МагъчIваялъе рес

Бокlнилъе гъуни гIонкIкIоцаги хIанчIула


Гулидаса жиндаго нахъа вахчизавун гlурус офицер хвасар гьавулаго инвалидлъун яхъарай Эпендиева Зарган
Гулидаса жиндаго нахъа вахчизавун гlурус офицер хвасар гьавулаго инвалидлъун яхъарай Эпендиева Зарган

«Дагъистаналдаса тема бихьизабичIеб лъабго новелла» абулеб фильмалъе щун буго документалияб ва авторазул киноялъул «Кунакал» абулеб VI фестивалалда бищунго аслияб щапакъат ай гран-при. Гьеб буго Шималияб Кавказалъул телекомпаниязул ва телестудиязул документалияб киноялда ва авторазул программабазда гьоркьоб тIобитIулеб фестиваль.

Realityялъул стилистикалда рекъон бахъараб 32 минуталъул халалъи бугеб гьеб фильмалда бихьизабулеб буго лъабго дагъистаниясул щибаб къойилаб гIумрудул лъабго къокъабго кесек. Гьеб фильмалъул режиссер Ильяс Богатыревасул рагIабазда рекъон, фестивалалда бергьининго ракIалда ккун букIун гьечIо гьесда.

«Гьеб фильм буго «ГIела Кавказ кваназабураб!» абураб гIурус миллатачагIазул игIланалъе битIараб гьечIони хъвалсарабгIаги жаваб. Гьеб фильмалъул героял лъицаниги кваназаризе кколаро, гьез жидецаго балагьула жидеего квен. Гьеб фильмалъе гран-при кьейги дида бихьула гьеб пробема бичIчIулеб букIиналъул гIаламатлъун ва гьелъул магIна ккола гьеб проблема рагIалде бахъинабизе кватIичIого нух батизе бугин абураб», -гьедин бицана информалатазе Богатырёвас.

Краснодаралъул ракь гIуцIаралдаса 75 сон тIубаялда бан тIобитIулеб букIараб «Кунаки» абулеб фестиваль рагIалде бахъана гьеб анкьалъул авалалда. Гьеб гIуцIун букIана шагьаралъул Лазаревское абулеб мухъалъул администрациялъул, Россиялъул журналистазул Цолъиялъул ва Сочиялда бугеб Миллиял культурабазул централъул хIаракаталдалъун. Гьелъие квер-бакъи исана гьабун буго Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгрессалъги. Фестивалалда гIахьаллъизе рачIун рукIана россиялъул 19 регионалдаса ва Абхазиягун, Белоруссиялдаса ва Украиналдаса журналисталгун режиссерал.

Фестивалалъул президент ва этно-конфессионалиял проблемабазул Централъул директор Сулиета Кусовалъ бицана информалатазе «Кунаки» абулеб фестиваль гьеб щулаго бохдузда чIараб проект бугин ва гьелъул мурад бугин Россиялъул жанубияб рахъалда жакъа бугеб ахIвал-хIал хIакъикъаталдаги бугеб хIалалда бихьизабийин. Шималияб Кавказалъул сипатлъун федералияб информациялъул майданалда гIатIидго тIибитIизабулеб лъицалиго ургъун бахъараб маргьу гуреб, хIакъикъияб Кавказ бихьизабиян.

Фестивалалда гран-при малъичIого кьураб кIиго тIоцебесеб бакIалъул цояб щвана чачаналъа режиссер Залина Лакаевалъе. Гьениб бихьизабун букIана гьелъ бахъараб «Эбелалъул ракI» абулеб фильм.

Залина: «Эбелалъул ракI» абулеб гьеб фильмалда бицунеб буго Эпендиева Зарган абулей чачаналъулъ хIакъалъулъ. 2000 соналъул ноябралда гьелъ гулидаса жиндаго нахъа вахчизавула гIурус офицер Александр Очкаркин. Гьелда щола гьесде кьвагьулеб букIараб лъабго гула ва гьелдаса нахъе Зарган хутIана инвалидазул гьакида юхьун. Гьеб фильм дица цоги фестивалаздаги бихьизабун букIана гьенирги гьелъие щун рукIана батIи-батIиял шапакъатал».

