МагъчIваялъе рес

Шималияб Кавказалда хурхараб иргадулаб доклад


Дагъистан. Иргадулаб хасаб операциялъул хIасил. Губден росдал сверухълъи, 2012 соналъул май моцI.
Дагъистан. Иргадулаб хасаб операциялъул хIасил. Губден росдал сверухълъи, 2012 соналъул май моцI.

«Шималияб Кавказ. Интеграциялъул захIмалъи, пачалихъияб нухмалъи, рищиял ва низамалъул тIалъи» - гьадинаб цIаралда гъоркь гьалкъояз Брюсселалда загьирабун бугоан Халкъаздагьоркьосеб кризисалъул къукъаялъул доклад.

Халкъаздагьоркьосеб кризисалъул къукъаялъ жиндирго докладалда кIудияб кIвар кьолеб буго Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалъе. Доба халат бахъунеб рагъулаб конфликт Европаялда бищун бидулаблъун кколин абулеб буго докладалъул автораз.

2012 соналда гьенив чIван вуго 700-гIан чи ва лъукъана 525-гояв. 2013 соналъул тIоцебесеб бащалъуда минимум 212 чи чIван ва 253 чи лъукъун вуго.

Бищун борхатаб даражаялда зулму бихьулеб буго Дагъистаналда, кIиабилеб бакI кколеб буго Чачан республикаялъ ва Гъалгъастаналъ.

ХIалуциналъе аслияб гIиллалъун кризисалъул къукъаялъ рикIкIунеб буго территориалиял суалазда, административиял гIурхъабазда ва магIданазда сверухъ рагъарарал бахIсал.

Квешаб асар ахIвал-хIалалъе гьабулеб буго диниял ва миллатаздагьоркьосел питнабазги. Пачалихъиял хъулухъчагIазда кIоларин ритIухъаб политикияб вакиллъи ва низамалъул тIалъи чIезабизе. Гьелдалъун экономикаги цебетIолеб гьечIин, абулеб буго докладалда.

1999 соналда Владимир Путин квершалиде вачIун хадусала гьес тIубанго нахъе бахъана Совет Союз шушаралдаса хадуб Россиялъул регионазе щвараб автономия. Гьеб ишалъул хIасилалда гьес гIуцIана Кремлалъул зарукь тIубараб квершел бугеб тIокIаб пачалихъ.

Докладалда рехсон руго парламентиял рищиязда хIилла-макру гьабиялъул хIужаби, гIаммал рищиял нахъе бахъи ва цогидал демократиялде данде кколарел ишал.

Гьезда гъорлъ – гIадлу-низам цIунулел гIуцIабазул хъулухъчагIаз гьабулеб зулму. Гьелъул хIасилалда гIемерал гIолохъанал кавказиял рохьоре ун, яргъид гIуцIараб къеркьей гьабулеб бугин.

Халкъаздагьоркьосеб кризисалъул къукъаялъ кьолел руго гIемерал рекомендациял Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялда хурхарал. Рехсезин аслиял:

Миллатазда гьоркьор ругел конфликтазе ахир лъезелъун Россиялъул Федерациялда тIадаб бугин гIатIидаб программа ургъун, Шималияб Кавказ социалияб, политикияб, культурияб ва экономикияб интеграциялде бачине ва Россиялда ксенофобия дагьлъизабизе.

Кавказ республикабазул хIукуматазда тIадаб бугин пачалихъиял хъулухъазде киналго этникиял къукъабазул вакилзабазе нухал рагьизе, ракьул суалал рагIалде рахъинаризе ва гражданияб идентификация, ай хаслъи цебетIезабизе.

Яргъид гIуцIарал къукъабазде данде гьаризе кколел ишазда гъорлъ тIоцебесеб иргаялда рехсолеб буго Жанисел ишазул министерлъиялъе къваригIунеб реформа ва низам цIунулезул хIалтIи ритIухъаблъун гьабизаби.

Официалияб гуреб динияб гIаркьелалъул вакилзабазда хадуб хал кквей гьабуге ва къуваталъулал гурел тадбирал тIоритIе гьединал гIадамал диалогалде цIалаго ян абураб гIакълу кьолеб буго Кризисалъул къукъаялъ.

Къанунал хвезаруларел фундаменталистазде данде гьарулел репрессиял ахиралде швезаре, ян чIван къотIун абулеб буго рехсараб докладалда.

ХIакъикъаталдаги, яргъид гIуцIарал бусурбаби гурелги, хIатта паракъатIго чIолел гIолохъанал такъсирчагIилъун рикIкIунел руго Россиялъул ва бакIалъулал тIадтараз.

Гьадин абулеб буго «ХIизб-ут Тахрир» абулеб динияб багъа-бачариялъул гIахьалчи, гIурус миллаталъул бусурбанчи ГIабд ар- Рахман Багъавица ва рачула цо-цо пашманал мисалал.

ГIабд ар- Рахман Багъави: «16 сентябралда Дагъистаналъул Гъизляр шагьаралда речIчIун чIван вуго нижер диналъул вац Гъаппаев ГIабдуллагь. ГIемерал диниял хIаракатчагIи ва рухIаниял чIван руго цереги. Гьез дов Гъаппаевас гьабуралдаса чанги кIудияб иш гьабуна Ислам диналъе гIоло.

Амма ГIабдуллагь чIвай ахирисеб къатIралъун ккана. Сабру лъугIана. Россиялъул исламияб жамагIаталъул рахIат хвезабун буго. 17 сентябралда Россиялъул цо диваналъ хIукму гьабуна Къуран гьукъизе ва цо-цо экземплярал тIагIинаризе. Бихьулищ нужеда! Кинха сабру гьабилеб?

ТIолго Россиялда протесталъул акциял тIоритIана. Красноярскалдаги, Москваялдаги, Петербургалдаги цогидал шагьараздаги бусурбабаз политикияб жигарчилъи бихьизабуна.

Дие бокьилаан абизе гадинаб жо Россиялъул тIадтараз гьарулел гьадинал ишаздалъун бусурбаби рорчIула!»

«Шималияб Кавказ. Интеграциялъул захIмалъи, пачалихъияб нухмалъи, рищиял ва низамалъул тIалъи» ян абураб цIаралда гъоркь гьалкъояз Брюсселалда загьирабураб доклад ккола Халкъаздагьоркьосеб кризисалъул къукъаялъул иргадулаб лъабабилеблъун.

Цебесеб кIиго доклад загьирабун букIана 2012 соналъул октябрь моцIалда.
XS
SM
MD
LG