МагъчIваялъе рес

ХIинкъуге! ХIижаб гIицIго кIаз буго!


Дагъистан-Хlижаб къарай яс Дербенталъул школалда, Янв2012
Дагъистан-Хlижаб къарай яс Дербенталъул школалда, Янв2012

ХIижаб ретIиналъулъ кинабгIаги сурукъаб яги бегьулареб жо бихьулеб гьечIо Россиялъул лъималазул ихтиярал цIуниялда сверун президентасул вакил Павел Астаховасда. Гьеб конфликт толерантияб рахъалдехун цIайи цIикIкIинабун лъугIизабизе кколин абуна гьес Ставрополалъул ракьалда цо росдал школалде хIижабал ретIунилан чанго яс цIализе риччалел гьечIин абун прокуратураялде хъвараб гIарзалъе комментарий кьолаго.

Ставрополь ракьалъул Кара-Тюбе росдал 12 школалда цIалулел руго Степановское ва Нефтекумское мухъаздаса лъимал. Гьеб школалъул директоралъ хIижабал ретIарай чанго яс йиччан гьечIо дарсазде ва гьел ясазул улбузеги гьелъ бихьизабун буго хIижабал рахъун ругони гьел классазде жанире лъугьине гьечIин абураб шартI.

-Дир яс цIалулей йиго анлъабилеб классалда. Гьей иргадулаб нухалда школалде ячIараб мехалда гьелда цебе къан буго нуцIа ва гьей жание йиччан гьечIо. Гьелда абунги буго ботIрода тIаса жо бахъичIони жание йиччазе гьечIин. Гьеб нижер диналда бегьулеб жо буго,-ян бицун буго информалатазе Кара-Тюбе росулъа Кайбалиев Равилица.

Гьесул яс Марьям гурониги, жеги унго яс: Зарина Юмартова, Загьида Насырова ва яцал Марьямгун Зайнап ХIажисулаевал риччан гьечIо школалде.
Гьеб рекIее гIечIел гьезул улбуз гIарза хъван буго прокуратураялде ва гьанже унеб буго гьеб хIужаялъул цIех-рех. Прокуратураялъ «Известия» газеталъе абун буго школалъул нухмалъиялда гIайиб батани, гьезие кколел тадбирал гьаризе ругин.

Школалъул директор Савченко Маринаца абун буго гьебго газеталъе ясал бусурбабазул хIижабалгун дарсазде риччалел гьечIин школалда ретIине бихьизабураб ретIел гьеб гьечIолъиялда банин. Гьелъ тIадеги жубан буго жидеца тIубанго ботIродаса жо бахъейин абулеб букIинчIин гьезда, дарсазда ругебгIанасеб заманаялда гIадатиял гьитIинал кIазал къазе бегьуларищан абулеб букIанин.

Лъайкьеялъул министрелъиялъ рикIкIунеб буго школалъул нухмалъиялъ къанун хвезабун гьечIин ва щибаб гIаммаб лъайкьеялъул школалъе бугин жиндирго форма чIезабизе ихтиярин.

Лъималазул ихтиярал цIунулев Павел Астаховасул пикруялда абуни, гьеб школалъул нухмалъиялъ зани бегизабулеб буго. Гьес абулеб буго цIалдохъабазул гIаммаб ратIлида сверун кинал рукIаниги тIалабал гьечIин ва ботIрода къараб кIаз кинаб букIаниги сурукъаб атрибутлъун кколарин. Гьесго ракIалде щвезабулеб буго, масала, Америкалда хIижаб къай кинал рукIаниги цоги гIадаталгун культураби хIакъир гьарилъун лъиданиги бихьулареблъи.

Бокьараб дин гьабизеги диналда рекъон ретIа-къазеги ихтияр кьолин Россиялъул Конституциялъ улкаялъул щибав гражанинасе ва гьесул ретIа-къай кинаб букIине кколебали бихьизабулел кинал рукIаниги гIурхъабиги гьечIин, паспортазецин ботIрода кIазалгун сураталги рахъизе толел рукIин бицун буго информалатазда Россиялъул муфтиязул Шураялъул нухмалъулев хисулев ГIабасов Рушаница.

Дагъистаналдаги кIудияб ахIи-хIур бахъарун букIана чанго сон цебе Шамхал росдал директоралъ хIижабгун школалде ячIарай яс нахъе хъамураб мехалда. Гьединго МухIарамкент мухъалъул Советское росдал школалдаги ясазда лъазабулеб букIана хIижабал рахъеян.

Жидер школалда бокьараз ретIун бокьичIез ретIичIого тун бугин хIижаб. ХIижабинцин абиларин жинца гьелда- росабалъ гIадатияб куцалда кIазал къалин ясаз. Къаразде бахъеян яги бахъаразде къаян абиялъул суалцинги баккулеб букIинчIин бицана Казбек мухъалъул цо школалъул мугIалим Апандица.

Апанди: «Нижер школалдаги руго нодо бахчун кIазал къарал ясал. Аслияб къагIидаялда гьоркьохъел классазда руго гьел цIалулел. Нижер школалда бихьизабун буго советияб заманалда букIарабгIадаб хасаб форма. Дица бицен гьабулел асазги кIазал гьеб формаялда тIасан рукIуна къан. Нижер школалда мугIалимал-руччабазги къан рукIуна кIазал гIадатияб росулъ бихьанхъараб куцалда.
РукIуна кIиго-лъабго моцIалъ кIазалги къан хадусан гьел ясаз рахъарал мисалалги. ЛъагIалица къан хадусан рахъаралги руго хIужаби. Гьел кIазал къай-рахъиялъул суал нижеца школалда борхун букIинчIо ва борхулеб гьечIо. Къаразде гьеб бахъейин яги бахъаразде гьеб къайинги нижеца абуларо».

Гьесулго рагIабазда рекъон, ахираб заманалда баккулеб буго васазулги ясазулги классал рикьиялъул суал. Диниял хIаракатчагIаз гьелдехун гьесизарулел ругин, амма мухъалъул гIаммаб лъайкьялъул идараялъе гьеб рекIее гIолеб гьечIин бицана Апандица. Гьесулго рагIабазда рекъон, жибго жамгIият хIадураб гьечIо жакъа гьеб суалалъе жаваб кьезе.
XS
SM
MD
LG