МагъчIваялъе рес

Унсоколо мухъалъул нухмалъулев нахъе унев вуго


Унсоколо мухъалъул бетIер Шамиль МухIамадов
Унсоколо мухъалъул бетIер Шамиль МухIамадов

Унсоколо мухъалъул нухмалъулев МухIамадов Шамиль гьеб хъулухъалдаса нахъе ун вугин абурал баянал ритIарал гьечIин лъазабулеб буго мухъалъул администрациялъ. Амма гьев ун ватичIони, гIагараб заманалда хIакъикъаталдаги хъулухъалдаса нахъе ине рес бугин абулелги руго баянал, хIатта рехсолеб буго гьев хисун вачIунесул цIаргицин. Щиб ккараб гьел харбазе гIилла?

Унсоколо мухъалъул бетIер Шамиль МухIамадов нухмалъиялдаса нахъе ун вугилан хабар тIибитIана 18 декабрялъ социалиял гьиназда.

Амма гьел баянал уял гьечIилан лъазабулеб гьабуна мухъалъул администрациялъул хIалтIухъан Пайзудинова ПатIиматица. ХIакъикъаталдаги, хIалтIудаса нахъе ун вуго бетIер хисулев Ибрагьимов Набиюла. Амма мухъалъул бетIер иналъул хабарги тIубан кьучI гьечIеб гьечIила. Гьедин, 19 декабралъ Унсоколо мухъалъул нухмалъулев ахIун ун вуго МахIачхъалаялде тIалъиялъ.

ПатIимат Пайзудинова: «Нижер бетIер жеги ун гьечIо, амма инехъен вуго. ГьабсагIат нижер хисун вуго бетIер хисулев Ирагьимов Набиюла. Гьесул бакIалда вачIун вуго НурмухIамадов ГIиса. БетIер жакъа МахIачхъалаялде ахIун ун вуго. ГIицIго понедельникалъ гурого мухIканлъуларо суал гьев нахъе иналъул».

БетIер нахъе иналъул хабар ихдалидаса нахъего букIанин, гьесул бакIалда вачIине вугесул цIаргицин букIанин абулебин баян гьабуна «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда Шамильхъалаялъул бетIер ХIусейнов Расулица.

ХIусейнов Расул: « Гьесул бакIалда магъалаби ракIарулеб идараялъул нухмалъулев тезе вугин хабар некIого букIана. Амма вачIинахъего гьев гьенив тун бажаруларо, щайгурелъул цин гьев администрациялда хIалтIулев вукIине ккола. Ихдалидаса нахъе рукIана харбал НурмухIамадов нухмалъиялде вачIине вугилан. Гьедин, гьанже бетIер хисулесул бакIалда тун вуго гьев. Щаклъи кколаро, кватIичIогон, гIемер заманго бачIого гьев бетIерлъудеги вачIинин».

Гьединго рес бугила Магъалаби ракIарулел идараялъул нухмалъиялде НурмухIамадов хисун МухIамадов Шамиль вачIинегийин баян гьабуна ХIусейновас.

«Черновик» газеталъул баяназда рекъон, НурмухIамадов ГIиса кколев вуго Дагъистаналъул Спорталъул министрасул кверчIвай бугев чи ва гьес мухъалъул политикаялда жаниб жигараб гIахьаллъи гьабулеб буго.

Абизе ккола, МухIамадов Шамиль нухмалъиялде вачIун вукIанин 2012 соналъ, халкъиял рищиязул хIасилалда. Гьелдаса цевеги, 2005-2007 соназ, МухIамадов гьединго вукIана мухъалъул бетIерлъиялда. Гьелдаса хадув гьев вищана Дагъистаналъул Халкъияб собраниялъул депутатлъунги.

XS
SM
MD
LG