МагъчIваялъе рес

Спортивияб шавкъ, миллатчилъи, ракIчIегIерлъи - данде кколелда гъоркь хIучч цIай!


"Анжи" командаялъул фанатал Москваялъул "Локомотив" клубалъул стадионалда
"Анжи" командаялъул фанатал Москваялъул "Локомотив" клубалъул стадионалда

«Европаялъул Лига» турниралда тIобитIулеб футболалъул чемпионаталъул рахъалъ иргадулаб Анжиялъул хIаялъухъ балагьизе Москваялде рачIарал МахIачхъалаялъул команадаялъул фанатазде тIа –тIатIалаго гьужумал гьаруна россиялъул миллатчагIаз.

ТIоцебесеб тунка-гIусиялъе байбихьи лъуна Санкт- Петербургалъул «Зенит» командаялъул рахъкколез. АрбагI къоялда МахIачхъалаялдаса футбол бокьулезул 16 чиясде дандечIей гьабуна гьезул рахъалдаса 80 гIанасев чияс. Гьелъул хIасилалда лъукъана МахIачхъалаялъул рахъалдаса кIиго чи. Гьезул цояв «Анжи Спорт» газеталъул хIалтIухъан Керов ЯхIя захIматаб хIалалда азарханаялда вугин абураб баян къватIибе кьуна рузман къоялъ. КIиабилеб тунка- гIуси ккана хамиз къоялъ къаси сагIат 11 тIубалеб гIужалда. Гьаб нухалда рагъ- кьалалъе байбихьи лъун буго Москваялъул «Локомотив» командаялъул рахъкколез. Тахшагьаралъул «Чистые Пруды» абураб бакIалда ккун буго гьеб лъугьа -бахъин. КIиябго рахъалдаса лъиениги къварилъи ккун гьечIилан лъазабуна информациялъулал алатаз.

"Анжиялъул" футболистал жидерго командаялъул нухмалъулев Роберто Карлосгун
"Анжиялъул" футболистал жидерго командаялъул нухмалъулев Роберто Карлосгун
Аслияб куцалда гьеб питна байбихьиялъе гIиллалъун ккун рагIула Москваялъул командаялъул рахъкколез жидер клубалъул майданалда Дагъистаналдаса команадаялъ хIай тIобитIизе букIиналда жал рази гьечIилан абураб пикру загьир гьаби.
МахIачхъалаялъул фан клубалъул пресс- хъулухъалъул нухмалъулей ХIайбат Муслимовалъ бицана ЭР-ялъе Дагъистаналде тIадруссун щведал гурони жидеда гьеб лъугьа-бахъиналъул щибниги лъалеб жо букIинчIилан

Гьелъул пикруялда рекъон «Локомотив» командаялъул рахъкколезул тукнка- гIуси ккун батизе буго Москваялда ругел МахIачхъалаялъул командаялъул фанатазулгун. «Дикая Дивизия» абураб фан клубалъул цо бутIа гьенибги бугилан бицана гьелъ.

Амма ХIайбатица хадубги тIаде жубана «Локомотив» командаялъ гьеб дагIба -рагIиялъе байбихьизе букIараблъи жидеда лъалеб букIанилан

ХIайбат Муслимова: « Анжиялъул хIай тIобитIизе бугилан абураб хабар къватIибе бачIаралдаса нахъего «Локомативалъул» фанатал цIакъ рази рукIинчIо гьелдаса. Жидерго клубалъул президент Ольга Смородскаялъухъеги гIемерал кагътал хъвалел рукIана гьез, кавказалъулазе жидер майданалда хIазе изну кьогеян абун. Балагьараб мехалъ гьелъги гьезул тIалаб тIубачIеб куц бугоха. Гьелдаса хадуб Питералдасаги, Москваялдасаги- Кавказалда дандечIанщинал командаялъул вакилзабиги ракIарана гьез гьеб къоялъ. Аслияб мурадги гьезул букIана хадубккунисеб Еврокубкаялъул хIаял «Анжи-ялъ Москваялда тIоритIиялдаса гьеб махIрум гьаби.

Гьаб тIоцебесеб хIужа гуро МахIачхъалаялъул командаялъул рахъкколезул россиялъул комнадаялъул фанатазулгун гьединал тунка -гIусиял ккарал. Мисалалъе ,гьаб соналъул май моцIалда Краснодаралъул «Кубань» командагун хIалеб мехалъ кIиябго рахъалдаса фанатазда гьоркьоб ккун букIана рагъ. Гьединабго лъугьа- бахъин ккун букIана араб соналъул августалда Москваялъул «ЦСКА» комндагун хIай тIобитIулагоги. Доб мехалъ цIакъго хIалуцараб рагъ гьениб боркьидал хIай гьоркьоб къотIизабизе ккун букIана. Гьебго августалда МахIачхъалаялда «Анжи» команда С- Петербургалъул «Зенит» командагун хIалагоги ккун рукIана гьединалго тунка- гIусиял. ГIемерисезул пикруялда рекъон аслияб къагIидаялъ миллатчилъиялъул суал сабаблъун кколел тунка гIусиял руго гьел.

