МагъчIваялъе рес

Гъагъалъа ГIалибег – гIандадерил шамхал


1640 соназ Сунжа гIуруда аскIор росаби чIвана нуцалаз. Гьенир рукIине кколаан хадубккун Чачанлъи квегъизе кумекалъе рукIине кколел щулалъби ва хъалаби.
Амма Гъизляралда аскIоб букIараб Терки абураб гIурусазул рагъулаб гарнизоналъул нухмалъулев князь Венедикт Оболенскияс терекалъул ва гребенскоялъул казаказул гьариялда рекъон гьел щулалъаби щущазаруна. Гьелдаса нахъе аваразул нуцалал гьенире раккичIо абун хъвалеб буго гIурусазул документазда. Гьедин, Терекалда ва Сунжаялда гьоркьоб, Грозниялдаса 20 км севералдегIан рукIун руго аваразул нуцалазул щулалъаби, амма казаказулгун тунка-гIусиял ккун нахъе ун руго. Хадур гьенир гIуцIана Дарбанхи ва Виноградное абураб кIиго лъарагIазул ва цоги чачаназулги росаби.
Гьебго заманалда Хунзахъ АмирхIамза нуцалги чIван ханлъуде вачIана Турурав. Аваразул нуцалал регIун рукIинчIо жаниб бугеб дагIба-рагIиялдаса.

Аваразул ханзабазул рагIи дандеккунгутIи

Хунзахъ кIудиял хиса-басиял унаго, Чачаналъуб унел лъугьа-бахъиназда асар гьабулеб букIана МелъелтIа ва ГIанди ругел нуцалазул тухумазул тухмалъулез. Гьеб кIиго нуцалазул тухумалда гьоркьоб дагIба-къец унеб букIана Чачаналда щиваз жидерго политика билъанхъизабизелъун. Аслияб къагIидаялъ гьеб кколеб буго Ведено ва Ножаюрт мухъал. Гьеб дагIба къецалъул хIасилалда тунка-гIуси ккана МелъелтIа вукIарав нуцал ГIалиханил Турурасугун, Гъагъалъ вукIарав нуцал ГIалибег Дургануцалида гьоркьоб. Гьеб заманаялъул лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ хъвалеб буго гIараб мацIалъ бугеб «ГIандиса ГIалибегил ва гьес ГIалиханида тIад босараб бергьенлъиялъул хIакъалъулъ» абураб хъвай-хъвагIаялда. Хъван буго гьеб I8I5 соналдаса цебе. Гьениб хъвалеб буго ГIалибегица чачаназдаса бакIарулеб магъалоялъул хIакъалъулъ. «магъало бакIарулеб букIана гIарцудалъун, мугь ва боцIудалъун киналго югалъул рахъалда ругел чачаназдаса, Салатавиялъул мугIруздаса байбихьун бакътIерхьуде Шубуталде (Шатой) щун ва къилбаялъул рахъалдаса ГIанди гIурухъ щун киназго»ян.
Щибаб соналъ ГIалибегие щибаб рукъалдаса щолеб букIана цо-цо меседил диргьам, гIемераб мугь, щибаб нусго гIиядаса цо-цо гIи, щибаб гIачиязул рехъадаса цо оц. Гьеб бакIарулеб букIана рии аралдаса 20 къойидаса.
Амма гьеб магъалоялда хьул лъуна бакълъулазул нуцалчи Турурасул. Цо заманалдаса ГIалиханил Турурав вачIана бакълъулазухъе гьезул гьариялдалъун, Гъагъалъа ГIалибегида данде рагъ гьабизе. ГьанжелъагIан ГIалибегица босулеб букIараб магъало, гьанже чачаназ Турурасе кьуна. Балъго бакълъулазул аскарги бакIарун Турурав ана ТIад-Буртиялде (Чачаназулгун балъхъадерил гIорхъода бугеб Чеберлой абураб бакI) ва балъго магъало бакIарана.

Мамайхан Агъларовас ва Тимур Айтберовас хъвавухъе, ГIандиса ГIалибегие щолел магъалабазул хал гьабурабго бихьулеб буго гьединалго магъалаби Суракъат-нуцаласеги щолел рукIараблъи, ай, дагIба унеб букIана ирсалъе кьолеб магъало босизе бугеб ихтияралда тIаса.

