалъул гIарзаялда тIаса халгьаби байбихьана цIидасанго Гъизилюрт мухъалъул диваналда. Гьелъул яс Марьям чIварав чиясе тамихI тIалаб гьабулеб буго Муслиматица. Гьелъул гIарзаялда рекъон, Марьям чIвана инсул рахъалдасан имгIалица.

Муслиматил рагIабазда рекъон, гьелъ яс росасе кьуна 2007 соналъул риидал. Марьямил рос вукIун вуго гьелъул цинагIал. Цо лъагIалидасан гьел ратIалъунги руго, цоцазул гIамалхасият данде кколеб гьечIинги абун. РатIалъун хадуб цодагьаб заманалдасан Марьямица бицана эбелалъе ратIалъиялъе гIиллалъун щиб ккарабали. Цо къоялъ Марьямил телефоналде бачIун буго жиндие мун йокьун йигилан лъаларев чияс хъвараб смс. Хадуб гьеб номералдаса цо васги кIалъан вуго жиндирго рокьул бицун. Щив гьев вукIаравали Марьямида лъалеб букIун гьечIо. Гьеб смсалъулги хабаралъулги нугIлъун Марьямил росги вукIун вуго. Гьев вас щивали лъаларин абидал гьев божун гьечIо Марьямида. Щив гьев вукIаравали цIехезе росги вахъун гьечIо. Гьелдаса ккараб гъалмагъир сабаблъун кIиялго ратIалъунги руго.

Гьелдаса хадуб Марьямил эбел Муслиматида, гьелъул гIарзаялда рекъон, рагIун буго ясалъул йикIарай якьадалъ гIагарлъиялда гьоркьор гьереси-харбал риччалел ругин (хъизан Марьямил гIайибалдалъун бихханин, росасдаги йикIун гьей тира-сверулей ятанин).

Марьямил инсул рахъалдасан гIагарал цо-цо чагIи божана гьел харбазда ва ясалда хадур лъугьана гьелилан абуна Муслиматица ва тIаде жубана гьездасаги хIинкъун Марьям Москваялде тIуранилан.

Тахшагьаралда хIалтIиги батун, цIализе университеталдеги лъугьуна гьей. «Гьелдаса хадуб кIиго сон индал «Одноклассники.ру» сайталдасан Марьямихъе кагъат хъвана гьелъул вацгIал ХирамухIамад Шамхаловас, жиндир берталъе ячIаян, амма гьелъ тIоцебе нахъчIвана гьесул гьари, хадуб ХирамухIамадица гьелда бичIчIизабуна гьелъие щибго гьабизе гьечIеблъи, гьелъул ботIродоса цониги рас бортизе биччаларилан рагIиги кьуна», - ян бицана Муслиматица.

Гьедин 2010 соналъул июлалъул ахиралда ячIана Марьям Нечаевкаялде вацгIаласул берталъе. Бертин лъугьун хадуб цо-кIиго къо индал Марьям тIагIана. Ахир-къад гьелъул жаназа батана росдал хабалалъ букъун.

Жаназа батун 17 къо ун хадуб гурони такъсир гьабиялъул иш байбихьичIин гьечIо низам цIунулезилан абуна Муслиматица. Гьелъул рагIабазда рекъон, сурав босулелъул Марьямил вацгIал ХирамухIамадица абун буго имгIал Къасум МухIамадовас гъанкъанин Марьям.

Амма тIоцебе диван тIобитIулеб мехалда ХирамухIамадица инкар гьабуна абурал рагIабаздаса, жиндир щибго гIайиб гьечIилан чIана Марьямил имгIалги. Диваналъ рахъ кквечIо Муслиматил. Гьелдалъун гьелъул адвокат Салимат Къадыровалъ апелляция кьуна Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялде. Гьеб къабул гьабуна ва Гъизилюрт мухъалъул диваналъ цIидасанго халгьабулеб буго Муслиматил гIарза.

Гьал къоязда тIобитIана гьеб халгьабиялъул тIоцебесеб данделъи. Марьямил имгIалица абуна жинца диваналъе щибго бицине гьечIилан. Гьес жинда гIунтIизабулеб гIайиб гьересияб бугин абуна ва лъица Марьям чIварай жинда лъаларин тIадеги жубана.

Гьесул адвокат Акиф Бейбутовас абуна халгьабиялъул иргадулаб данделъиялда цIех-рехалъе хIадур вукIинин МухIамадов.

Адвокат Салимат Къадыровалъ абуна Муслимат Москваялда йигилан ва гьей иргадулаб халгьабиялъул данделъяилда щварайго гIарза хъвазе бугин динвачи цогидав тейин яги диван МахIачхъалаялда гьабеин.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб офисалъул вакил Елена Денисенкоца абуна «Эркенлъи» радиоялъе ахираб заманалда Шималияб Кавказалда гIемерлъулел ругин тухумалда лъураб рогьо чурулебинги абун ясал чIваялъул хIужжаби.

Елена Денисенко: «Гьединал хIужжаби гIемер руго. Амма дивналда щиб, полициялде гьел хIужжабазул бицине унев чи ватулев гьечIо. Гьел такъсиразда сверун рагьарал уголовиял ишалги рагIалде рахъинеги риччалел гьечIо, ясал чIваразе кинабгIаги тамихIги гьабулеб гьечIо. Муслиматица диваналде гIарза кьей гIадал цогидал хIужжаби дида лъаларо. Гьеб гIадаб цогидаб хIужжа букIинчIо».

Денисенкоца гьединго тIаде жубана жиндир божии дагьаб бугин диваналъ Муслиматил рахъ кквеялда.

XS
SM
MD
LG