Амма Москваялда гIумру гьабун вугев Дагъистаналдаса Эльдаров Чупалавица абуна ЭР-ялъе гьениб миллатчилъиялул суал гуребги Анжиялдехун бугеб жахIдаялъулаб асаралъги кколин гьениб хасаб бакIилан:

Эльдаров Чупалав: «Нилъер бугелъулха Сулейман Керимовас гIемераб гIарацги кьун, цIия-цIиял хIазе гIолохъабиги росун , бергьинелъун хIадур гьабулеб команда. Россиялда абуни гIизагIан руго клубал хIукуматалъ харж гьабулеб гIарцуца хьихьун, тIаде цогидаб гIарацги щоларого. Гьедин «Анжиялъе» щолеб бугеб кумекги бихьун гьеб квеш букIарал чагIаз гьабулеб чороклъи буго гьеб кинабго».

«Анжи Спорт» газеталъул редактор Гьимат ГIамирхIамзаевас абуна, гьединал хIужаби ахираб заманалда жанир гIемерлъулел ругилан. Гьеб кинабго политикияб бербалагьиялде сверун бугин некIого, ва жиндир пикруялда гьеб киналдего Россиялъул нухмлъиялъ хас гьабун кIвар буссинабизе кколилан:

Гьимат ГIамирхIамзаев: «Гьаниб бищун квеш ккараб жо буго хIукуматалъ гьеб лъугьа- бахъиналдехун кинаб бугониги бербалагьи загьир гьабулеб гьечIолъи. Гьанибги иш хас гьабун футболалда жаниб гуро бугеб, улкаялда ахIвал хIал хIалуцунеб буго къо бахъанагIан, гIемерлъулел руго миллатчилъиялда хурхун кколел тунка- гIусиял. Дица рикIкIуна «Анжиялъ» гурин гьалъул ургъел гьабизеги кколеб, гьеб суалалде кIвар буссинабизе кколин улкаялъул нухмалъиялъ. Къанун хIадуризе ккола, чияс жинца гьабураб ишалъухъ гуребги, кIалдиса къватIибе араб рагIухъги жаваб кьезе кколеб. Щайгурелъул миллатчилъиялъул мисалалда гIадамал цоцаде гьусулел хъвай-хъвагIаял тIоцере интернеталъул гьурмазд а загьирлъула, гьенисан халкъалда гьоркьобги тIиритIула. Нахъеги такрар гьабун абила пачалихъалъул нухмалъиялъ кIвар буссинабизе ккола гьалде, гурони хадур хIасилал цIакъго пашманал рукIинин ккола.»

Гьаниб абичIого гIоларо ахирисел тунка гIусиязе байбихьи Россиялъул командаялдаса фанатаз лъун букIаниги, Дагъистаналдаса футбол бокьулезги гьединаб бакIалда жидерго гIамал кIодолъи бихьизабун, гIадлу- низам хвезабиялъул мисалалги цIикIкIун ругеллъи. Гьелда тIасан жиндирго пикру загьир гьабулаго «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Бияхъай МухIамдовасни абуна жинда лъикIаблъун бихьулин футбол, гугари гIадал жидеда сверухъ кIудияб ахIи-хIур бахъинабулел спорталъулал тайпаби тIуранго лъугIизаризе кколилан. ЦохIого хIажатаб хъуй бахъинби, гIадлу низам хвезабиялъул хIужаби цIикIкIин гурони гьездаса тIокIаб щибниги пайда бихьулеб гьечIо гьесда.

МахIачхъалаялъул фанатаздехун гьабураб рокьукъаб ишалда тIасан жиндирго пикру загьир гьабуна Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамад-Салам МухIамадовасги. Гьес к1вар буссинабуна гьеб тIоцебесеб хIужа гуреблъиялде Анжиялда хурхун миллатчиялъиялъул асар гьабиялъул. Амма гьеб тIоцебесеб нух бугин улкаялъул тарихалда жаниб нилъерго пачалихъалъул клубалъе халкъазда гьоркьосеб къецазда гIахьалъиялъе квал- квал гьабулеб, нилъерго команда чияраб гIадин къабул гьабулебин, жубана республикаялъул бет1ерас.
XS
SM
MD
LG