Гьединго рехсараб документалда хъвалеб буго: Турарав вачIана ГIандиве ва шамхаласухъ лъалхъана. Гьес лъикIго къабул гьавун вуго гьев ва цадахъ рукIарал. Лъабго къоялъ ГIалибегилгун гьеб магъалоялда тIаса хабарги бицун гьев вуссун вуго МелъелтIе. ГIалибегица гьезда лъазабун букIун буго тIокIаб жиндир лагъзадеридаса магъало бакIаругеян. Иргадулаб нухалъ магъало бакIаризе замана щварабго ГIалибегица жинцаго бакIарун буго. Гьебмехалъ Турурас бакълъулазул аскарги бакIарун ГIандибе сапар бухьун буго. Гьесул рагъухъаби чIана Гъагъалъ росдада данд битIун бугеб магIарда. ГIалибегида лъалеб букIана гьев Турарав вукIин ва гьесие рагъ гьабизе ва жив тIаса реххизе къваригIун букIин.

Турарас гьенисан чапар витIана ГIалибегихъе кагъатгун. Кагътида рукIана хадур рехсарал тIалабал: «… СултIан ГIалибег! Дица амру кьола дуе нахъбахъичIого гьал дир чапарзабазда цадахъ кинабго дуца гьаб соналъ бакIарараб магъало битIеян. Ханлъудасаги нахъе а, ихтиярал кьезе ва гьукъизе токIалъ ракIалде ккоге, лагъзадерил ва магъало кьолезул ишазда гъорлъеги жуваге. Гьаб амру дуца гIадахъ босичIони, дун гьаб сапаралдаса нахъ вуссина нужер бихьиналги чIван, руччабигун лъималги кверде росун, нужер росабазулги ганчIида тIад гамачI течIого».

Кагъат щварабго ГIалибегица жиндир гIакълучагIазулгун дандбана кинабго хадуб гьабизе кколеб. Хадусеб къоялъ хъахIлъи рещтIарабго къотIи гьабураб бакIалде Турурасулгун гара-чIвари гьабизе витIана гьес жиндир вас Нурав. Гьес нуцалчиясул рагьтIателазде ахIана жиндие Туруравгун кIалъазе къваригIун бугин, къватIиве вачIаян гьареян.

Турурав къватIиве вачIаравго Нурас гьесда абуна: «Те гьаб нилъеда гьоркьоб бугеб дагIбаги, а дурго аскарги бачун дурго рокъове. Гьаб ишалдаса дуе пайда букIине гьечIо. ИнчIони дуе щвезе буго гIицIаб ганчIидаса тIотIое щолебгIан хайир». Турурав гьесухъ кIваркьун гIенеккана ва жеги кьварун абуна: «Дица гьесулгун дагIба тезе гьечIо гьаб дир хвалчен бекизегIан, ялъуни гьеб ханлъиялдаса гьев реххичIого, хадув жиндирго тIалинибе най гIадин цадахъ давлаги босун гурони вуссинеги гьечIо нахъе.

Нурасда бичIчIана тIокIалъ гара-чIвари халатбахъун магIна гьечIеблъи. Цебеккун хIадурараб планалда рекъон, гьес ишара гьабула гвандинир рахчарал рагъухъабазде, Турурасде кьвагьдеян. Гъагъалъа Гьиматица речIчIун Турурав чIвана. Гьев вортарав вихьарабго бакълъулазул къокъа тIуризе байбихьана битIун ГIалибегил аскаралъ гъоркьчIел гьабураб бакIалде. Гьеб мехалъ гьез цо лахIзаталъ цадахъ киназго кьвагьун гIемер чагIи жеги щапизаруна ва кодор хвалчабиги ккун жеги хадур лъугьана. Турурасул къокъаялдаса 70-гоялдаса цикIкIун чи чIвана гьеб бакIалда.

