МагъчIваялъе рес

Рикъарал гендерил цояв эркен гьавуна


Генуб росу
Генуб росу

МахIачхъалаялъул аэропорталдасан вачун арав Генуса лъабго гIолохъанчиясул цояв – МухIамадов АхIмад - виччан вачIана 16 ноябралъул сардилъ.

ЭР-ялъ бицун букIана Туркиялде роржине аэропорталде аралъуса низам цIунулезул гIадаб ретIел-хьиталъул, яргъид рорчарал гIадамаз рачун арал Сулейманов ГIалилги, МухIамадов Шамилилги, МухIамадов АхIмадилги хIакъалъулъ. Гьел эркен гьаричIого жидеца нух рагьизе гьечIилан гендерил туннелалда аскIор нухги къан чIун рукIана 16 ноябралда гьеб росдал гIадамалги.

ЭР-ялъе Генуса щварал баяназда рекъон, аэропорталда роржине чIарал гIадамазул хъвай-хъвагIай гьабулеб мехалда гьел лъабгоязул хъвай-хъвагIай гьабулеб букIун гьечIо компьютер хун бугинги абун. Амма цогидазул сияхI гьабулеб букIун буго. Гьедин ахиралделъагIан чIезарун руго гьел лъабалго. Цинги рачIун дол яргъид рорчарал чагIаз жидеда цадахъ рилълъине кколин нужилан гендерида абулелъул гьоркьоб рагIи бицине жуян йиго цо гIадан. Гьеб мехалда гьейги ун йиго доз цадахъ ячун.

Генуса ГIабдулаев Сайпула (бицунеб буго АхIмадил хабаралде мугъчIвайги гьабун): «Цо рокъор жаниреги рехъерхъун, гьенирги руханила жал. Доб цояб рокъосан рагIулеб букIанила цо чIужугIаданалъул чIчIичIчIи. Дой аэропорталдасан ячун арай гIадан йикIун ятилаха гьей. Гьелдаса хадуб тIад жалги ххунила жидеда, скотчалъ квералги рухьанила. Гьединлъидал гьорон ругоан гьесул (АхIмадил) кверал. Сон Шамилхъалаялде рачинегIан нахъехун рухьун рукIанила кверал, тIад скотчги букIанила. Газель автомашина букIун батилила гъобин абулеб бугоха гъос – гьелда жанире, чIарбиде ранила жал. Манзилалъухъ балагьун, Каспийскалдаса МахIачхъалаялде рачун ратилин жалин кколеб бугила гъосда.

ЧIарбида регизарурал жидеда тIасан рилълъанхъулел дол чагIиги рукIанила. Гъеж-квер битIизабизе доре-анирехун руссиндал, ботIролъ малал ралаанила. Цинги ункътIалаяб минаялъуре рачанила жал. Жив (АхIмад) цояв рокъов вукIанила. Цогидаб рокъосан рагIулеб букIанила чIчIичIчIи.

Щиб гъозие гьабулебали лъалеб букIинчIила. Рокъове жаниве вачIа-вачIарас каранлъ щиб, ботIролъ щиб малал чIвалаанила дуда дозул гьаракь рагIулеб бугебищилан. Бугин абунида жинца, кватIичIого дур ахIи доздаги рагIизе бугилан абунила доз. Жинда гьабураб жо щибалиги, жал сундуе гIоло ккуралалиги бицейин гьикъанила жиндица. Дуда кватIичIого лъалин щай ккуралалиян абунила гьез. Гьедин анила тIубараб къо.

Цинги гIадамаз ахIи-хIур бахъинабидалгIаги батилаха (анире, Шамилхъалаялде рачунеллъиги лъалеб букIинчIила жидеда), автомашинаялъулв рекIинавунила жив. Бухьахъе бетIерги букIанила жиндир. Цинги жинда рагIанила цояс абулеб цо-кIиго литра бензиналъулги босейин, цо гранатаги гIелин гьасиеян (хIинкъизавизе батилаха). Дора нахъасан, ГьаракIунисан, ГьаркIасунисанищ ал рачаралалиха, цIакъ ракI лъикI букIинчIин жиндиран абуна гьес, щайгурелъул гьенир ХарачIиса гIебедеги жоги гIемер ратун рукIанаха чIварал, рухIарал чагIи».

Гьедин гьабулеб букIин бихьидал цIакъго къваригIел букIун гурони МахIачхъалаялде, яги росулъа цоги бакIалде къватIире ине хIинкъулел ругин жалин бицана гендерица ЭР-ялъе.

Дол гIолохъабазда гьединго гьикъулеб букIун буго нужеда ХIажидадаев Ибрагьим лъалевищиланги. Гьев рикIкIуна Дагъистаналъул амирлъун.

МухIамадов АхIмадго гIадин Сулейманов ГIалиги МухIамадов Шамильги эркен гьаричIони, 16 ноябралдаго гIадин цIидасан нух къазе рахъинилан чIун рукIана гендерил цо-цо гIадамал. Амма цодагьаб кIудияб гIелалъул чагIазда лъикIаблъун бихьулеб бугоан нухлулазе къварилъи гьабичIого, МахIачхъалаялде аслияб майданалде рахъине.

Гьединго 16 ноябралда нух къан чIун рукIарал генал тIатинарулел ругин низам цIунулезин абурал баяналги руго.

XS
SM
MD
LG