МагъчIваялъе рес

Муса ХIадисов: «Къануналда тIад политика букIине кколаро»


Москваялдаса адвокат Муса ХIадисов
Москваялдаса адвокат Муса ХIадисов

Грозныялда концерталъул залалъул кIалтIа кьвагьи бахъиндал Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадыровас абуна, цебекунго нахъ чIван бугин кIудияб теракт. Кьвагьулеб алат хIалтIизабунин полициялъул ретIел ретIарав живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас.

«Гьел шайтIаназе бокьун букIанин байрам хвезабизе», - ян мухIкан гьабуна Кадыровас. Хадуб баянлъана кьвагьи гьабурасул цIарги -19 сон барав Апти Мурадов.

Рамзан Къадыровас рагIи кьуна теракт хIадур гьабурал ратизе ва гьел чIвазе ругин абун. Жанисел ишазул министерлъиялъул баяналда рекъон гьес жиндирго рукъ тана кIиго моцIалъ цебе. ГIага-божараз абулеб букIана жидеда лъаларин кив гьев вугевали.

Рехсараб теракталъул хIасилалда щуго полициялъулав чIван вугин ва анцIила кIигояв лъукъанин. Итни къоялъ Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ лъазабуна гьеб теракт букIун гьечIин, гьеб букIанин полициялъулал чIвазе гьабураб къасд.

Адвокат Муса ХIадисовас гьеб мекъилъун рикIкIула.

Муса ХIадисов: «Гьеб теракт букIинчIин, гьеб букIанин полициялъулал чIвазе гьабураб къасдилан гьез гьабураб лъазаби - гьеб буго тIубанго мекъаб иш. Гьеб такъсир унго-унгояб терактлъун рикIкIине ккола.

Гьесие полициялъулал чIвазе бокьун батанани - гIемерал гIадамал ругеб концертал кьолеб залалде гъов инароан. Террористикияб акт - кьвагьи гьеб букIа, цIа ккей букIа, цогидаб иш букIа - гьеб ккола гIадамазе хIинкъи кьей.

Терактал кидаго гьарулел руго пачалихъалъул политикаялдаса разилъи гьечIел гIадамаз.

Гьезул мурад - жидерго проблемаялде пачалихъалъулги халкъалъулги кIвар буссинаби. Гьединлъидал дица гьадин абила: дов террористасул мурадлъун букIанин гIемерал гIадамазул сахлъиялъе кIудияб зарал гьаби, чIвадари гьаби.

Полициялъулал чIвазе гьесие бокьун букIун батани - гьес гьеб кьвагьи гьабилаан гIемерал полициялъулал ругеб бакIалда».

Ахирисеб заманалда цо-цо политиказ, аслияб къагIидаялда гIурус миллатчагIаз эхеде борхизабулеб буго «Кавказ кваназабизе гIелин» абураб игIлан.

Гьединал гIадамал разиял гьечIо Россиялъул бюджеталъ хасго Чачан Республикаялъе гIарцул хIат хун кIудияб къадар кьеялдаса. ТIадтаразе бокьилаанин бихьизабизе гьединаб гIарац гIадада гуреб кьолеблъи.

Муса ХIадисов: «Гьединаб такъсир, ай - теракт - бахчун тани, гьелдалъун пайда щвела тIадтаразе. Республикаялда рекъел ва паракъалъи буго ян абизе рес кьолеб. "Гьенир терактал рукIунаро, халкъалда ва тIалъиялда гьоркьоб рагIирекъонгутIиги гьечIо" ян абулаго».

Гьеб кинабго хIисабалдеги босун, дица гьабулеб буго дирго гьадинаб хасаб пикру: гьеб ккола унго-унгояб такъсир бахчун тей».

ЭР: Кин дуда кколеб, теракт гьабурав чIаго хутIаравани, гьесде кинаб гIайиб гIунтIизабилаан тIадтараз?

Муса ХIадисов: «Нагагьлъун гьев чIаго хутIаравани, ва гьесде гьадинаб гIайиб, ай - полициялъулал чIвазе къасд гьабиялъул гIайиб - гIунтIизабурабани, тамихI дагьабниги тамахаблъун букIинаан. 318 статьялда рекъон. Теракт гьабиялъухъ хIатта гIумруялъго жаниве тIамизецин рес буго».

ХIадисов Мусаца абулеб буго, Россиялъул тIадтараз юридикияб низам нахъ чIван, тIоцебесеб бакIалде политикиял интересал лъолел ругин, ва гьеб бугин кIудияб гъалатIилан.

Муса ХIадисов: «Гьеб кинабго хурхараб буго ЦIех-рехалъул комитеталъул хIукмуялда. Низам цIунулезе ва Рехсараб такъсиралъе политикияб хасият кьезе бокьун гьечIо гъозие. Гьединлъидал абизе ккараб буго - гьеб ккола гIицIго политикияб аспект. Политикияб магIна буго».

XS
SM
MD
LG