МагъчIваялъе рес

Ихдалил тIоцебесеб байрам – Оцбай


Шамил мухъалъул Гьоор росулъ оцбаялъул байрам.
Шамил мухъалъул Гьоор росулъ оцбаялъул байрам.

МугIрузул Дагъистаналда 22 март рикIкIуна тIоцебесеб ихдалил къолъун. ГIадатлъун билълъухъе санайил гьеб къоялъ дагъистаналъул росабалъ кIодо гьабула тIоцебесеб рахъ бай - Оцбайкъоялъул байрам.

Дагъистаналда оцбанкъоялъул байрам тIобитIиялде кIудияб кIвар кьолаан цебе. Их чIараб къо - 22 марталъ росуго бакIарун кIудияб аваданлъиялда тIобитIулаан гьеб къо. ТIоцебесеб рахъ базе тIадкъалаан росулъго бищун хIурмат гьабулев, хурухъанлъиялъул киналго балъаголъаби лъалев чиясда.

Гьесул рахъда хадур хьвадулаго руччабаз гьари-рахьи гьабулаан хурцIун бачIагиян. Гьесда хадур рекерулаго лъималаз векьарухъанасда ракьул гIеркъал речIчIулаан. Гьебги оцбанкъоялъул гIадатазул цо бутIа ккола.

Амма умумузул цере рукIарал гIадатал кIодо гьари ва байрамал тIоритIи лъугIизе толеб бугеб гIадин оцбаялъул байрам кIодо гьабиги цебесеб ссиялда гьечIеблъи бихьулеб буго.

«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабуна Дагъистаналъул цо-цо мухъазда гьеб байрам кин тIобитIулеб бугебали. МугIрузул мухъазда ругел цогидал росабазда дандеккун Шамил мухъалда оцбанкъо кIодо гьабиялде кIудияб кIвар кьолилан бицана ниже гьеб мухъалдаса ГьитIинасул ПатIиматица.

Хасго лъикIаб оцбаялъул байрам букIанин мисалалъе араб соналъ Гьоор росулъ. Гьал къоязда кIодо гьабизе бугин Гьидерил мухъалда гъорлъе унеб Хучада росулъги. Мисалалъе гьениб оцбаялъул байрамалда цадахъ гьабулеб цоги гьадинаб гIадатги бугилан бицана ПатIиматица Эркенлъи радиоялъе.

ГьитIинова ПатIимат: «Хучада оцбанкъоялъул байрам лъугIун хадуб 15 сон барал гIолилал жамагIаталда цере рачуна. Гьелул магIна буго гьанже гьел балугълъун ругин бараб ахIулъги, ккараб къоги борхизе гьанже гьел хIадур ругилан абураб.

Гьанже годекIанир чIахIиязда аскIор гIодорчIезе изну бугин нижериланги гьикъула гьез. Щиб гьунар гьезул бугебали батIи-батIияб жоялъул хIалбихьизе тIамула гьел ва гьелдаса хадуб къабул гьабула гьезул мурадги»

Амма гIадаталда рекъон оцбайкъо кIодо гьабуниги рекьулел ракьазул иш беццизе ккараб хIалалъ гьечIилан бицана гьелъ. ЧIунтизе тун ругин гIемерисел росабалъ хурзал. Гьебго баян «Эркенлъи» радиоялъе кьуна Болъихъ мухъалдасаги.

Цебе гIадин кIодо гьабуларин жибго оцбаялъул байрамги.
ЦохIо мавлидалги тIоритIун цебе букIараб оцбаялъул байрамалъул хутIараб жого гьечIин жидер лъобагиян бицана Гумбет мухъалъул, маданияталъул бутIаялъул нухмалъулев ГIумардибиров МухIамадицаги.

ГIумардибиров МухIамад «Цере гIадин чуял риччан спортивиял тадбирал тIоритIуларо. Гьединаб гIадат букIанилан абун гурони цебегIадин кIодо гьабуларо гьеб.

ЭР: «Дур хIисабалда кинаб гIилла бугеб гьеб гьедин ккеялъе?»
ГIумардибиров МухIамад «Гьанже гьал рухIиял нухмалхулезги хIетIе кколеб гьечIишха батIи-батIиял маданияталъул тадбирал тIоритIиялда цебе.

Гьенир кьурдаби гьариги, миллияб ретIел ретIун церерахъинги диналде дандекколареб жоялде гъорлъе бачунеб бугоха гьез гьеб. Ниж гьелда тIад хIалтIулелги ругоха, мухъалъул нухмалъулесеги бокьун буго гьеб байрамалде нахъруссине. БачIинеб батилаха гьединаб заманги.

МухIамадица гьединго бицана оцаз хур бекьулев чиги жидер мухъалда хутIун гьечIилан. Цояз чуяз, цо-цояз тракторалъ рекьулел ругин гьел гьанже.

Гьанжесеб гIелалда умумузул букIараб рекьул алат кинаб букIараблъи лъазе букIине пуруц рукь бакIарун гьелъул музей гIуцIун буго МухIамадица
ТIубанго Оцбаялъул байрам кIодо гьабуларелад чанго сон буго мисалалъе Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъ ва нижехъе щварал баяназда рекъон гьединал росаби гIемер руго жакъа магIарухъ.

Гьелдаго цадахъ цере умумузул рукIарал цIар бугел, гIемераб бачIин жаниса бакIарулел рукIарал хурзал рекьичIого чIунтизе тун руго чанго магIарул росулъ, гIемерав чи гочунев вуго шагьаралде.

Гьединлъидал умумузул рукIарал лъикIал хурзабазул ва аслиял байрамазул цояб, оцбаялъул хIакъикъат гьанжесеб гIелалда лъазехъин буго гIицIго чIахIиязул биценаздаса ва гьез рахъарал суратаздаса.
XS
SM
MD
LG