МагъчIваялъе рес

«ГIайиб чIезабичIого «гIайибиял» гIемерлъулел руго Дагъистаналда


МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ кIиго моцIалъ жанир тIамизе хIукму къотIун буго ХIамзатов МахIачиеги, ГIашурбегов Зауриеги. Гьезде гIунтIизабулеб буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабулеб букIанилан абурабги гIайиб. Жанир тIамуразул гIагарлъиялъги гьезул адвокатазги абулеб буго гьеб провокация бугин. Цо-цо баяназда рекъон, жанир тIамурал рухулелги руго.

Гьединго «Эркенлъи» радияолъухъе щварал баяназдасан лъана жанир тIамуразда тIад хIал гьабулеб букIиналъулги
Жанир тIамурав цоясул ХIамзатов МахIачил вац ХIажимурадие рес щун буго къокъабго заманаялъ вацасда берчIвазе. Гьесул тIубараб гьумер хъахIиллъун букIанилан бицунеб буго гьес. Гьесги МахIачил хъизан Лимарацаги абулеб буго гьесда изну гьечIого яргъид гIуцIаразе гьес кумек гьабулеб букIанилан абураб баян гьересияб бугилан.

МахIачидеги ГIашурбегов Зауридеги цIех-рехчагIаз гIайиб гIунтIизабулеб буго гьез Буйнакск шагьаралда ва гьебго мухъалда рукIарал изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъе кумек гьабулеб букIанилан абун. Гьеб мухъалда ругел такъсирчагIаз апрелалъул 30 къоялъ кьвагьдон рукIана полициялъул хIалтIухъаби тIад рекIараб автомобилалде, доб мехалъ гIумруялдаса ратIалъун рукIана полициялъул лъабго офицерги, жеги кIигоял лъукъун азарханаялда регизарунги рукIана

Информалатаз бицухъе ХIамзатов МахIачги, ГIашурбегов Заурги тIагIун рукIиналъул хабар гьезул гIагараз тIибитIизабун букIана маялъул 12 къоялъго. Гьеб лъугьа-бахъин ккун буго МахIачахъалялда ХIамидовасул къотIноб бугеб «Спортмастер» абураб тукада цебе. Вачун унеб заманалад МахIачида цадахъ гьединго йикIун йиго гьесул хъизанги гьей тунткун автомобилалъуса къватIие рехун йиго. МахIач вачун араб автомобиль ккола «Приора» абураб маркаялъул.
Гьев цIунизе тIаде восун вуго МахIачхъалаялдаса адвокат МухIамадов Мурадица, амма низам цIунулел хIалтIухъабаз гьал дол багьанабиги ратун виччалев гьечIо гьев МахIачихъе тIаде.

МухIамадов Мурад: «Цин дида абуна гьев гьезего гьечIин гьанивилан, хадуб цIех- рехчи чIана жиндаги вихьичIин гьевилан абун, хадуб цIех-рехчиясда лъан буго гьев гьенив вукIин ва жиндеги гьерсал рицун рукIин. ГIиллаби гIемерал ургъулел руго дида гьев вихьичIого вукIине. Гьев дида вихьичIолъиялда бан дирго рес кколеб гьечIо гьесул кинаб позиция бугебали лъазе, бугиш гьесда гIайиб гьечIищали чIезабизе квал-квал гьабулеб буго диеги».

Гьанже Мурад МухIамадовасда ракIалда буго гьелда тIасан прокуратураялде гIарза хъвазе. Жанив тIамурасухъе жив виччазе багьанаби ралагьи цIех-рех чагIаз ургъунго гьабулеб пиша букIиналда щаклъи гьечIо гьесул. Гьединго МахIачил щаклъи гьечIо гьабичIеб такъсирияб хIужаялъе мукIурлъизелъун цIех-рехчагIаз ХIамзатов МахIачида тIад хIал гьабулеб букIиналдаги.

МухIамадов Мурад: «Цереккун сурав босулаго гьес кьурал киналниги баяналги гьесда тIад хIал гьабиялъул хIасил ккола. Гьеб дида якъинго бихьана ва бичIчIана диван тIобитIулеб бакIалда гьесул гьумер бихьидалги, бидул цIун букIана гьесул куц-мухъ. БатIияб гIилла гьелъие гьечIо».

Полициялъулаз рухун хадуб сахлъиялъе зарал ккун букIиналда бан ХIамзатовасеги Зауров ГIашурбегиеги, тохтурзабазул кумек хIажат букIиналъул ходатайство битIун буго МахIачил адвокатас хамиз къоялъ, амма цIех-рехалъул идараялъ инкар гьабун буго гьелъиеги

Гьединго араб арбагI къоялъ Гъизляр мухъалъул Косякино росулъ чанго мина свурен ккун гьениб полициялъулаз хал шал тIобитIулеб букIиналъул баян кьуна информ.алатазе Правозащита централъул вакил Рустамова Гульнараца. Гьелъул хIакъалъулъ бицун Гульнарахъе ахIун бачIун буго Косякино росулъа ГIалиева Марьямица. Радал сагIат 6 тIубараб гIужалъ сверун ккун буго гьелъул мина. Гьеб заманалда рокъор цохIо гьей гурейги рукIун руго гьелъул кIиго сон барай ясги эбелги, жиндирго ясгун цадахъ Марьямил ункъгIалги. Низам цIунулез гьединго сверун ккун буго мадугьалихъ бугеб цоги минаги. КIиябго минаялъул бетIергьаби Рамазанов ГIабдулги ва АхIмад абурав гIолохъанчиги гьез цадахъ рачун руго. Гъизляр мухъалъул жанисел ишазул идараялъ тасдикъ гьабулеб гьечIо гьеб баян.
XS
SM
MD
LG