ГIалибегица амру кьуна Турурасул жаназа буртинаялдаги жемун, киналго гьаризе кколел ишалги гьарун, цоги чIвараздаса батIаги гьабун Бакълъулазул гIорхъоде щвезабеян. Гьезги амруги тIубан, щвезабуна жаназа: «Гьале нужер хан, нужецаго вукъе нужее бокьаралъув», абун.


Кин щвараб ГIандибе шамхалазул тузум

ТIадехун бицен гьабураб документалда документалда тIад хъвай-хъвагIаял гьарурав Гъагъалъ МаяргIали Идрисовас хъвавухъе, гьеб хъвай-хъагIай гьабуна 1815-1816 соназ Пир-МухIамадил вас АхIмадханица. Гьев вукIун вугила дурга нуцал абулев вукIарав ГIалибегил вас Нурасул, гьесулги вас ГIумарил ва гьесулги вас Хъачил васасул вас. Хъвай-хъвагIаялда рекъон, ГIалибег вачIун вуго кисаялиго Гъагъалъе ва гьенив чIун вуго, киса вачIаравали хъван гьечIо. Гьебго документалда хъвалеб буго 1318-19 соназ Гъазигъумеки кверде босун хадуб гьенир рукIарал ханзаби щущахъ ранин ва дурга нуцал абурав ГIалибег ГIандиве ун вугин. Гьеб хъвай-хъвагIаялда щаклъизе бачIунеб буго, щайгурелъул 1318-19 соназ вукIарав чи XVII гIасруялъ ГIандиве щвезе рес букIинчIо.

КIиабизеги, ГIалибегил умумузул цIаразул бакIалда хъван руго аваразул нуцалзабазул цIарал. Гъазигъумекиса вачIарав вугин ГIалибег абизе кинабгIаги мухIканаб баян гьечIо. Гьединлъидал, Шамхалилал абураб хадусеб гьезул наслуялъги рикIкIунеб буго жал Гъазигъумекиса шамхалазул наслуялъул чагIи ругилан. Гьеб буго ургъун бахъараб жо. Гьелъие гIиллаги букIана Турурав Абулмуслим шайихасул тухумалдаса вукIанилан абураб гIадин, живго къурайшиязул тухумалдаса бачIараб наслуялъул чилъун вихьизавизе, халкъалъул жидеде хIурмат-адаб цIикIкIине, аварагасул тухумалдаса рачIарал чагIи ругилан.

ХIакъикъаталда кисан бачIарабха букIараб ГIалибегил наслу ва гIандадерида гьоркьоб тIибитIараб Шамхалов абураб фамилия? Гьелъие жаваб кьолеб буго цIар арав этнограф Евгений Шиллингица. 1940 соназ гьес лъазабулеб букIана гIандадерил тухумазул тарих. Гьес гьадин хъвалеб буго: «ГIандадерида гьоркьоб лъикIаблъун рикIкIунеб Шамхалазул абураб тухум бачIараб буго Хунзахъа XVI гIасруялъул ахиралда, щайгурелъул гьезул тIоцевесев Доргануцал вукIун вуго хунзахъ вукъарав чи. Гьеб тухумалда гьабсагIаталдаги тIиритIун руго гIемер хундерида гьоркьор дандчIвалел цIарал: Нуцалхан, ГIумахан, Баху ва гь.ц. Цойги хIужа буго, дунгун кIалъарав гьеб тухумалдаса чияс абулеб букIана жиндир кIудияв инсуца вацасулгун букIараб дагIбаялъе ахир лъеялъул мурадалда рекъел гьабизе вачун вукIанин хунзахъа гIагарав чи».

Шиллингил рагIабазда рекъон, Гъагъалъ Шамхалал абураб наслу баккун буго ГIанди росулъ гьеб тухумалъул Мамади (МахIамад) абурав чи ун вугин Хъачи ва ХIажикIу абурал лъималгун Гъагъалъе гочун ГIандиса. ГьабсагIат Гъагъалъ ругел кIудиял тухумал руго Хъачилал ва ХIажикIулал.
ГьабсагIаталда Шамхалазул тухумалда жанире уна ГIанди ва Гъагъалъ росабазул гIемерисел гIадамал. Руго гьел гIандадерил цоги росабаздаги.
XS
SM
MD
LG