Хас гьабун гьеб темаялда сверун жинца фильм бахъиялъе гIилла Залинаца бичIчIизабуна миллаталъул сипат хIакъикъаталдаги кинаб бугебали бихьизабизе букIараб гъираялъун.

Залина: «Дие бокьун букIана гьей гIаданалъул хIакъалъулъ кIванагIан цIикIкIун гIадамазда лъазабизе. Гьеб лъугьа-бахъин 12 соналъ цебе ккун букIаниги, гьелъул хIакъалъулъ лъалев чи гьечIоан. Дида гьеб лъана 2005 соналъул ахиралда. Зарганил сипаталдалъун дие бокьун букIана кавказалъул руччаби рихьизаризеги. Гьеб киналъулго, дида ккола, жакъа кIудияб кIвар бугин, щайгурелъул россиялъул прессаялда кавказалъулал сурукъго рихьизариялъул хIужаби цIикIкIунел рукIиналъ. Цо-кIиго чияс гьарурал сурукъал ишаздалъун къимат кьолеб буго тIубарал миллатазе.

Гьел сурукъал ишал гьарун гьечIонигицин яги гьезул гIиллаби рукIа-рахъиналъул рукIаниги хIаракат бахъулеб буго тIубараб миллият квешго бихьизабизе. Гьединалго лъугьа-бахъинал гIурусаз жидеда бадир гьарулел ругонигицин гьел рихьуларо ва рихьаниги гьезие кьолеб къимат батIияб букIуна.

Гьелъие мисалалги дагьал гьечIо.

Дида ккола улкаялъул нухмалъиялъ кIудияб кIвар кьезе кколин гьитIинал миллатазул суалазейин. Гьезул тарихалъул, культураялъул ва гIадатазул цо нилъеца гуребги, федералияб даражаялда бицине кколин ва гьебги гIемераб халкъалда рагIине кколин».

Цогояб пачалихъ Россия цIунизе ккани, россиялъул тIалъиялъ рукьналъанго хисизабизе кколин Кавказалда сверун гьабулеб политикайин рикIкIунеб буго режисералъ.

Зарина: «Ниж чIвадарухъабиги гуро, террористалги гуро, хъачагъалги гуро. Рес къотIуде ккезабураб мехалда гIонкIкIоцацин хIанчIула. Гьанибин абуни геноцид халат бахъунеб буго гIасрабаз.

Заман щун буго Зарган ЭпендиевагIадал гIадамазе, нижер хъвадарухъабазе, поэтазе рагIи кьезе. Олимпиадаялда месед босараб мехалда абуларогури гьел кавказиял ругин абула россиялъулал ругин. Кинаб букIаниги гIадлу хвезабураб хIужа ккани, батIа гьабун рихьизарула кавказалъулал ругин абун. Довго спортсмен Мирзаев Расул ракIалде щвезавуни. Гьев туснахъалъув жанив ккун вуго кавказияв вукIиналъ.

Гьесда хадуб чан ккечIеб гьединабго ай цо кьабураб жоялъ чи хвейгIадаб лъугьа-бахъин гIурусазухъан. Щай щибго рагIулеб гьечIеб гьезда тIад гьабулеб диваналъул процессазул? Цогояб пачалихъ Россия цIунизе ккани, россиялъул тIалъиялъ рукьналъанго хисизабизе ккола Кавказалда сверун гьабулеб политика».

Россиялъул нухмалъиялъ улкаялъул киностудиязе исана гьарурал малъа-хъваязда гьоркьоб букIана кавказиязул сипат лъикIаб рахъалдасан бихьизабизе кколин абурабги.

Гьелъухъего, Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгрессалъул нухмалъулев Алий Тоторкуловасул рагIабазда рекъон, гьеб фестивалалда рихьизарурал фильмал россиялъул телевидениялдасан гIемер рихьизарун гIемерав чиясухъе щвезаризе ккола. Гьедин гурони бажаризе гьечIо дунял битIараб ва лъикIаб нухде бачине.
XS
SM
MD
LG