МагъчIваялъе рес

Багьаби цIикIкIун руго 20 проценталъ


Сон байбихьаралдаса чанго нухалда хиралъун руго Россиялда кванил нигIматазухъ багьаби. Гьезда гьоркьоб бищунго багьа эхеде бахараллъун рикIкIунел руго рахьдал нигIматал. Статистикаялъ кьурал баяназда рекъон бищунго цIакъ кванил нигIматазул багьаби хиралъун руго Шималияб Кавказалъул республикабазда. Дагъистаналда кинаб къагIидаялъ багьабазул иш бугебали лъазе гьикъа-бакъи гьабуна нижеца.

2014 сон байбихьаралдаса чанго нухалда хиралъун руго Россиялда цо-цо кванил нигIматал. Январь моцIалдаса байбихьун киналго кванил нигIматазул багьаби гьоркьохъеб къагIидаялъ 17 проценталъ хиралъун ругин абураб баян кьолеб «Росстаталъ». Хасго хиралъун рагIула рахь, ччугIа, пиринчI ва пихъ гIадал нигIматал.

Централияб Россиялда гьел хиралъун руго микьго проценталъ, бищунго цIакъ багьаби эехеде рахин загьирлъун буго Шималияб Кавказалъул регионазда, къого проценталъ.

Федералиял чиновниказ мукIурлъун абулеб буго жидер къуват гIолеб гьечIин гьелда цебе нух къазе Регионалъул нухмалъулез абуни хIаракат бахъулеб буго кина-кинал нухал ратунги кванил нигIматал чIезаризе, ханждал нахърателал гьарун, ярмаркаби тIоритIун ва гьел гурел цогидалги нухал хIалтIизарун. Амма киналго регионазда гуро бажарулеб бугеб гьеб къагIидаялда хIалтIизе ва гьез улкаялъул хIукуматалдасан кумек гьарулеб буго багьаби рукIалиде рачIинарулеб нух балагьеян абун.

Шималияб Кавказалъул цо- цо регионазда гьел бищунго цIакъ хиралъун ругин абураб баянги хIисабалде босун «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабуна МахIачхъалаялъул цадахъго кванил нигIматал росулеб базаралда ругел ричарухъабазда гьоркьоб. Гьез тасдикъ гьабуна хIакъикъаталдаги рахьдал нигIматал хиралъун рукIин. Ричарухъабаз бицунелда рекъон гъоркь букIараб багьаялде дандеккун 10 проценталъниги исана хиралъун буго «Кубанская Буренка» абулеб ракь. Гьеб рахь Дагъистаналде бачIуна Краснодаралдаса. ГьабсагIат гьелъул цо ящикалъул багьа баханин 860 гъурщидеян бицана «Эркенлъиялъе» аслияб куцалда цохIо гьеб маркаялъул рахь бичулев, бицен базаралда хIалтIулев Манапица.

Рахь хиралъиялда цадахъ хиралъанин рахьдал гьарулел цогидалги нигIматалгиян бицана цогидай йичарухъан Гульнараца. Гьелъги рахьдал гьабураб батIи-батIияб чанго нигIмат. Гульнарал рагIабазда рекъон циндаго гуреб, сон байбихьаралдаса дагь-дагьккун хиралъун буго рахьги ва гьелъул гьарулел цогидалги нигIматал. Гьелъул пикруялда рекъон, гьедин рахь хиралъиялъе кинабго гьечIониги цо бутIа гIайибалъул жалго гIадамаздаги бугилан рикIкIунеб буго гьелъ. Щаяли гьадин баян гьабуна гьелъ

Гульнара, йичарухъан: «Рахь гьабсагIат киналго ричарухъабазухъ хираго буго бичулеб. Ва киназго гIочIол тIогьиб чIвазабулеб буго боцIуе кьолеб рагIи-хер ва цогидабги жо хиралъун бугин, рахьги хира гьабизе кколеб бугилан. Амма араб соналда цIадалги лъикIго ран рагIи хер гьарзаго бижун букIана ва гьелъул нахърател гьабизе щибниги квал-квалги букIинчIо. Мисалалъе, дун гьитIинаб заманалда росулъ кин хIалтIулел рукIарал? ХIаталдасаги цIикIкIун гIемераб рагIи-хер данде гьабулаан хасало боцIуе ва кигIан бокьаниги букIунаан гьеб гьорахъ цIунун. Гьанже абуни кIохIаллъулел руго гIадамал хер хъвазеги, гьеб бакIаризеги ва хадур зигардулелги рукIуна харил цо магьихъ ва кормадухъ гьабгощинаб гIарац кьунилан».

ЦIех-рехалдасан баянлъана цохIо рахь гуреб хутIарабщинаб жо гьедигIанго бицинегIанасеб хIалалъ хиралъун гьечIеблъи. Рахьдалго гIадин багьа тIаде бахъун бугин пихъилгиян бицана «Эркенлъиялъе» вичарухъан Юсупица. Амма соналдаса соналде багьа хисулеб букIиналде ругьунлъун ругин гIадамалилан абулеб буго гьес.

Юсуп, вичарухъан: «Цебе гьезул кIудияб гIарз букIунаан багьаби хиралъун ратидал. Нужеца ургъунго хира гьабулеб батулин нужерго даран ккезеян абин добилан. Гьанже гьел ругьунлъун руго багьаби хиралъулел рукIиналде, гьезул психология хисун бугин абизе бегьила багьабазда хурхун, щайгурелъул бичулеб жо хиралъулеб буго тIокIаб чIечIого. ЦIин доллар хиралъанилан, цин бензин хиралъанилан хIукуматалъги щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIо гьезда хурхун».

Цо-цо конфет-печенье гIадал гьуинал кванил нигIматазухъ багьаби гIаксалда учузлъун ругилан бицана ричарухъабаз. Амма кватIичIого тIаде щолеб Рамазан моцIалъул кIиабилеб бащалъиялде гьел нахъойги хиралъизе ругин.
XS
SM
MD
LG